МагъчIваялъе рес

Хъутабазе росабазул статус кьеялде данде


Нугъай мухъалда 20 марталда тIобитIана гьенир ругел хъутабазе росабазул статус кьеялде данде митинг. Акциялъул гIахьалчагIаз загьир гьабуна республикаялъул нухмалъиялъ гьединаб план гIумруялде бахъинабуни, гьелдаса гIемер проблемаби, гьездаго гъорлъ миллатаздагьоркьосел проблемаби загьирлъизе бегьиялъул пикру.

20 марталда Нугъай мухъалда тIобитIана гьезул ракьалда ругел хъутабазе росабазул статус кьеялде дандечIараб данделъи. Гьез лъазабулеб буго гьеб статус кьуни жидер ракьазде дагьалги гIемер гIадамал гочун рачIине ругин, гьеб мехалда жидер миллияб хаслъи цIунун хутIиялъе хIинкъи бугин, магIишатияб рахъалъги жидее гьелъул зарал гуреб жо букIине гьечIилан.

Хъутабазе, Дагъистаналъул тIалъиялъ, росабазул статус кьезехъин букIиналдаса разигьечIолъи загьир гьабулеб буго Нугъай мухъалда гIумру гьабун ругел гIадамаз. Гьеб суалалда бан рузман къоялъ Нугъай мухъалъул Терекли-Мектеб росулъ тIобитIана 300 гIан чи гIахьаллъараб дандеруссин. Гьелъул гIахьалчагIаз абулеб буго жидер мухъалда ругел хъутабазе росабазул статусал кьуни, гьенире цIакъго гIемерал гIадамал гочун рачIине ругилан, гьелъ миллияб дандеккунгутIаби рижизаризе ругила. Гьединго жидер халкъалъул миллияб хаслъи цIуниялъеги квалквал гьабизе бугила гьенире батIиял миллаталъул гIадамал гочун рачIиналъ, магIишатияб рахъалъги кIудияб зарал ккезехъин бугила жидеейилан лъазабуна гьеб тадбиралъул гIахьалчагIаз.

Бекмурзаев Аслан, нугъаязул хъазахъазул атаман
Бекмурзаев Аслан, нугъаязул хъазахъазул атаман

Бекмурзаев Аслан: «Нижер мухъалъул ракьазул 80 % хъутабаз ккун буго. Гьелдаса гьаб сагIат нижеца пайда босун бажарулеб хIал гьечIо, гьеб салул авлахъалде буссунеб буго. Гьеб хIалалде ракь ккеялъе гIилла буго гьениб лъагIелхаласа гьоркьоса къотIичIого гIи-боцIи хьихьулеб букIин. Гьеб цIилъизего толеб гьечIо, ижараялъ хъутаби росарал гIадамазул гIиялъ. Гьеб ижараялъухъ гIарацги нижер мухъалъул бюджеталде бачIунаро. Гьанже гьел хъутабазе росабазул статусги кьун гьанире дагьалги гIемер гIадамал гочине руго. ТIубан гьел ракьазулги ишго лъугIула гьеб мехалда, нижер магIишатиял камиял лъица рецIизе ругел? Гьеб гурониги гьанире цойгидал миллатазул гIадамалги гочине байбихьани нижедаса цIикIкIун чи гIезе бегьула гьезул анив. Гьадингоги дагьал гурони гьечIел нугъаял тIубан тIагIине рес буго, нижее миллияб хаслъи цIунизе рес букIунаро гьел цойгидал гIадамал гьанире рачIани. Гьединго миллиял дандеккунгутIаби рукIинеги рес буго».

Гьедин бокьахъин гьанире кьун дорехун кьун жидер ракьал кьезе бегьуларила Дагъистаналъул тIалъиялъ. Гьединал хIукмаби къотIулел, къанунал рахъулеб мехалда халкъалъул пикру гьикъизе тIадаб бугила гьездайилан абулеб букIана данделъияда кIалъазе рахъараз. Терекли-Мектеб росдал депутатазул данделъиялъул вакил Аракчиев Шамилица абуна гьел хъутаби росабазде сверизарилалда цебе бакIалъул гIадамазул пикру лъазе референдум тIобитIизе тIадаб бугила республикаялъул нухмалъиялдайилан. Гьеб тIобитIизе тIалаб гьабизе кколила нугъаязилан лъазабуна гьес.

Данделъиялде кIалъазе рахъараз абулеб букIана хъутабазе росабазул статус кьун хадуб, гьенир гIадамазе гIумру гьабизе шартIал чIезаризе гIемер гIарац хвезабизе бугила Дагъистаналъул тIалъиялъ. Киса-кисаги гочун рачIарал гIадамазе гьел санагIалъаби гьарулеб мехалда бакIалъул чагIи щайила гьезда ракIалде щоларелилан абуна жамгIияй хIаракатчIужу ГIабдулова Марияцаги.

ГIабдулова Мария, нугъаязул жамгIияй хIаракатчIужу
ГIабдулова Мария, нугъаязул жамгIияй хIаракатчIужу

ГIабдулова Мария: «Дагъистаналъул тIалъиялъул гьеб хъутабаз ккун бугеб 600 азарго гектар ракьуда тIад хвезабизе, гьенир чанае гIадамал хьвадулеб бакI гьабизе гIарац бугеб батани, Нугъай мухъалъул росабалъе лъим бачинеги балагьейин гьеб гIарацилан абе. Лъим гьечIолъиялъги кьварун бакъван, салул авлахъалде сверизехъин руго нижер мучIдулги ракьалги. Нижер мухъалда артезианалъул буругъал рухъизе гIарац рагIуларо Дагъистаналда, гьалин абуни хъутабазде регIун руго. Гьебщинаб гIарац гьезул батани нижер халкъалъул букIинеселъул ургъел гьабизе биччан те гьез. Гьеб гIарац нугъаязухъа ракьал рахъиялъе гуреб, нугъай халкъалъе санагIалъаби чIезариялъе хIалтIизабизе биччан те».

Данделъиялъул гIахьалчи Нуков Асланица лъазабуна гьел хъутаби тIубан риххизего гьаризе кколилан. Риххизарун гьелгун рукIараб хIалалъ нугъаязухъе кьезе биччайила жидер ракьги, жалго рукIарал бакIалде ине риччан тейила хъутабазда гIумру гьабун ругел. Жал гьезул ракьалде гурила рачIун ругел, гьез жидер ракь ккун бугин лъазабуна гьес. Асланил рахъкколезул къадар гIемер букIараблъи бичIчIулеб букIана гьесул кIалъай лъугIарабго бахъараб кутакаб ахIи-хIуралъ. БитIараб буго, битIараб буго буго, гьедин гьабизе кколайилан ахIделел рукIана гIадамал.

Митингалда гIахьаллъарав Нугъай мухъалъул рахъалдасан Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъул депутат Мурзадин Авезовас гIадамал ракълилаб къагIидаялъ гьеб суал тIубаялде ахIана. Къануналде данде кколаредухъ щибниги гьабизе бегьуларила, амма гьел хъутабазе росабазул статус кьезе гьабураб хIукму нахъе бахъизе тIалаб гьабиялъе хIалтIи гьабизе тIадаб бугил нилъецайин абуна гьес. Гьединго щиб хIукму халъкалъ гьабуниги гьелда разияв вугила жив, нужеда цадахъ бокьараб бакIалда чIезе вугин живилан лъазабуна депутатас.

Гьедингохалкъалъул рахъккун ва гьезул тIалабал ритIарал ругин абун кIалъай гьабуна данделъиялде вачIун вукIарав Нугъай мухъалъул бетIар ГъазмухIамад Янбулатовасги.

Нугъаязул рахъккун гьеб тадбиралде рачIун рукIана Бабаюрт мухъалдаса гIадамал. Гьединго лъарагIазул мухъаздаса вакилзабиги гIахьаллъана тадбиралда. Гьенив кIалъазе вахъарав лъарагIазул харабазул гIуцIиялъул бетIер Мурзаев Абсалюдициница бицана нугъаязулго гIадин лъарагIазулги ракь тIалъиялъ жидеего бокьахъин бикьунги бикьулебги бугила, гьелде дандечIей гьабизе кколила нилъеца. Гьел нилъер гIаммал суалал данд разе хас гьабун кIудияб лъарагIалгун нугъаял гIахьаллъараб съездги тIобитIизе кколин абуна гьес. Съезд тIобитIизе разилъи загьир гьабуна данделъиялде рачIараз.

Ахиралдаги дандеруссиналъул гIахьалчагIаз жидерго тIалабал загьир гьарун Россиялъул президент Владимир Путинихъе, Пачалихъияб Думаялъул бетIер Сергей Нарышкинихъе ва Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул нухмалъулев Сергей Меликовасухъе гьабураб хитIаб къабул гьабуна.

XS
SM
MD
LG