МагъчIваялъе рес

"Эрмениясул гьобо" тIокIаб гьечIо Дербенталда


Дербенталъулаз "Эрмениясул гьобойин" абулеб букIараб 100 сон бараб рукъ биххизабуна
Дербенталъулаз "Эрмениясул гьобойин" абулеб букIараб 100 сон бараб рукъ биххизабуна

Культураялъул объектазул сияхIалде босараб 100 сон бараб мина биххизабун буго Дербенталда. Гьеб хIужжаялда бан Дагъистаналъул Культураялъул министерлъиялъ байбихьун буго жиндирго цIех-рех. Гьедин ишал унел ругони, кватIичIого некIсияб шагьаралъул гьумер лъазецин гьечIин, гIарз гьабулеб буго экспертаз.

100 соналдаса тарих бугеб, Дербенталдаса эрменияв Макар Сарухановасул букIараб лъабтIалаяб мина биххизабиялда тIасан цIех-рех тIобтIулеб бугин, гьеб культураялъулаб кIвар бугел объектазул сияхIалде кколеб букIиналъин лъазабулеб буго Культураялъул министерлъиялъул регионалияб кIвар бугел объектал цIуниялъул бутIаялъул вакил Къасумова Сабринаца.

Гьадинаб букIана "Эрмениясул гьобо" биххизабилелда цебе
Гьадинаб букIана "Эрмениясул гьобо" биххизабилелда цебе

Чанго моцIалъ цебе, гьеб минаялъул тIох бахъидал, киназулго ракIчIун букIанин, гьенир цIигьариялъул хIалтIаби тIоритIизехъен рукIиналда, амма марталъул авалалда гьеб биххун гIодоб лъунин баян гьабулеб буго блоггер, Дербенталдаса жамгIияв хIаракатчи Артур Саидовас. Цебеккун социалиял гьиназда тIиритIизарун рукIанила суратал шагьар къачIалъул ва тарихиял бакIал цIигьариялъул хIалтIаби тIаса-масаго гьарулел ругилан, гьанже дагь-дагьккун шагьаралъул гьумер хисизабулеб бугила лъикIаб гуреб рахъалде, гьелъул хаслъи хвезабун.

Гьеб тIоцебесеб гурин Дербенталда биххизабураб тарих бугеб бакI, гьелдаса цереги рукIанин гьединал хIужабийилан баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе тарихчи, Дербенталъул археологияб экспедициялъул бетIер МуртазгIали ХIажиевас. "Эрмениясул гьобо" абун киназдаго лъалеб гьеб мина кколаанила Дербенталда бищун берцинал бакIазул цояб.

МуртазгIали ХIажиев : «1913 соналъ бараб гьеб мина кколаан тарихияблъун рикIкIараб культураялъул объектазул сияхIалде босараб бакI. Гьелда цебеги биххизабуна Дербенталда «Волна» петер букIараб басрияб мина. Гьеб биххизабилалде гьенир археологиял халгьабиял тIоритIизе кколаан, щайгурелъул Дербенталда щибаб ракьул кесек ккола тарихияб кIвар бугеблъун. Гьениб щибго хIалтIи тарихчагIаз тIобитIичIогон бухъ-бухъун бана ракьги, чабах-салигун жураб церелъун руго гьенир цересел заманаялъул XX-XI гIасрабаз букIараб щегI ва цIер биунеб кор букIараб бакIалъул хутIелал, рагI-мачалъул кескал».

Шагьаралъул тIалъиялъ гьеб бакI бичун жидеего гIарац гьабун букIиналъул хIужаби гьечIониги, гьеб кIудияб гIарцухъ бичун букIин киназдаго лъалила.

«Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна Дербент шагьаралъул администрациягун, гьезул рагIабазда рекъон, гьеб мина букIараб бакIалда гIемертIалаб мина базе буго, гIадамаз жаниб гIумру гьабизе, гьелъул бетIергьанги кколеб буго шагьаралъул муниципалитет.

Гьединго шагьаралъул нухмалъиялъ баян гьабуна гьеб культураялъул объект букIаниги, басралъун биххун инеб букIиналъ биххизе кканилан.

ХIукуматалъ культураялъул объектал цIуниялъе ва цIигьариялъе гIарац биччалеб гьечIолъиялъ гьеб биххизабизе бегьулеблъун бихьулеб бугилан абулеб буго тарихчияс.

МуртазгIали ХIажиев: « Пайда-хайир гIемер букIина гIадамазе рукъзал ричизе гIемертIалаяб мина баялдаса, амма гьеб хIалалъ цере унаго 20-30 соналъ цебе нилъеда лъалеб букIараб Дербенталъул нахъе дагьаб жо хутIила. Гьеб бичун босарав чияс гьеб цIунизе кколаан».

Дагъистаналъул Культураялъул министерлъиялъул буюрухъалда рекъон, мина биххараб бакIалда киналгIаги хIалтIаби чIезарун руго, гьенир хIалтIаби гьарулел рукIанин дагьаб гIарцухъги хIалтIулел узбеказ. Гьез кинабго рищни-къул, гамачI-ракь нахъе баччулеб бугила, амма гьеб гамачI реставрациялъул хIалтIабазе цогидаб бакIалда хIалтIизабизегIаги бегьулаанин рикIкIунеб буго археологас.

XS
SM
MD
LG