МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялъул бутIрул: шагьаралда низам чIезабизе буго


Дагъистаналъул прокуратураялъ халгьабизе байбихьун буго МахIачхъалаялъул Темирязевасул къотIнор рукIарал гаражал шагьаралъул адмиинистрациялъ къануналде данде коледухъ риххизарун ругищали. Гьелги риххизарун тахшагьаралъул мэриялъ гьениб базе рагIула риххун инел ругел рукъзабахъа гIадамал гочинаризе гIемертIалаялъулаб мина. Гьелда сверун бахIсал жеги лъугIулел гьечIо.

МахIачхъалаялъул Темирязевасул къотIнор ругел минабазул азбаралъур рукIарал гаражазул бетIергьабаз, гьел риххизари къануналде данде кколареб иш бугинги абун, республикаялъул прокуратураялде хъвараб гIарзаялда рекъон гьез халгьаби байбихьун буго гьал къоязда. Исана февралалъул ахиралда тахшагьаралъул мэриялъ хIукму гьабун букIана гьеб ХIамидовасул ва Темирязевасул къотIнор ругел гаражал риххизаризе ва гьезул бакIалда гIемертIалаялъул минаби разе. Гьел минабахъе рахъинаризе кколел руго риххун инел ругел басриял рукъзабахъа гIадамал.

Жидер азбар бакьулъ бачIого гьезие мина базе батIияб бакIищин батичIеб, жидер гаражал риххизари мекъи букIанин, гьеб мина бан хадуб жидер лъимал расандизе бакIго хутIулеб гьечIин абун акциял гьарун, гьел минаби ралезе квалквалал гьарун иш цебе билълъине толарого букIана гIадамаз. Гьелдаса хадуб сордо-къоялъ гьел гочинарулел ругезе минаби ралел бакIал цIунизе полициялъул хIалтIухъаби чIечIезаризе ккана шагьаралъул нухмалъиялъ. Гьедин бицана "Эркенлъи" радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда МахIачхъалаялъул администрациялъул бакIал раялда хадуб халкколеб бутIаялъул нухмалъулев ГIазизов МухIамадица.

Гьесул рагIабазда рекъон гьел риххизарурал гаражазул бетIергьабахъ хIажаталщинал документал рукIун гьечIо. Жалго гаражазул бетIергьанлъи бихьизабулел кагътал рукIанила гьезухъ, гьез ккураб ракьул бетIергьалъи бихьизарулеб цониги кагъат букIинчIила. Гьеб кколила муниципалияб ракь, гьелда бокьараб гьабизе ихтияр бугила бакIалъул администрациялъулин абуна МухIамадица. Гьедин батани гьел гаражал "гьаваялдайищинха" рукIарал, гьез ккун букIараб ракь гьезул гуреблъи щайин нужеда ракIалде щвечIебилан абун цIехана "Эркенлъи" радиоялъ ГIазизовасда.

ГIазизов МухIамад: "У, гьаваялда ругин абизе бегьула гьел гаражал. Гьел рарал бакIазул документал руго гьезухъ, гьел тIад гьарун ругел ракьул документал гьечIо гьезухъ. Гьеб ккола муниципалияб ракь, шагьаралъул нухмалъиялъ гьеб ракь эркен гьабейин, гьенир рарал бакIаздаса гьеб бацIцIад гьабейин тIалаб гьабурабго,къануналда рекъон, гьезул тIалаб тIубазе ккола гIадамаз. Нижеца гьабизе жо тIагIиналъ гуреллъидал гьел гаражал риххизарурал. Гьел гIадамазе жидерго автомобилал лъезе бакIалъул ургъел батани, нижеца ургъел гьабизе кколеб буго риххун инел ругел рукъзабахъа гочинарзе кколел нус-нус хъизаназул. Шагьаралда лъицаниги кквечIеб ракь кутакалда дагь гурони хутIун гьечIолъиялъ чара къосинабун буго нижер. Гьединлъидал нухал ралагьизе кколел руго. Гьеб дица яги МахIачхъалаялъул мэрас ургъараб жо гуро, гьеб буго федералияб программа. Гьеб тIубазабичIого ресги гьечIо. дол басриял рукъзабахъ ругел гIадамалги кидаллъагIан телел гьенирго".

Гаражалги, тукабиги, кваналел бакIалги гурониги изну гьечIого рарал чанги рукъзалги ругелъул, гьелги риххизарун къотIнорейищин нужеца гIадамал къотIулелин абураб суалги кьуна "Эркенлъи" радиоялъ ГIазизовасе.

ГIазизов МухIамад: "ГIадамаз жаниб гIумру гьарун ругел къануналде данде кколаредухъ рарал рукъзал риххизарилалда цере нижеца гьезул ургъел гьабула. Гьел гIадамалги нилъер чагIилъидал, къотIноре гьел рахъинаризе нижееги къваригIун букIунаро. Гьезул гIемерисезда гьеб мина къануналде данде кколедухъищ кколаредухъищ бан бугебалицин лъаларо. Жидеего санагIалъи бугеб, жидерго ресалда рекъон росула гIадамаз рукъзал. Гьединал минабазул бетIергьаби диваналде кьола нижеца, диваналъ гьесдаса бахъизе ккола гьес къануналде данде кколареб хIалалъ бараб минаялъуб рукъзал росарал гIадамазе рецIалидул гIарац".

ГIемерисел къануналде дандекколаредухъ рарал бакIал рихизарилалда цебе диваналъул хасаб хIукму гьабизегIан чIолила жал, амма ракIчIун муниципалияб ракьалда изну гьечIого рарал бакIал гьеб хIукму къотIизегIан чIечIого риххизаризе ккарал хIужабиги рукIунин абулеб буго ГIазизов МухIамадица. ЦIакъго рес къотIун, хехго хехго шагьаралъул хIажалъабазе ракь къваригIун бугони чаналиго моцIица халат рахъунел диваналъул хIукмабазухъ балагьун чIезе жидер рес букIунарила. Щибилан гьел рарал бакIазул бетIергьабаз абуниги гьеб шагьаралъул администрациялъул ракь бугила, 20 соналъ гьез гьеб ккун букIун батаниги, гьезул бетIергьанлъиялда гьеб ракь букIине ресги гьечIилан абуна гьес.

Гьединго щибаб къануналде данде кколаредухъ бараб бакIалъул бетIергьаби лъугьунел руго гьеб биххизабулелъул дандечIей гьабизе, хIинкъалаби кьезе. Киналго диваналдеги унел руго, амма цониги
диваналъ гьезул рахъ ккун гьабураб хIукму гьечIила, щай гурелъул гьезул цохIонигиязул рукIине кколел документал гьечIолъиялъилан баян гьабуна гара-чIвариялда МухIамадица.

ГIазизов МухIамад: "Нилъер гIадамазул хасият-гIамалги хIисабалде босун абизе бегьула гьез жал бетIергьанабин чIезабураб бокьараб бакI, хIатта цо кипричцин биххизабуни гьелде дандечIей гьабичIого толарин. Нижее кьолел хIинкъалабазулги, тIаде ахIулебщиналъулги бицинего ккеларо. ХIатта, нижер хIалтIухъабазде кьвагьдарал хIужжабигицин рукIана. Гьел гIадамазеги къануналда рекъон букIине кколеб тамихI гьабуна".

ГIазизовасул рагIабазда рекъон жакъа къоялда МахIачхъалаялда гьоркьобе унебщинаб бакIалда тIатинабун буго кинабниги 220 гIан изну гьечIого бараб бакI, гьезул 85 биххизабунги буго. ХутIарал гьединал бакIазул 40% алда хурхарал ишал диваналде кьун ругила, цойгидазда тIасанги баянал ракIарулел ругила диваналда кьезейилан бицана гьес. Гьединго цIидахъан байбихьун буго МахIачхъалаялде рачIунел федералиял шагьранухазда ругел къануналде дандекколаредухъ рарал квана-гьекъолел бакIалги, тукабиги риххизаризеги. Гьал къоязда МахIачхъала - Гъизляр шагьранухда бугеб гьединаб 24 бакI биххизабун буго. Жеги гьединал тадбирал гIемер тIоритIизе ругин бицана гьес.

Гьединго "Эркенлъи" радиоялъ ГIазизовасда цIехана Акгель, Вузовскойилан гIадамаз абулеб хIоразул рагIаллъазабазда, цойги гIадамаз хIухьбахъиялъе ругел бакIазда рарал бакIал риххизаризехъин гьечIищилан. Гьел бакIаз жидерги рахIат хвезабун бугила, амма гьел рукъзабахъ I0 гIан соналъ гIумру гьабун гIадамал ругила, гьезул киназулго ругила I5-20 соналъ цебе шагьаралъул администрациялъ кьурал документал. Гьаб сагIат къануналда рекъон гьезда щибниги абун бажаруларила жидехъа, гьел документал мекъи кьун рукIанин абун чIезабизе кIолищали хIал бихьизе бегьулин абулеб буго гьес.

Гьаб сагIат шагьаралъул ракьазул хIисаб-суал, ай инвентаризация гьабулеб бугила, гьединго МахIачхъалаялъул генералияб планги хIадурулеб бугила, гьел лъугIигун мухIканго лъалила киб бакIалда щиб бугеб ва гьелдаса хадуб байбихьизе бугила тахшагьаралда чIахIиял хиса-басиял гьаризейилан лъазабуна ГIазизов МухIамадица.

XS
SM
MD
LG