МагъчIваялъе рес

Новолак мухъ тIубанго гуро гочинабулеб


18 марталда Новолак мухъалда гIадамал данделъун рукIана жал гьениса гочинариялъул суал дандбазе. МахIачхъалаялде аскIоре гьел гочун лъугIизе ккола 2018 соналда. Гьеб заманалдехун жидее кьезе кколебщинаб рецIалил гIарац бецIун лъугIизабизе бугебищин пачалихъалъ, гьединго Новолак мухъалда цIар ГIавухъиланищин лъезе бугеб абурал суалал рукIана гьез гьоркьор лъун.

Новолак мухъалдаса тумал гочинарун рахъине ккола 20I8 соналда. МахIачхъалаялда аскIоб Новострой абулеб бакIалда буго гьезул тIубараб шагьар гIанасеб бакI гIолеб. Щайин абуни ахираб 20-ниги сон буго гьел гочинарулел. Щибаб нухалда Москваялдаса гIарац гIолеб гьечIилан абула тIадчагIаз. Гьедин чIезе тола гочари. Гьеб заманалда жанирин абуни тIубарал наслаби рижун руго тумазул. Умумулги херлъун, гьезул лъималазул лъмалазеги кьезе кколеб буго гIарац мина-карт базе. Гьединлъидал пачалихъалъеги хираго чIолеб буго гьеб гочари. Цо-цояз абула гьеб гьабизе кколареб жо букIанин Дагъистаналъул хIукуматалъ, I943 соналда гIуцIун лъабго моцIалдасан бихханин гьеб ГIавухъ мухъ.

Доб мехалда Дагъистаналъул хIукуматалъ гьединаб хIукму гьабун букIун буго лъарагIлъиялда гIумру гьабулел киналго гIавухъел цойиде ракIарун рукIинелъун. Цинги лъабго моцIидасан чачанал Гьоркьохъеб Азиялде гочинарулелъул, Дагъистаналдаса гIавухъелги гочинарун руго гьездаго цадахъ. Гьедин Дагъистаналъул мугIруздаса гIадамал гьенире эхерехун гочинарун руго.

Гьедин цо-цоял мугIрузде руссана, цогидал лъарагIлъиялда чIана. Тумаз чIей гьабураб Новолакалда дагIба балеб буго гьанже гIавухъез. Амма лъабго моцIалъ гурони чачанал-гIавухъезул абун цIар лъураб мухъ гьезухъего тIадбуссинаби битIун гьечIин рикIкIуна Дагъистаналда цо-цояз. Гьединго гьезда бичIчIуларо депортациялда рукIарал халкъаллъун Дагъистаналда тумал гурони щай рикIкIунарелани. Щайгурелъул киналго халкъал гочинарун рукIана жидеца гIумру гьабулеб бакIаздаса.

ПалхIасил, Новолак мухъалда цIар ГIавухъ мухъги лъезе, МахIачхъалаялда аскIор тумаз чIей гьабулеб бакIалда цIар Новолакиланги лъеялъул харбал руго. Гьел суалал гьоркьор лъун рукIана I8 марталда Новолакалда букIараб данделъиялда. ГIадатиял гIадамал рукIана гьенире ракIарун. Амма мухъалда цIар кинаб лъуниги, гьезие хIажат бугоан пачалихъалъул жидее кьолеб рагIи кквезе бугищин абураб суалалъе жавабги. Масала, рецIалил гIарцул иш рагIалде бахъинабизе бугебищила пачалихъалъ.

Гьелда бан ЭР-ялъе баян кьуна гьеб данделъиялда гIахьаллъана журналист МухIамад ГIабдурашидовас.

МухIамад ГIабдурашидов: «Новолак мухъалъул нухмалъулев Айдиевас абун буго Шималияб Кавказалъул рахъалъ Россиялъул министр Лев Кузнецовас разилъи кьунин гочунезул сияхIалде босичIого хутIараб гIолохъанаб 300 цIараки гьенибе гъорлъе босеян. Щайгурелъул гочунезул сияхI къотIине тун букIана 2008 соналда».

Гьел МахIачхъалалда аскIоре гочинарулел тумаз гIумру гьабулеб бакIалда мадугьалихъ руго магIарулалги. Гьениса магIарулай ХIалимат Гъайирбеговалъ гьадин бицунеб буго ЭР-лъе.

ХIалимат Гъайирбегова: «Нижер росаби руго гьанир – Гъамияхъ, Чуртах, ЦIиябмелъелтIа, Тухчар абун. Чачаналги руго анир. Тумал гочунел руго жидеего бихьизабураб бакIалде».

ЭР: «Дида рагIун букIана нужеца инкар гьабун бугин тумазда цадахъ гочине».

ХIалимат Гъайирбегова: «Гуро, гьал руго нижецаго рарал минаби. Тумазухъ ругел рукIана чачаназулго рукIарал минаби. Гьанже гьел нахъе ун хадур ГIавухъ мухъилан цIар лъезе бугила нижер гьалдаян бицана нижер бегавулас. Чачаназ кIиго-лъабго росдада хисун буго цIар – Ахар, Шушия росабазда цIар лъун буго Банаюрт, Ямансу абун. Цогидал росабалъги гьебго жо гьабизе бугин бицана».

ЭР: «Нужер гьенирго ругел чачаналищ гьел, яги тIаде ррачIаралищ?»

ХIалимат Гъайирбегова: «Гьенир рукIаралги тIаде рачIаралги. Эбел-инсул ракьилан рачIаралги руго».

ЭР: «Гьезулгун нужер гьоркьоблъи кинаб бугеб?»

ХIалимат Гъайирбегова: «ЛъикI рукIуна ниж. Гьале 52 сон буго дир, гьеб заманалда жаниб гьезулгун гьоркьоблъи хвараб хIужа ккечIо. Жибго цо-цо гIадлу хвезабулел гIолохъаби киназулго рукIунарищха…»

ЭР: «ХIалимат, нуж ратилаха доб 1940 абилел соназда рагъ ккедал мугIруздаса гочинарун гьенире рачIарал чагIи?»

ХIалимат Гъайирбегова: «Гуро! Ниж руго 1975 соналъ ракь багъаридал гьанире гочинарурал чагIи. Гьедин нижецаго мина-картги бан гьенир парахалъанаха ниж. Нижедаса хадур цогидал миллаталги рачIана гьенире».

1940 абилел соназда рагъ ккедал, гьабсагIаталда Чачан Республикаялда ругел ракьазде гочинабун букIана дагъистаниязул 114 росу. Чачанал нахъруссингун, дагъистаниялги нахъруссана Чачаналдаса.

XS
SM
MD
LG