МагъчIваялъе рес

РагIи хвараб тIалъиги тIарамагъада гуккарал гIадамалги


ГьоцIдерил ГЭС бугеб бакIалда рази гьечIолъиялъул акция тIобитIулеб буго ГьоцIалъ росдал гIадамаз. Гьезул аслияб тIалаб буго хутIараб рецIалил гIарац гIадамазе кьун бахъинаби.

Росдал жамагIатгун ГЭС базе квер байдал гьабураб къотIиялда рекъон, гьеб гIарац ГЭСалъул хIор цIезе бччалелде кьезо кколеб букIанин, амма хIор цIун бахъунеб бугониги гьеб гIарац кьун бахъинчIин абулеб буго гIадамаз.

13 апрелалъ гьоцIдерил ГЭСалда цебе рази гьечIолъиялъул акция тIобитIизе хIадурулел ругин жалин лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз. КъватIире рахъине гIадамал тIамунин хьул къотIиялъ, тIалъиялъ ва «Русгидро» гIуцIиялъ гьоцIдерил жамагIатгун гьабураб къотIи хвезабун букIиналъин баян гьабулеб буго ГьоцIалъ росулъа ХIажиева ГIайшатица.

ГьоцIдерил ГЭСалъул хIор цIезабизе байбихьанила 1 марталдаса бахъун, гьоцIалгун «Руссгидро» гIуцIиялъ ва Дагъистаналъул тIалъиялъ гьабураб къотIиялда рекъон, хIор цIезе биччалелде кинабгIаги рецIалил гIарац кьун бахъинабизе кколеб букIанила. Амма жакъа къоялде гIицIго 600 млн. гъурущ гурого щун гьечIо гIадамазе.

ХIор цIезе ракIалда букIаралдасаги тIаде бахун, ччукIун инел нухалги,росуго лъеда гъоркье ккелин ккараб хIал бугилан бицана «Эркенлъи» радиогун букIараб гара-чIвариялда ГьитIинаб ГьоцIалъ росулъа МухIамадова Заираца.

МухIамадова Заира: « Гьеб бакIцин гIодобе иналтIа хIинкъи бугеб хIал буго гьабсагIат, гIанкъана тIасагьоцIдерил мегъ букIараб бакI, Сорода бакI гIанкъана, тIад бан лъимгун буго гьеб бакI. Гьеб бихьизе ун гIодилаго рачIунел руго тIадруссун гIадамал, берцинго букIараб мегъги гьечIого хутIана гIадамал».

Росулъ ракь цIакъ хиралъанила, гьениб лъеда гъоркье ракьалги ун, хутIараб эркенаб ракь гьечIолъиялъ, гьелда гьоркьоб гьеб щвезениги букIараб рецIалил гIарацги кьоларого бугила. Гьениса цо чиясе щвараб 250 000 гъурщица кинабгIаги асар гьабуларила кколеб бугеб заралалъейин абулеб буго гIадамаз.

2015 соналъул январь моцIалда Дагъистаналъул тIалъиялда тIобитIараб иргадулаб данделъиялда ГIабдусамад ХIамидовас баян гьабуна, ГьоцIдерил ГЭС хIалтIизе биччазе кколел рукIарал болжал щваниги, рецIалил гIарац тIубан кьун гьечIолъиялда бан, гьеб жеги эксплуатациялде кьун гьечIин, амма тIокIабги гьеб нахъбахъизе бегьиларин лъазабуна тIалъиялъул нухмалъулес. РецIалил гIарац кьун бахъинабизе кколеб букIун буго 2011 соналъ, 2013 соналъ ГЭС хIалтIизе биччазе кколеб букIанила, амма 20 январалда тIобитIараб данделъиялда кьезе хутIараб гIарац 2015 – 2017 соназда жаниб бецIун бахъинабизе къотIи-къай гьабуна. Гьеб хIукмугун Хунзахъ мухъалъул тIалъиги разилъана.

2009 соналалдаса байбихьун гьоцIдерица чанго нухалъ гIарац кьун бахъинабулеб гьечIолъиялда бан тIоритIана митингал, бищун ахиралда ГьоцIалъ росдал гIадамал 2014 соналъул 11 сентябралда МахIачхъалаялде рачIун рукIана, Дагъистаналъул нухмалъигун дандчIвазе. Амма гьелгун дандчIвана Дагъистаналъул ЖамгIияб палатаялъул нухмалъулев ХIамзат ХIамзатов. Гьединго гьоцIдерица Дагъистаналъул нухмалъулесухъе хъвана кагъатги, жакъа къоялъги жиндие жаваб щвечIеб. БакIалъул ва Дагъистаналъул тIалъиялда божилъи тIагIун букIиналъ, гьаб нухалъ жидеца хитIаб Россиялъул президентасухъе гьабизе бугин абулеб буго ХIажиева ГIайшатица.

ХIажиева ГIайшат: «ГЭС базе байбихьараб мехалъ къотIи гьабун букIана кинабгIаги гIарац кьун бахъинабизе, кколеб букIана 1млрд. 200 млн. гъурущ кьезе, амма гьеб гIарцул жамагIаталъе щвараб жо ккана гIицIго 600 млн. гъурущ. Гьагъал лъеда гъоркье арал ракьазул къадаралда гьеб миллиардцин бащалъуларо. Президентасде хитIаб гьабизе, гIадамал рахъунел руго ГЭС бугеб бакIалде, гурого бакIалъул тIалъиялда божи хутIун гьечIо гIадамазул».

Дагъистаналъул экономикаялъул Министерлъиялда «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна «Юг России» абураб программа 2015соналда гIумруялде бахънабиялда гъорлъ ГьоцIдерил ГЭС балеб бугеб бакIалде гIаммаб куцалъ биччалеб бугин гIицIго 110 млн гъурущ. ГIарац биччалеб бугила гIицIго компенсациял кьезе гуребги, гьенир тIоритIулел хIалтIабазе, нухал лъеялъе ва цогидал хIажалъалабазе харж гьабизеги. Гьединлъидал, абизе кIоларила кигIан гьелда гьоркьосан рецIалил гIарац кколебали ва кколищ гьебалиги.

ХIасил калам, 665 метраялъ хIорил лъим бахинабидал, сангар къан гIанкъулел руго 109, 71 га ракьул. Лъеда гъоркье арал ахал-хурзал рукIарал ракьазул къадар бащалъулеб буго 84 проценталда, хутIараб 15 процент кколеб буго цогидал магIишаталъул хIажалъалабазе, нухазе хIалтIизарулел рукIарал бакIал.

Гьанибго бицине ккола, гьал къояз ГIортIаколосан Шамил мухъалдехун букIараб нух ччукIкIун ун, тIасан транспорт хьвадизе хIинкъи бугеб хIалалъ бугин. Гьеб лъеца кванан батулин, хIор цIезе биччаралдаса кьватIи рехун букIанин гьенибин абулеб буго гIадамаз. ГьабсагIал гьеб нухдасан букIараб транспорталъул бухьен ГьоцIалъ росулъахун ва Дарада-Мурадасахун бугин лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз.

XS
SM
MD
LG