МагъчIваялъе рес

KIочене бокьараб лъимерлъи


Блокадаялда бугеб Ленинград, 1941
Блокадаялда бугеб Ленинград, 1941

27 январалда 71 сон тlубала Ленинградалъул блокада бахъаралдаса. 900 къоялъ фашистаз сверун ккун букlараб гьеб шагьаралда рукlана гlемерал дагъистаниялги. Блокадаялъул гlакъубаги къулчlун нахъе хутlарал, доб мехалъ лъимадул ригьда рукlарал дагъистаниязул гIемер гьечIел цо-цояз гIумру гьабулеб буго МахIачхъалаялда.

Ленингарадалъул блокадаялда хварал лъабго миллионн г1адамазда гьоркьор руго 1200 дагъистаниялги. Гьедин бицана «Эркенлъиялъе» Санкт-Петербург шагьаралда бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялъул нухмалъулев ХIасанов ХIасаница. Жакъа 71 сон тIубала блокада бахъаралдаса. Ленинградалъул блокада байбихьана 1941 соналъул сентябралда. Гьелдаса нахъе 900 къоялъ немцазул аскараз сверун ккун букIана кIудияб шагьар. Лъабго миллион чи хун вуго вакъун. Блокадаялъул гIакъуба бихьарал гIадамазул жакъа нахъе хутIарал гIадамал гIемер гьечIо. Гьезул анкьго чи вуго жакъа МахIачхъалаялдаги гIумру гьабун. Гьезул цояй Сухомлинова Галинагун гара-чIвари гьабуна «Эркенлъи» радиоялъ. Блокада байбихьараб мехалъ гьелъул букIун буго анкьго сон. Эбелги гьитIинай яцги, гьейги кIодоэбелгун цадахъ, шагьаралъул рагIалда бугеб гьелъул рокъор рукIун руго. Гьенибе немцаз къанагIат гурони кьвагьулеб букIинчIилан бицана гьелъ. Аслияб куцалда гьез гIарада балеб букIанин шагьаралъул бакьулъе. 1942 соналъул хасало Гитлерица буюрухъ кьун бугин тIокIаб гIарада багейин шагьаралде, жалго ракъуца хвезе риччан тейин, гьебмехалъ нилъее бигьалъизе бугин шагьар бахъизеийн бицунеб букIанин доб мехалдаян ракIалде щвезабуна Сухомлинова Галинаца.

Блокадаялъул заманаялда бищунго вахIшияб кIиго лахIзат букIанин жиндир гIумруялдаян бицана гьелъ нижер программаялъе.

Сухомлинова Галина: «Цо нухалъ эбелги гьитIинай яцгун дунги унел рукIана гIарада базе байбихьараб мехалъ хIинкъи гьечIеб бакIалде. Гьебмехалъ гIарададул цо кесек эбелалъухъ кодой йикIарай анкьго моцI барай ясалъул ботIролъ щвана. Яцалъул талихI ккана гьей биццатаб юргъаналда гъоркь кьущан йикIин. Гьелъ цIунана гьей хвалдаса. Ниж кутакалда хIинкъана гьей хун ятилилан. Эдинги щибниги ругъун лъечIого хутIана гьелда. Амма гIарададул кесек кьабиялъул кутакалъ гьелъул цояб бер хъвалисана. Гьелдаса нахъе берал хъвалис, берал хъвалис абун лъималаз махсароде кколейги йикIунан гьей, гьезда лъаларелъулха щай гьедин лъугьараяли

КIиабилеб нухалъ, дида ракIалда буго эбелалъ карточкаги кьун гьелъухъ чед босизе йитIана дун тукаде. Нухда дун йигей мехалъ бахъана гIарада базе бугин, хIинкъи гьечIелъуре лъутайилан лъазабизе бахъинабулеб гьаракь. Дун щибниги гьабизе регIилалде базе байбихьана гIарада. Гьебмехалъ дида цадахъ векрун унев вукIарав цо чиясул ботIролъ щун бачIараб гIарададул кесекалъ гьесул бетIер ана бихъизабун ва гьесул щокъросан речIчIаризе байбихьана би. Гьеб кинабго ккана дир берда цебе. Нужедаго цебе чIезабе гьеб лахIзаталъ анкьго барай дида кинаб хIал букIун батилебали? Гьев бащдаб къотIараб бетIергун жеги чанго галул манзилалъ цеве ана ва цо рукъалъул къадалъги речIчIун гIодов ккана. Цо чанго минуталъги гьесул къаркъала чIучIадулеб букIана ва хадув лъугIун ана гьев».

Гьеб кIиябго лъугьа-бахъиналдаса хадуб рекIеде ячIине гIемер заман банин жиндицаян бицана гьелъ. Ракъун холел рукIарал гIадамазул абуни бицунго хIалкIоларин. Щибаб къоялъ, щибаб сагIаталъ гIадин холел рукIанин гIадамал. Хваразул жаназабазул цIун рукIанин къватIал, азбарал, рагьу- къоно. ХIасил-калам жаназаби рукъизе регIулел рукIинчIин гIадамалилан бицана гьелъ.

Сухомлинова Галина: «Сордо къоялъе кьолеб букIана 120 грамм чадил. ТIокIаб щибниги кваназе жо тукада букIинчIо. Бокьани циндаго кванайха дуца гьеб, бокьани къоялъе гIезабе, гьеб дудаго бараб букIана. Чедги кинабха гьеб букIараб. Ролъ жаниб букIараб хъапги кIутIун гьениса данде бакIарараб ролъги, нихдал ва бугIа лъилъун хадуб гъорлъе ккараб наккуги, цIулал хIурги, нах гъорлъ бессараб чIортоги ххенон, гьелъул ханжуги жубан буцараб ролъул бежараб чед букIана гьеб. Нужецаго цебе чIезабе кинаб тIагIам гьелда букIине кколебали?»

Гьединаб ракъул гIазабги къулчIун чIаго хутIун руго Галинаги гьелъул хъизанги. Жал чIаго хутIиялъе гьединго сабаблъун кканин кIодоэбелалъул рукъ букIараб бакIалда аскIоб рохь букIиналъ. Гьенир рукIарал махил ва накIкIил гъутIбуздаса бахъараб лъим гьекъолаанин жидеца. Мисалалъе махил гъотIол даруяб лъеца сах гьарунин жидер гIусал. Шагьаралда рукIарал гIадамазул абуни цинга абураб унти тIибитIун букIиналъ киналго цаби-гIусал гIодоре гъун лъугIанин.

Дагъистаналде Сухомлинова Галинаги гьелъул хъизанги рачIун руго 1951 соналъул тIоцебесеб февралалда. Гьелдаса нахъе гьанир гIумру гьабун чIанин, жидее цIакъ рекIее гIунин гьанибилан бицана гьелъ.

27 январалда гьединго 70 сон тIубала Гитлерил фашизмалъ вахIшияб туснахъалде сверизабун букIараб, Польшаялъул Овсенцим абураб шагьар советиял аскараз эркен гьабуралдасаги. Гьеб шагьаралда гьарурал концлагеразда фашистаз чIаго рухIана ва ракъуца хвезаруна чанго миллион гIадамал. Аслияб куцалда гьел рукIана жугьутIал. Гьезда гьоркьор рукIана гIурус халкъги. Гьениб жужахIалъул гIакъубаги къулчIун хвечIого рорчIарал гIадамазул дагьалго чагIи руго жакъа нахъе .

XS
SM
MD
LG