МагъчIваялъе рес

Дербенталъул мэр ана тIадвуссинелъун


Имам Яралиев
Имам Яралиев

12 январалда Дербенталъул мэр Имам Яралиевас тана жиндирго хъулухъ. Гьес гьеб хисана депутатасул мандаталъухъ. Хъулухъалдаса нахъе ана гьеб шагьаралъул депутатазул гIуцIиялъул нухмалъулев Мовсун РахIимовги.

Дербенталъул мэр Имам Яралиев шагьаралъул депутатлъун вахъине жиндирго мандат гьесие кьуна депутат Талидин Мамеевас. Дербент шагьаралъул официалияб сайталда хъвавухъе, Яралиев депутатлъун вахъиналъул рахъккун буго шагьаралда ругел партиязул киналго фракцияз.

Гьедин 12 январалда депутатаз Мовсун РахIимовасда тIадкъана заманаялъ Дербент шагьаралъул администрациялъул нухмалъулесул ишал тIуразе. РахIимов кколаан шагьаралъул депутатазул гIуцIиялъул нухмалъулев.

Дербенталъул мэр хIисабалда Имам Яралиевасул болжал лъугIулаан исана сентябралда. Гьеб ккола Дербенталда 2000 сонилаб юбилей кIодо гьабизе бихьизабураб заманги. Гьединлъидал шагьаралъул къануназулъ хиса-басиги гьабун, ЦIияб соналда цебесеб къоялъго кьунин Яралиевасе шагьаралъул депутатасул мандат, гьебги лъан, Яралиевасул оппозициялъ 10 январалда гьениб митингги гьабунин бицун букIана ЭР-ялъги.

ПалхIасил, Дербенталъул депутатазда гьоркьор гIемерисел Имам Яралиевасул рахъккурал чагIи ругин бицана ЭР-ялъе гьениса Бахтияр Мирзаев абулев чияс. Гьединлъидал щаклъи гьечIила гьез мэрлъун жидедаго гьоркьоса Яралиев вихьизавизе вукIиналда. Бахтияр Мирзаев ккола Имам Яралиевасда дандечIун I0 январалда Дербенталда гьабураб митингалъул гIахьалчи.

Бахтияр Мирзаев: «Депутатал халкъалъ рищун ратани, халкъалъул мурадал цIунизе ккеларищ гьез? Нижер гьанибин абуни иш гIакса буго. Яралиев цIунулев вуго гьез халкъалдаса. Гьединал депутатал щай къваригIарал чагIи? Халкъалдайин абуни гьел чагIи депутаталлъун жалго кин ккаралалиги лъазецин лъаларо».

Дагъистаналъул прокурорлъун вукIарав Имам Яралиев Дербенталда мэрлъун 2009 соналда халкъалъ вищун вукIана. Доб мехалда президентлъун вукIарав МухIу ГIалиевасе бокьун букIана гьелде щвезегIангоги Дербенталда мэрлъун вукIарав Феликс ГъазиахIмадов цIунун хутIизе. Амма кутакаб гъалмагъирги ахIи-хIурги гьабун, прокурор Яралиев вищана гIадамаз.

Яралиев нахъе вахъейин Дербенталъул гIадамал гIемер хъвадаранин бицана ЭР-ялъе Дербенталдаса оппозициялъул вакил Мамед Шириновас.

Мамед Ширинов: «Гьеб суалалда тIасан гIемер руго кагътал, гIарзаби. Шималияб Кавказалъул рахъалъ Россиялъул министр Лев Кузнецов вачIараб мехалда, гIадамаз гьесдагицин абун букIана Яралиевасул хIакъалъулъ. Гьеб мехалда гьес жаваб кьун букIана Кавказалда унго-унгояв бихьинчияс кколин жинцаго кьураб рагIи, гьедин жинца гьеб суал рагIалде бахъинабилилан».

Чанго моцIалъ цеве Дербенталде щварав министр Лев Кузнецов рази вукIинчIо некIсияб Дербенталда бугеб рищни-къулалдасаги. Гьеб бакIарейин бадибчIвай гьабун букIана гьес мэрасе. Гьединабго бадибчIвай гьесие гьабун букIана Шималияб Кавказалда улкаялъул президентас тарав вакил Сергей Меликовасги.

ПалхIасил, тахбакIида вукIине Имам Яралиевас жиндиего нух балагьана. Гьеб хъулухъалда бан гьанже республикаялъул нухмалъиялъ тIаде щибниги ургъилебищали жеги лъаларо.

Абизе ккола тIалъиялъул чагIиги гIемерго рази гьечIин Яралиевас Дербенталда гьабулеб хIалтIуда. Цо-цоязул пикруялда рекъон, депутатаз вищулев вугони, Яралиевасда тIадкIалъан бажаруларелъул, гIицIго рес буго шагьаралъе пайдаяб куцалда хIалтIи гьабулеб гьечIилан хадув гьев республикаялъул нухмалъиялъ нахъе вахъизеги.

Цебеккун Яралиевасул бакIалде Дербенталъул чогърол заводалъул директор МухIамад СагIадулаев вачIунин букIана хабар. Амма къануналда рекъон, мэр вищулев вуго шагьаралъул депутатазда гьоркьоса.

СагIадулаевин абуни ккола Халкъияб Мажлисалъул депутат. Гьединго аслияб куцалда лехгиязгун къажараз ва табасаран миллатаз гIумру гьабулеб шагьаралда ЧIарада мухъалдаса магIарулав мэрлъун тIами щакаб жо буго, гьанжелъагIан Дагъистанала хъулухъал рикьулеб къагIидаялда рекъон.

XS
SM
MD
LG