МагъчIваялъе рес

«Ихтиярал цIунулел кколел руго квекIенлъун…»


23 маялъ щалали лъаларез ккун вачун арав жамгIияв хIаракатчи МухIамад МухIамадов МахIачхъалаялъул Жанисел ишазул бутIаялда ватун вуго.

Гьесда изну гьечIого цIунараб ярагъ батиялда щаклъи бугин лъазабулеб буго адвокатас. Живго МухIамадовас гьеб ярагъ жиндихъе рехараб бугин лъазабун бугила ва сурав босулезе жавабал кьезе инкар гьабулеб бугила.

23 къоялъ къасиялдеун лъанин жидеда МухIаммад МахIачхъалаялъул Ленинский мухъалъул Жанисел ишазул бутIаялда ккун вукIин, амма гьенире щведал гьев вихьизе течIин, баян гьабулеб буго «Союз справелдивых» абураб жамгIияб гIуцIиялъул вакил Абакар Абакаровас.

МухIамадов живго кIалъан вачIанила жив вугеб бакI лъазабизе, гьес абунила жиндихъе ярагъ рехун бугин, амма тIокIаб тIаде жо абилалде телефон свинабунила.

Гьеб къоялъ, Дагъистаналъул Пачалихъияб университеталъул ректораталда букIараб данделъялде вачIунев вукIарав жамгIияв хIаракатчи тIад маскIаби ххурал, щалали лъаларел чагIаз цо рахъалде ккун вачун ун вукIана. Гьеб лъугьа-бахъиналъул нугIзаллъун рукIарал гIадамаз бицухъе, щалали лъаларезе кинабгIаги квекIен гьабун гьечIо гьенир рукIарал полициялъулаз.

Жанисел ишазул бутIаялъул кIалтIа вукIарав жамгIияв хIаракатчи Идрис Юсуповас «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна жидеца ккурав вихьизе тезе кьураб гIарзацин къабул гьабичIин гьениб. 24 къоялъ МухIамадов Каспийск шагьаралъул заманалъул туснахъалде вачанин, гьенив жинда гьев вихьизе танин бицана «Эркенлъи» радиоялъе ккурасул адвокат МухIамад МухIамадовас. Гьесул рагIабазда, МухIамадовас инкар гьабулеб буго цIех-рехчагIазе жавабал кьезе ва гьеб ярагъ гьесул букIиналъе мукIурлъулев гьечIо.

МухIамад МухIамадов: «ГьабсагIат дица цIунулесул иш буго сурав босулеб бутIаялъухъ. Гьесде официалияб куцалъ гIайиб гIунтIизабун гьечIо, гьев ккола щаклъи бугев гьабсагIаталда. МухIамадица инкар гьабулеб буго показаниял кьезе, гьесул конституциялъул ихтияр ккола гьеб. Гьесдехун ккун хадуб кинабгIаги хIал гьабун гьечIо. Кколеб мехалда жинда аскIоре рачIун щалали лъаларел чагIаз тIалаб гьабунила цадахъ вилълъайин бицана дида МухIамадица. Амма гьес инкар гьабидал, гьурмалъ кьабун мегIер жагъал гьабун буго. Гьединго, машинаялда жанив къазавулев мехалъ дандечIей гьабулеб букIиналъ чанго нухалъ черхалдаги кьабун буго гьесул».

Адвокатас баян гьабухъе, чи кколеб хIалалъ Жанисел ишазул бутIаялде ахIулеб кагъат бихьичIогон, хIал гьабун бокьараб бакIалдаса ккун вачин ругьунаблъун лъугьун буго низам цIунулезул.

Ахираб заманаялъ гIадамал рикъи, ярагъ рехун кквейялъул хIужаби гIемер ругин, гIицIго ихтиярал цIунулел ва жамгIиял хIаракатчагIи кколин гьединал лъугьа-бахъиназда данде чIарал чагIийин баян гьабуна «Союз справедливых» абураб гIуцIиялъул вакил Абакар Абакаровас.

Абакар Абакаров: «ГIаммаб тенденциялъун лъугьун буго Шималияб Кавказалда ярагъ рехун, гIадамал кквей. Гьелъие гIилла буго экстремизмалда данде хIалтIи гьабиялъе гIемер гIарац биччалеб букIин, гьеб гIарац биччазе кканани гьабулеб хIалтIи букIине ккола. Гьедин, низам цIунулез гIадамал кквеяда данде ругел чагIи ккола жамгIиял хIаракатчагIи. Хас гьабун МухIаммад ккола гьезда гъорлъ бищун гIемер хIалтIи гьабулезул цояв. Гьелъ гьевги ккун вуго».

Россиялъул къануназда рекъон, щаклъи букIиналда хурхун ккурасе диван гьабун кинаб тамихI гьабилебали хIукму къотIизе кколин, гурого гьев тIокIалъ тIаде кквезе изну букIунарин баян гьабуна ккурасул адвокатас.

МухIамад МухIамадов: «25 маялъ гьев ккуралдаса бараб болжалазда рекъон, гьесие хIукму къотIизе ккола. Нижеца тIалаб гьабизе буго гьев рокъов туснахъ гьави, амма диваналъ гьев жанив тIамизеги хIукму къотIизе бегьула. Гьеб тамихI ккола цо моцIил болжалаз букIунеб жо, цIех-рех тIобитIулебгIан мехалда. Живго МухIаммадица инкар гьабулеб буго сурав босиялда жавабал кьезе».

Диваналъул данделъи бакъанидехун букIине кколин тIаде жубана адвокатас. ЦIех-рехалъул идараялда жамгIияв хIаракатчи кквеялда хурхун киналгIаги баянал кьолел гьечIо. Гьединго баянал кьезе инкар гьабулеб буго Ленинский мухъалъул Жанисел ишазул бутIаялдаги.

XS
SM
MD
LG