МагъчIваялъе рес

ЦикIкIунисел лъималазе цебеккунисеб лъай кьей щвезе рес гьечIо


Цебеккунисеб лъай кьеялдалъун рукIинесел школлъимал хьезариялъул мурадалда Дагъистаналъе 445 миллион гъурщдаса цIикIкIараб гIарац биччан буго. Жакъа Дагъистаналда лъималазул ахазда хурхараб суал хутIулеб буго хIалуцараблъун, мисалалъе МахIачхъалаялда цебеккунисеб лъай кьеялдалъун хьезарун руго гIицIго 30 процент лъималазул.

2013 -2220 соназда жаниб лъай кьеялъул система цебетIабиялда хурхараб программа гIумруялде бахъинабизе бихьизабун букIараб 30 млрд. гъурщиде тIадеги 20 млрд. гъурущ биччан буго федералияб бюджеталдаса.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна 28 апрелалъ Россиялъул лъай кьеялъул Министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ. Гьеб программаялъул сурсатал цIкIкIинариялъул аслияб мурад бугила нусго проценталъ цебеккунисеб лъайкьеялдалъун хьезари регионал.

2015 соналъ, гьеб программаялда рекъон, Дагъистаналда цебеккунисеб лъай кьей цебетIезабиялъул мурадалда бихьизабун буго 445 миллион гъурщидаса цIикIкIараб гIарац.

ГIаммаб лъай кьеялъул системаялда гъорлъ тIадаблъун гьабун бугеб цебеккунисеб лъай кьей киналго лъималазе щвезе рес гьечIин, гьеб бугин цогидал, лъай кьеялъул системаялда гъорлъ ругел, гIунгутIабазул цоябин баян гьабулеб буго Дагъистаналъул лъай кьеялъул Министерлъиялъул вакилас.

Дагъистаналъул приоритет бугел программабазда гъорлъ буго лъай кьей цебетIезабиялъул программаги, гьелда рекъон, тIоцебе тIубазе кколеб масъала буго лъай кьеялъул инфраструктура цебетIезаби.

Жакъа Дагъистаналда кинабниги 694 цебеккунисеб лъай кьеялъул бакIал, ай лъималазул ахал ругила, гьенир 3 соналдаса 7 соналде щвезегIар ригь бугеб 50 азаргоялдаса цIикIкIун лъимер хьвадулеб буго, гьебго заманаялъ хьвадизе кколел, бакIал гьечIолъиялда хурхун гьеб рес гьечIеб 70 азаргоялдаса цIикIкIун лъимер, иргаялда хъван ругила.

Щибаб соналъ лъималазул ахал рагьулел ругониги, гьеб саул тIагIунеб гьечIила. БакIал гIунгутIиялъул суал тIубазе цIиял рай гуребги, лъималазул ахаллъун рукIарал минаби батIиял хIажалъалабазе хIалтIизарулел ратун, нахъ руссинарун, цIидасан дъималазул ахазде сверизарулел ругин баян гьабулеб буго Лъай кьеялъул Министерлъиялъул вакил Халил ГIусмановас.

Масала МахIачхъалаялда 17 мина батанила лъималазул ахлъун букIараб, цогидал хIажалъалабазе хIалтIизабулеб батараб. Цебеккунисеб лъай кьеялъул суал тIубаялъе бигьалъи букIунила хIукуматалъул гурел лъималазул ахал ругони, амма аслияб куцалъ гьел МахIачхъала шагьаралда гурого гьечIила.

ХIукуматалъул ва хIукуматалъул гуреб экономикияб секторалъ гьабулеб цадахъаб хIалтIуда гъорлъ бугила масъала гьединал лъималазул ахал цогидал шагьараздаги гьаризе. Амма хIукуматалъул гурел лъималазул ахазе лъай кьезе изну кьолеб лицензия щвезе захIмат букIиналъ, гьеб сектор цебе тIолеб гьечIила. Бизнесменазе бокьулеб бьечIила бюрократиялъул системаяда гъорлъе лъугьине.

ГIусманов Халил: «Жакъа лъималазул ахал гIунгутиялъул суал тIубаялъе квербакъи хIукуматалъул гурел ахазул букIунеблъи хIисабалде босизе ккола, щайин абуни, цебеккунисеб лъай кьей букIинабизе ккола кинал ресал ратунги, гурого цIиял стандартазул лъай кьеялъул программаялда рекъон цIалун бажаруларо лъимадухъа.

Жакъа МахIачхъалаялда хIукуматалъул лъималазул ахаздалъун хьезарун руго гIицго 30 процент лъималазул, хутIарал лъималазе бакI бахъизе ресги гьечIо, МахIачхъалаялда ругониги, цогидал шагьаразда гьечIо гьединал ахалги, масала цо гьединаб ах рагьана Дербенталда».

Шагьараздаго хадуб цун гIунгутIиял раккулел ругила росабалъ ва мухъазда ругел лъималазул ахаздаги, гьенир лъималазул ахал жанир ругел минаби басралъун, цIа ккеялъул хIинкъи бугел рукIин гуребги, лъимаде бакI щоларого гIарзал цIакъ гIемер ругила. Масала 20 лъимер гурого босизе рес гьечIеб бакIалде 30 – 35 лъимер букIунила иргаялда.

XS
SM
MD
LG