МагъчIваялъе рес

Рокъоб щвечIеб «талихI» щвеладай Москваялда?


Федералияб миграционияб хъулухъалда цебе мигрантазул читIир. Москва. 25Окт2013
Федералияб миграционияб хъулухъалда цебе мигрантазул читIир. Москва. 25Окт2013

«Щай киназго хIалтIи Москваялда балагьулеб?» -абураб суал кьолеб буго Москваялда гIумру гьабулезги, жалго хIалтIизе рачIунезги. ГIадатияб халкъалъухъ гIенеккани, гьелъие гIилла буго харж цIикIкIун щолеб букIинги, бигьаго хIалтIи батулеб букIинги. Экспертазда абуни гьелъулъ чанго батIияб гIилла бихьулеб буго.

Щай киназго хIаракат бахъулеб Москваялда хIалтIи балагьизе?

Гьеб суал Москваялда гIумру гьабулез гуребги батIи - батIиял регионазда ругезги лъолеб буго, жалго хIалтIизе рачIунезги кьолеб буго.

Кинабха гIилла бугеб хъизамги тун, гIага-божаралги тун, рокьоб гIуцIараб къайи свериги тун, моцIаз, лъагIалабаз, киб гIумру гьабизе ккелабали лъайчIого, кинаб батаниги хIалтIи гьабизе ккеялъул ургъел гьабичIого тахшагьаралде рачIине?

Экспертаз рихьизарулел руго гьадинал гIиллаби:

* Москваялда ругин абураб цIар

* Москва бацIцIадаб, инфраструктура цебетIураб шагьар

* Культура цебе тIураб, ракIгъезе инее бакIал гIемераб шагьар

* ЦIиккун щолеб харж

* Карьера гьабизе ругел ресал

Амма экспертаз гьел гIиллаби мифаллъун рикIкIунел руго, ва гьадинал дандекквеял гьарурулел руго.

ЦIикIкIун харж щолеб бугониги гIумру гьабизе къваригIунел шартIал Москваялда цIакъ хириял руго. Жанир чIезе рукъ бахъизе кколеб бугони гьелъухъ кьезе кколеб гIарац харжил бащалъи гIанасеб кколеб буго.

Квен –тех регионазде данде ккун хирияб буго. Регионазде данде ккун харж цIикIкIун щолеб бугониги нахъе лъезе , хъизамазе битIизе гIарац тIокIлъулеб гьечIо.

Москва культура цIикIкIараб, ракIгъезе инее бакIал гIемераб бакI букIаниги гьелдасан пайда босизе щолеб буго гьанир гьалбаллъун ругогIан мехалъ.ХIалтIизе лъугьун хадусан-хIалтIи рукъ,хIалтIи рукъ. Цогидал бакIазде инее регIулел гьечIо.Щваралниги хIухьбахъиязул къояз рокъорго чIезе бокьулеб буго.

Карьера гьабизеги Москваялда бигьаяб бугин абуниги экспертазул пикруялда рекъон регионаздаго карьера гьабизе кIваралзул гIарацги буго, цIарги буго, ругел бакIазда къиматги буго. Москваялдайин

абуни карьера гьабизе кIваравги чи гIемераздасан цоявлъун колев вуго.

Гьал руго экспертаз рихьизарурал гIиллаби.

Гьанже гIенеккизин гIадамазухъ.

Узлипат йиго лъабго лъималазул эбел. ТIадегIанаб лъай бугей мугIалим. Гьелъ гIумру гьабулеб Буйнакс шагьаралда Совет Союзалъул заманалда рукIана чанги церетIурал фабрикалги, заводалги. Гьанжейин абуни администрациялъ гIарац цIикIкIун кьуразе ричун гьелгун гьезул бакIазда ран руго чIахIи-чIахIиял хасал минаби.

Узлипат: «Бизнес байбихьани гьебги цебе тIезе биччалеб гьечIо. Чанго структура буго тIад тараб. Щибалъул тIалабал тIуралел ругони щварабщинаб хайир гьелда унеб буго. Гьединлъидал рищватаздалъун тIуралел руго киналго проблемаби. ХIукуматалъул хъулухъ щвезе кканиги кьезе колел руго кIудиял ришватал, яги рукIине колел руго кIудияб хъулухъалда ругел гIагарал чагIи».

Москваялде цIализе рачIарал дагъистаналъул гIолилаздаги бихьулеб гьечIо тIад русине перспектива. Я хIалтIи щоларин яги щвараб хIалтIухъ гIумру гьабизе гIолеб мухь щоларин рикIкIунеб буго гьез.

Фатима юристлъунги цIалун Москваялдаго чIун йиго хIалтIулей гьале гьелъул пикру.

Фатима: «ЛъикIабщинаб жо буссинабун буго Москваялде.Гьеб гуребги гIицIго Москваялда кьолеб буго хIалтIизе ракI балеб харж . ДагьабгIаги гIумруялда рекъараб, нахърател гьабизе, хIухьбахъи гьабизе инее рес щолеб харж.ГIицIго Москваялде руцIцIинарун руго гIумруялъе лъикIал шартIал».

Асиятица лъугIана медицинаялъул академия. ЦIалулей йиго ординатураялда. Амма Дагъистаналде тIад юссун хIалтIизе инее ракIалда гьечIо.

Асият: «ГIемерисел гIолилал рачIуна Москваялде хIалтIизе. Гьезда гьаниб батулеб буго тIад кIвар гьабизе, ургъизе кколареб, гьелдаго цадахъ Дагъистаналда тIадегIанаб лъай щварав специалистасе кьолелалдаса цIикIкIараб харжги кьолеб хIалтIи. Мисалалъе минаби ралел бакIазда хIалтIи ,тукабазда ккасабазда нахъа хIалтIи гIадаб . Дагъистаналда хIалтIуде росиялда гьоркьоб гьечIо ритIухълъи.Нахъа мугъчIвай гьабизе кIудиял хъулухъалда ругел гIагарлъи гьечIони, яги кIудиял ришватал кьолел гьечIони хIалтIи щолеб гьечIо. дун йиго москваялда академия лъугIарай специалист. ТIа йиссун Дагъистаналде хIалтIизе инее дида ракIалда гьечIо я хIалтIи щвезе яги карьера гьабизе дир пикруялда рекъон гьениб рес гьечIо».

Президентасул лъазабиял «Дагъистаналъе лай бугел церетIурал специалистал къваригIун ругин гьезие кинабго чIезабизеги бугин абураб»-гьезда божилъи лъоларищ нужеца ян гьикъидал Асиятица жаваб кьуна президентас жиндирго лъазабияздалъун гIолилазе тIураларел хьулал рижизарурел руго ябун.

Дагъистаналда хIалтIулей мугIалим ПатIиматица нижее загьир гьабуна батIияб пикру.

ПатIимат: «Бугоха кинабго Москваялде буссинабун. Руго гьенир харжалги цIикIкарал. Амма гьабурав чиясе хIалтIи буго гьанибги. Дица рикIкIуна рижараб ракьалда хIалтIизеги кколин, берцинлъиги шивав чияс жинда –жинда сверухъ бижизабизе кколин абун».

XS
SM
MD
LG