МагъчIваялъе рес

Хасал операциял гIемерлъизехъин руго


Гьез бицухъе, жидерго тадбирал тIоритIулаго низам цIунулезда кIочола инсанасул ихтиярал щал жал ругелали. Жалго къуваталъулазни абулеб буго рагъулал ругьунлъаби гьарулел ругин Унсоколо мухъалда.

Аскариязул чанги урду ай лагерь гIуцIун буго Унсоколо мухъалда. Балахьуни, Майданское, Временный, Генуб – гьел росабазда гIагарда рагъулазул къукъаби чIун ругин, лъазабулеб буго мухъалда гIумру гьабулез.

Низам цIунулез хасал операциял жеги байбихьичIо гьел росабалъ, амма Балахьуни росда аскIоб бугеб рохьалда кьвагьи-гIанхъиял ккун руго ва росулъ жанибги байбихьун буго рокъо-рокъоре хьвадун низам цIунулез документазул хал гьабизе.

Терроралде дандечIараб низам лъазабун бугин Унсоколо мухъалдаян абуна «Эркенлъиялъе» Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалда. Идараялъул вакилазул рагIабазда рекъон, цо-цо росабалъ оперативиял тадбирал тIоритIулел руго. Хасал операциязе гIоло рачIарал гурин рагъулал мухъалдеян абуна пресс-хъулухъалда. Гьениб бицухъе, рагъулал малъа-хъваял тIоритIулел руго мухъалда.

Генуса Кавсарат Абараковалъ бицана «Эркенлъиялъе» росулъ бугеб ахIвал-хIалалъул. Гьелъул рагIабазда рекъон, рагъулал росулъ жанир жеги рачIинчIо.

Кавсарат Абакарова: «Гьанже гьез гьабизе бугеб жо нижеда лъаларо, щиб гьезда ракIалда бугебги лъаларо. Нижер росдал нухмалъулевги, росдал мажгиталъул имамги ун рукIана гьел рагъулазухъе. «Учебкаялде» жал рачIанилан жаваб щун буго дозухъа. ГIадамални хIинкъун руго 2013-леб соналда гьанибе ккараб жодай цIидасан такрарлъилебян».

2013-леб соналда Генуб росулъ кIудияб хасаб операция тIобитIана. Доб заманалда къуваталъулаз «рохьилал» ралагьулел рукIана ва гьезул операцияздаса гIадатил гIадамазеги ккана зарал.

Кавсарат Абдуллаева: «АнцIила хадуб мина кьвагьизабуна доб мехалда, хутIаралщинал рукъзахъ чIухь бана, къайи-къоно щущахъ биххизабуна, боцIи-ризкъи тIагIана нижер. Гьеб жо цIидасанго рагъулаз гьабилин хIинкъун руго гIадамал. ГIемераб пасалъи гьабуна гьез нижер гьаниб. Цинги доб Временный поселокалдаги гьебго жо ккана цодагьалъ цебе. Кутакалда хIинкъун руго гIадамал».

Генуселъ бицаралда рекъон, Балахьуни росда гIагарда бугеб рохьалда цIа рекIкIун буго.

Временный росу сверун зазихараб квар
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:29 0:00

Кавсарат Абдуллаева: «КIкIуй нижер гьаниб росулъеги щвана, хIухьел цIазе бегьулеб хIал букIинчIо. Вертолетал-жал рачIун гьеб цIа свинабулеб бугилан бицана гIадамаз. Балахьуниб ва Зираниб жиб-жиб рокъоре рачIун документазул хал гьабулеб рагIула рагъулаз. Нижер гьаниб гьединал тадбирал рукIинчIо, амма комменданталъулаб заман лъазабуна. Гьелда рекъон, сардил сагIат 10-11 тIубараб мехалда къватIире рачIине ихтияр гьечIо гIадамазул. ТIадежоялъе, жив-живасул росулъ номерал руго. Гьел номерал рихьизарун гурони къватIире-жанире риччаларо. Мех-мехалдаса полициялъулаз ккун рачуна гIадамал».

Временный росда гIагарда рагъулазул техника чIун буго.
Временный росда гIагарда рагъулазул техника чIун буго.

Временный росулъа ПатIимат МухIамадовалъ «Эркенлъиялъе» бицана жидер поселокалда гIагардаги ругин рагъул аскариялян. РакIалде щвезабила, гьениб лъабго моцIалъ халат бахъараб хасаб операция некIого лъугIана, амма росулъе гIадамал тIадруссунел гьечIо. Цоязул минабицин гьечIо, цогидазул минабазда жаниб гIумру гьабизе бегьулеб хIал гьечIо. Пачалихъалъ компенсациял кьезе ругин абуна гIадамазда, амма гьел кида щвезе ругел яги щвезецин ругищали гIадамазда лъалеб гьечIо. «Эркенлъиялъул» мухбирас къокъаб гара-чIвари гьабуна Временныялдаса МухIамадовагун. Гьелъ бицухъе, компенсациял жеги кьун гьечIо росулъа чагIазе.

please wait

No media source currently available

0:00 0:04:30 0:00
Интернет-мухъ

Унсоколо мухъалда тIоритIулел рагъулазул ругьунлъабаздаса бичIчIулеб буго гьел цо кинал-рукIаниги оепрациязде хIадурлъулел ругеблъи. Экспертазул баяназда рекъон, исана Дагъистаналда ахIвал-хIал хIалуцине бегьула ва гIиллалъун гьелъие рукIина Сириялда унеб рагъдаса нахъуруссарал дагъистаниял. Гьелги цогидалги суалал рорхана «Эркенлъиялъул» мухбирас жамгIияв хIаракатчи Сулайман Уладиевгун гьабураб гара-чIвариялда. Гьес рикIкIунеб буго хIал республикаялда лъикIаб рахъалде хисанин, амма хIухь бахъине жеги заман щун гьечIин.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:15 0:00
Интернет-мухъ

ЖамгIияв хIаракатчияс абухъе, Сириялда бугеб рагъулаб конфликталда гIахьаллъулел рукIарал чагIи тIадруссиналъул суал тIубаялъе нухал ралагьизе ккола. Гьединго Уладиевас абуна гьеб суалги цогидал масъалабиги тIуразе ккани, республикаялда цевехъан вукIине кколин.

please wait

No media source currently available

0:00 0:03:41 0:00
Интернет-мухъ

Уладиевас абухъе, республикаялъе къваригIун буго хIакималъул кьеразда лъай ва пикру бугел чагIи рукIине. Гьез Дагъистан кризисалдаса хвасар гьабилин абуна гьес.

XS
SM
MD
LG