МагъчIваялъе рес

Пальмира "Исламияб пачалихъ" гIуцIцIиялъ бахъана


Пальмираялда рукIарал тунка-гIусиязда Сириялъул армиялъул щунусгоялдаса цIикIкIун солдат чIванилан, лъазабулеб буго информалатаз. Радикалиял исламистазул аскариязда гъорлъе унев гIаммаб къагиIдаялъ 600 чи чIванин, бицана улкаялъул хIукуматалъул вакилаз. Прессаялъ лъазабухъе, Пальмираялда рукIарал кьвагьа-гIанхъиязда чIвана Дагъистаналдаса «рохьилазул» къукъаги. Чан чи гьелда гъорлъ унев вукIаравали мухIканго лъалеб гьечIо: цояз лъазабухъе, лъабго дагъистанияв чIвана, цогидазул баяназда рекъон, 40 чIвана, руго сайтал 60 дагъистанияв чIванилан хъваралги. Гьединго тунка-гIусиязда нусгоялдаса цIикIкIун гражданиявги хун вуго.

Пальмира ккола Сириялъул некIсияб шагьарлъун. 2013-леб соналда Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул лъай кьеялъул, гΙелмуялъул ва культураялъул рахъалъан гΙуцΙи ЮНЕСКОялъ тΙолабго дунялалъул ирсалъул сияхΙалде жубана улкаялда унеб гражданияб рагъалъе гΙоло хΙинкъиялде гъоркье ккун бугеб сириялъул анлъго шагьаралда ругел объектал. Рехсана Дамаскалда, Босреялда, Алеппоялда, Пальмираялда ва цогидал бакΙазда ругел некIсиял минаби, памятникал ва гь.ц. объектал.

Тарихалъул памятникал Пальмираялда «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде гъорлъе унез хвезаризе ругин хIинкъун руго тарихчагIи. ГIиракъалдаги гьеб гIуцIиялъул гIахьалчагIаз риххизаруна некIсиял шагьаразул хутIелал. Мисалалъе, интернеталда лъун буго некIсияб Ассириялъул тахшагьарлъун букIараб Нимрудалъул хутIелал бульдозеразул кумекалдалъун ва кьвагьизариялъул къагIидаялда риххизарулеб куц бихьизабураб видео.

Гьебго жо радикалиял исламистаз Пальмираялда гьабизе бегьула гьанже. Рималъул архитектураялъул чIватIелал ратизе бегьулаан Пальмираялда. ТIоцебесеб гIасруялда Пальмира Рималъул империялде гъорлъ бачIинабуна. Гьелдаса хадуб шагьаралда лъикIал хиса-басиял кканилан рикIкIунеб буго тарихчагIаз.

Пальмираялда гIумру гьабулезе киназего шагьаралдаса гочине щвечIо ва гьелдалъун инсанасул ихтиярал цIунулел хIинкъун руго радикалаз гьел гIадамал чIваялъул акциял гьаризе бегьилин. Гьединал тадбирал чанги нухалда гьаруна жигьадистаз ва гьел тадбиразда Дагъистаналдаса «рохьилалги» гIахьаллъана. Мисалалъе, интернеталда «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул сайтазда лъун ругел видеороликазда гъорлъ батизе бегьула Дербенталдаса рохьилаз гIадамал чIвазе буюрухъ кин кьолеб бугебали.

Пальмираялда чан кавказалъулав вугевали экспертазе абизе захIмалъулеб буго, амма «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялда, батIи-батIиял къиматазда рекъон, гIага-шагарго кIиазарго дагъистанияв вуго. Гьезда гъорлъан чанги чи тIадвуссунев вугин лъазабулеб бугоан Дагъистаналдаса низам цIунулез. Гьелдалъун экспертаз абулеб буго ахIвал-хIал Шималияб Кавказалда жакъа къоялда парахалъулеб батаниги, Сириялдаса тIадруссунез гьеб хIалуцинабизе бегьулин.

«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялдаса Россиялъе хIинкъи букIина экономикияб хIал улкаялда кризисалде кканиилан абун букIана «Эркенлъиялъе» политолог Алексей Малашенкоца.

Алексей Малашенко: «Жакъа къоялда ва гIагараб заманалда Шималияб Кавказалъе "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялдаса хIинкъи бугин абизе дида кIоларо. Гьелда сверухъ унел ругел харбал ккола цIакъго кIодо гьарураллъун. ТIадежоялъе, цо-цо политиказ ургъунго гIемер бицунеб буго "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъул. Гьезда бигьаяблъун батана, мисалалъе, жидерго улкаялда бугеб терроризмалъул бицичIого, цогидаб улкаялда бугелъул бицине. Цо жо буго аскIор ругел исламистазул бицине, цогидаб - дора кире ругел лъаларезул бицине. Амма "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялдаса хIинкъи буго Россиялъе. Гьеб бан буго улкаялда букIинесеб экономикияб ахIвал-хIалалда. Гьеб хIал батIаго лъикIаб гьечIо жакъа къоялда, метер гьеб жеги хIалуцинехъин буго. Шималияб Кавказалъул регионазул экономика Россиялъул бюджеталда бараб буго. Централдаса рачIунел дотациял дагьлъила ва гьелдалъул социалиял гIузраби республикабазда цIикIкIине руго. Экстремизм тIибитIиялъе квербакъи гьабулел аслиял гIиллабазда гъорлъ социалиял масъалаби руго. Гьединаб хIалалде Россия кканани "Исламияб пачалихъалдаса" хIинкъи букIине бегьула».

Кавказалдаса «рохьилал» тIадруссине ругилан абулеб буго, гьеб масъала кIкIвар кьезе кколеблъун рикIкIунеб буго, амма киса-кибего республикабазул нухмалъулез бицунеб буго лъикIлъараб ахIвал-хIалалъул, амма гьез ва низам цIунулез цо жо хIисабалде босулеб гьечIо: нахъруссине ругел дол чагIи рагъда гIахьаллъана, рагъулал ругьунлъаби гьаруна гьезие базаязда, тIадежоялъе гьелгун идеологияб хIалтIи гьабуна.

XS
SM
MD
LG