МагъчIваялъе рес

«Ракь букIине ккола гьелде рокьи бугев чиясухъ»


​Дагъистаналда хIадур гьабулеб буго киналго росдал магIишаталъул ракьазул приватизация гьабиялъул хIакъалъулъ къануналъул проект.

Гьеб гIумруялде бахъун хадуб тIокIаб лъиениги пачалихъалдаса чIобого ракь щвезе гьечIо, гьез гьеб бичун босизе ялъуни цогидаб нух батун тIалаб гьабизе ккола. Росдал магIишаталъул хIалтIухъабазда гьелъулъ лъикIаб рахъ бихьулеб гьечIо. Амма экспертаз гьелъул рахъ кколеб буго.

Гьеб къануналъул проект кIиго-лъабго моцIиде хIадур гьабун бахъинабизе тIадкъай кьун буго Росдал магIишаталъул министерлъиялъе, республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас. Ракьул суал сабаблъун жакъа магIарухъ чанги бакIалда дагIба-рагIиялде бачIунеб бугин ишилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе тарихчи ва магIарулазул Миллиябгун Маданияб автономиялъул нухмалъулев хисулев, Маркъо ШагIбановас. Мисалалъе ракьги хIалтIизабун, гIи-боцIиги хьихьун магIишат гьабизе бокьарав чияс цо рехун тараб ракь хIалтIизабизе тIаде босани, кIанцIун вачIунев вугин цогидав, гьеб жиндир умумузул букIараб ракь кколин, дур ихтияр щибин гьелда тIад ханлъи гьабизеянги абун. Амма хIакъикъаталде балагьани гьесул умумузул ракь гьеб букIарабалъи тасдикъ гьабулел документал къанагIатги рукIунарин. Гьанжейин абуни къануналда рекъон гьабулин ракьазул суал. Гьеб бакIалда Маркъо ШагIбановас тIоцевесесул рахъ кколеб буго, щайгурелъул ракь букIине кколин унго-унголъунги гьелде рокьиги бугев, гьелда тIад хIалтIизе ниятги бугев чиясухъ.

Маркъо ШагIбнов: «Нилъеца гьениб чанго жо хIисабалде босизе ккола. ТIоцебе абуни гьеб буго республикаялъул экономика цебетIей. Шагьаралда гIодовги чIун жиндир умумузул ракь бугин гьебиланги абун, рехун гьебги тун чIарасухъиш гьеб лъикI, унго-унголъун гIетIги тIун гьеб хIалтIизабизе гъеж гурарав чиясухъиш? Дир хIисабалда кIиабилесухъе кьезе ккола ракь. КIиабизе босани, ритIухълъигиха. РитIухълъиялъул кьучIалда нилъеца къанунги къабул гьабизе кколаха. Къанун цо хасав хIакимасул ботIролъ бижун бачIараб пикруги, гьесие гIололъун къабул гьабулеб жо гурелъун. Гьеб буго гIакълу бугел чагIигун дандги бан, лъикIал квешал рахъалги рорцун къабул гьабулеб хIукму. Гьелдалъун мурадги букIуна халкъалъул рукIа-рахъинги, цогидабги рахъ лъикIлъизабиялъе пайдаги букIинин гьелъулилан».

Гьединлъидал ахIи базецин бегьулеб хIалалде бачIун бугин иш, ракь щвезе бокьарав чи гьанжего вагъа-вашарейин хадуб тIокIаб гьесул гьединаб рес букIунарилан абулеб буго Маркъо ШагIбановас. Амма гьеб къанун къабул гьабуни иш рагъде бачIине бугилан рикIкIунеб буго Гъуниб мухъалъул Гьонодаса, росдал магIишаталъул хIалтIухъан ГIамирханил МухIамадица.

ГIамирханил МухIамад: «Жиндирго умумузул ракь тIалаб гьабулев чиясда лъала гьеб къанун къабул хадуб тIокIаб жинда гьеб ракь бихьунгутIи, гьебмехалъ гьес абизе буго гьаб ракь жиндир бугин мун довегIан чIайилан. Нижер росулъ ахирисеб нухалъ ракь дандбалеб мехалъги ккана гьедин. Шагьаралда рукIаразги, цогидазги тIалаб гьаруна жидерго умумузул ракьал, хадур чIунтизеги тана. Дир хIисабалда гьеб буго лъугIи гIечIеб дагIбаялде гIадамал рачунеб иш. Анкьчияр чи гуревги, кIиго вац, яцал, гIагарлъи цоцалъ базабулеб жо ккола гьеб. Жидедаго жаниб гьеб бикьизе ккараб мехалъ захIматаб бакIалде бачIуна иш, мисалалъе микьго вацасда гьоркьоб цо хур бикьи бигьаяб масъала гурелъул. Лъаларо, гъора гIатIиракьазда, гIадан чи къалареб Кочубеялъул хъутабазда ракьал щвезе бегьила, амма гьаниб магIарухъ гьеб суал кин киниги данде бачIунаро».

Ракьниги хIалтIизабилин, гьеб хIалтIизабизе бокьарал чагIиги ратилин, амма гьеб хIалтIизабун щвараб захIмат гIадада кколеб букIиналдаги рази гьечIо ГIамирханил МухIамад. ХIукуматалъ щайин гьелде кIвар кьоларебилан гьикъулеб буго гьес.

ГIамирханил МухIамад: «Жакъа магIарухъги вукIун дица гъолда тIад хвезабураб захIматалда бащадаб хайир дихъе тIадбуссун щолеб гьечIони дие гъоб щай гIезабун? Египеталдаса бачIараб картошкаги босулеб бугони халкъалъ, бакъдебуссалъул нахги босулеб бугони, дица рокъоб гIезабураб нахги жибго тун. Аазаралда щунусго гъурущ щиб жоха магIарухъ гIезабураб гIакдал нахалъул цо балоналъухъ? Жакъа магIарухъ гIезабураб, экологиялъул рахъалъги бацIцIадаб нигIмат лъица унеб бугеб босун? КъанагIатги унеб гьечIо. Гьелъул бакIалда босулеб буго къватIиса бачIараб учузуб къиматалъул нигIмат».

Хурзал рекьиялъул иш тIадбан унеб буго гьабсагIат магIарухъ, амма соналдаса соналде рекьичIого хутIарал хурзал цIикIкIунел ругин абулеб буго гIадамаз. Бищунго рекIеда къалин цере кIудияб бачIин жанисан бакIарулеб рукIарал чIахIиял хурзал гIурдае сверун рихьараб мехалъилан къварилъулел руго херал чагIи.

XS
SM
MD
LG