МагъчIваялъе рес

Лъимал олимпиадаялде риччани, хIалтIудаса рахъилин лъазабуна


ЖамгIияв хIаракатчи, бизнесмен Абакар Абакаровас КIаратIа росулъ олимпиада тIобитIулеб бугелдаса 12 сон буго. Щибаб соналъ январалдаги маялдаги гьеб КIаратIа школа-интернеталда унаанин бицана гьес, лъицаниги квалквалги гьабулароанила. Амма исана бакIалъул нухмалъиялъ нуцIби къан руго гьезда цере.

Жибго гьеб олимпиада тIобитIула чIахIиял классазда гьоркьоб – алгебра, гIурус мацIгун литература, химия, география ва цогидал предметазда тIасан. Гьелда гIахьаллъула Шамил, ЛъаратIа, Болъихъ, ЦIумада, ЦIунтIа, ЧIарада ва цогидал мухъаздаса лъимал. Пачалихъалъ щибниги квербакъиги гьабичIого, «Образование» абураб рахIмуялъул фондалъул нухмалъулев, КIаратIаса бизнесмен Абакар Абакаровас гьабула гьелъие квербакъи. Олимпиадаялда бергьарал лъимал экскурсиялъ Дагъистаналда ругел берци-берцинал бакIазде тира-сверизе рачунеб гIадатги буго. Исанаги гьедин гьабизе ракIалда букIана. Гьединго Абакаровас КIаратIе рачун рачIун рукIана Москваялъул Пачалихъияб Университеталдаса кIиго профессорги. Гьезул цояв ккола Россиялда машгьурав географ Алексей Медведков, цогидав Кошевой Владимир. Гьезул олимпиадабазда лъабазаридаса цIикIкIун цIалдохъаби гIахьаллъулин рукIана «Образование» фондалъул вакилзаби.

3-4 маялда КIаратIа олимпиада гьабизе бугилан 17 апрелалдаго кагъталги ритIун рукIун руго «Образование» абураб фондалъ.

Амма битIун олимпиада гьабулеб къоялъ ГIахьвахъ мухъалъул администрациялдасан гьесда абун буго нужеца гьеб иш республикаялъул лъай кьеялъул министерлъиялда дандбазе кколин. Гьеб мехалда фондалъул вакилзабаз ахIун буго живго министр ШагьгIабас Шагьовасухъе. Гьев кутакалда гIажаиблъунгицин лъугьанин жидеца олимпиада тIобитIизехъин бугеб даражаялъулги гьенире ахIулел ругел профессоразулги хIакъалъулъ бициндал, гIезегIан пайдаяб иш гьабулеб бугилан тIадегицин жубанин бицана ЭР-лъе Абакар Абакаровас. Цинги министр кIалъан вуго ГIахьвахъ мухъалъул администрациялде, жинца разилъи кьолеб бугилан.

Хадуб ккаралъул гьадин бицунеб буго Абакаровас.

Абакар Абакаров: «Радал сагIат анкьго тIубараб мехалъ ГIахьвахъ мухъалъул нухмалъиялъ киналго росабазул школалъул директоразда лъазабуна олимпиада нахъе бахъулеб бугилан. ХIатта мадугьалихъ ругел мухъазул школаздецин ахIана гьез гьедин. Нижерго ГIахьвахъ мухъалъул школазул нухмалъулезда гьез лъазабуна цониги лъимер олимпиадаялде биччани, хIалтIудаса рахъизе ругилан. Олимпиада байбихьизе сагIат хутIараб мехалъ рачIун милициялъул хIалтIухъабигун къана гьез тадбир жаниб гьабизе букIараб мина. ТIадбан хIадурлъи унеб букIана гьениб. Дица цохIо гьанал 70 кг босун букIана, кванил, гьекъолеб гьуинаб лъел ящикалги рукIана гIемерал. Гьа, гьанже щиб гьабилеб? Хехал тадбиралги гьарун, балагьана цо рукъ, чIарбида турутги тIамун гьункIусидаги рукIун тIобитIана лъималазул олимпиада. Лъеберго чи вачIун вукIана гьезул, цебе дир 100 чиясдаса гъоркье чи вукIунароан, исана 150 чи вукIана ахIун, амма нижее къор гъунаха. Цебе ккараб жоялдаги рекIун, жидеего бокьун 30 чи вачIана исана. Киналго кваназеги гьаруна лазаталда, бергьаразе сайигъаталги кьуна. Бергьаразул анцIго чиги вачун, нижеда ракIалда буго Дербенталдегун Бархан-Сарыкумалде ва ЧIикIаб бугеб ГЭсалде ине, Аллагьас хъван батани».

Гьанжеялдаса хадур жидеца Дагъистаналдаса цIалдохъаби рачIинахъе Москваялде рачине ругин олимпиадабазда гIахьалъизеян абураб хIукмуялде рачIун руго «Образование» фондалъул вакилзаби.

МухIканлъи тIалаб гьабун, ГIахьвахъ мухъалъул нухмалъулев ИсмагIил МухIамадшариповасухъеги лъай кьеялъул бутIаялъул нухмалъулей Зайгат Шамхаловалъухъеги ахIизе ЭР-ялъ гьабураб хIалбихьиялъул хIасил ккечIо. Цо тадбиралда рукIун, гьез телефоналъе жаваб кьечIо. Амма олимпиада тIобитIизе биччачIеб къоялъ ИсмагIил МухIамадшариповгун кIалъан руго Россия-24 каналалъул журналистал. Гьес кинабго жиндир хIалтIухъабазде бан буго, гьеб къоялъ КIаратIаги вукIинчIин, жинда лъалеб жоги гурилан.

Радиоялдасан жиндирго цIар бицине бокьичIев ГIахьвахъ мухъалъул администрациялдаса хIалтIухъанас ЭР-ялъе бицана цересел соназда Абакар Абакаровас гьеб олимпиада гIицIго ГIахьвахъ мухъалъул школлъималазда гьоркьоб тIобитIулаанила. Гьанже къватIи-къватIисаги лъимал гьенире ахIун рукIиналъ рахIатхвезе байбихьун батилила ГIахьвахъ мухъалъул нухмалъиялъул. Гьединго олимпиада тIобитIулел чагIазда гьоркьоб ГIахьвахъ мухъалъул нухмалъи бихьизабун букIинчIолъиги квеш букIун батизе рес бугила бакIалъул хIакимлъиялда.

XS
SM
MD
LG