МагъчIваялъе рес

Мэрас жиндиразде ва жиндирал гурезде бикьараб Дербент


Дербент, Нарын-хъала
Дербент, Нарын-хъала

10 январалда Дербенталда букIана шагьаралъул мэр Имам Яралиевасдаса разилъи гьечIолъи бихьизабураб данделъи. Гьезда лъан буго тIасияб болжалалдаги мэрлъун хутIизе Яралиевас цIияб соналда цебесеб къоялъ шагьаралъул къануназулъ хиса-баси гьабун букIин.

Дербенталъул мэрасул хъулухъалда Имам Яралиевасул болжал лъугIула 2015 соналда. Амма гьесда батун буго тIасияб болжалалдаги гьенивго вукIине нух. Гьедин бицана ЭР-ялъе 10 январалда Дербенталда тIобитIараб данделъиялда рукIарал гIадамаз. Гьелда хурхун хитIабги гьабуна гьез республикаялъул нухмалъулесде.

ЦIияб соналда цебесеб къоялъ шагьаралъул къануналги хисизарун, мэр Яралиев бакIалъул депутатлъун вищун вуго. Гьелъул магIна ккола депутатазда гьоркьосан тIасияб болжалалдаги мэрлъун гьев вищизе рес буголъи.

Бахтияр: «Къиралищ гьев, щив гьев? Вищун хъулухъалда толев чи ватани, вукIаха гьедин, халкъалъе хъулухъалда, гиназ гIадин пахруго хьвадичIого. Гьес шагьаралда къватIазулги, рукIа-рахъиналъе чIезарурал шартIалги, цогидабги гуребги, биххизабуна толерантность абураб жогицин. Цебе Дербент лъалаан гIемермиллатаз, батIи-батIиял диназул вакилзабаз цоцадехун адабалда, сабруялда гIумру гьабулеб шагьарлъун. Гьанжейин абуни шагьар бикьун буго мэрасул чагIаздеги цогидаздеги. Гьесул хъаравулзабаз кверщел гьабулеб бакIалде ккун буго шагьар. Гьезие щай гьединаб ихтияр кьезе кколеб? Халкъалда цебе республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас жиндие кьураб тIадкъайгицин тIубазабичIо Имам Яралиевас. Масала, имам ХIусенил цIар лъураб некIсияб мажгит буго гьаниб. Советияб заманалда пачалихъалъул мурадалда хIалтIизабулаан гьеб. Гьанже халкъалъухъе кьун буго. Амма мажгиталъул азбаралъул цо гIаданалъ тIубараб базар гьабун буго. Гьеб гьениса нахъе бахъейин лъазабун букIана ГIабдулатIиповас. Амма гьабичIо. Яралиевасул хъаравуллъиялдаса чиясеги щолин гьениса давлайин баянал руго. Гьединлъидал гьанже диваналде гIарзаги хъван, адвокат кквезе гIарац бакIарулеб буго халкъалъ, гьедингIаги кIоларищ суал тIубазабизеяли».

Гьеб данделъи гьабилалде цебесеб къоялъ дербенталъулаз фейсбукалдасан тIибитIизабуна шагьаралъул мэр Имам Яралиевасдасан жидерго бугеб разилъи гьечIолъи. 2009 соналда гьев вищизе ришват хIисабалда бикьулеб букIараб 10 аза-азар гъурщидаса рохуца холел рукIанин жал, амма гьанже ургъалилъе ккунги ругила гьес Дербенталда чIезабун бугеб къоги бихьун.

НекIсияб тарихалъул шагьар цо кIудияб рощногохIде сверизабун бугила, гьенир гIумру гьабулел гIадамазейин абуни гьечIила бищун гIадатиялгицин рукIа-рахъиналъул шартIал чIезарун. Масала, чанго тIалаялъул минаялъур ругел гIадамаз лъим баччизе кколеб буго гIертIазги ведрабазги, лъим кьабулел алатал хIалтIунгутIиялъ.

Квешаб хIалалда бугин рищни-къул бакIариялъул суалгийин хъвалеб буго гIадамаз. Шагьаралъул бюджеталдасан санайилго лъабго млн гъурущ биччалила шагьар рощнодаса бацIцIад гьабизе, амма бакIарулеб гьечIила. Гьединго рищни бакIаризейин абун гIарац гIадамазухъа бугила бакIарулеб.

НекIсияб Нарин-хъалаялдаги цузабун бан бугила Яралиевас живго бетIергьанаб ресторан. Гьеб биххизабизе рагIи кьун букIанила гьес гIадамазе. Щайила биххизабулареб.

ПахIасил, дербенталъул гIадамазул цо къокъаялъ фейсбукалдасан тIибитIизабураб гьеб кагътида рехсон руго жеги гIунгутIаби.

Гьелдаги цогидалдаги тIасан баянал дербенталъулаз кьун рукIана дагьалъ цеве Дербенталде щварав Лев Кузнецовасеги. Шималияб Кавказалъул ишазул рахъалъ Россиялъул министр ккола гьев.

Яралиевасдаса рази гьечIел гIадамалгун дандчIвазе 9 январалда Дербенталде вачIун вукIана Дагъистаналъул хIукуматалъул вице-премьер Анатолий Карибовги. ЦIияб соналдаса хадуб азербажаназ ахIи-хIур бахъинабун букIана шигIитазул шайихасул зани бекун бугилан. Гьеб жибго бегун бекараб зани бугин абуна вице-премьерас. Гьединго вице-премьер Дербенталде вачIараб къоялъ, 9 январалда, гьениб инжит гьабун батана лезгиязул шагIир Низами Гянжевияе лъураб монументги.

Гьедин Дербенталъул мэр Имам Яралиевасдаса гIадамаз загьир гьабулеб разилъи гьечIолъи лезгиязулгун азербажаназул миллияб суалалде буссинабулеб буго цо-цояз. Миллаталъул рахъалъ Яралиев лезгияв ккола. Гьедин кигIан жалго гьесдаса рази гьечIониги, фейсбукалдасан хъвадарулел лезгияз хIаракат бахъулеб буго гьев цIунизе. Гьел ругила гьесде азербажаназ ургъунго гIунтIизарулел гIайибал.

Амма 10 январалда Дербенталда данделъарал гIадамаз ЭР-ялъе абуна Яралиевасде гIайиб гIунтIизабулел чагIазда гъорлъ жалго лезгиялги ругила, табасараналги ругила. Гьединго Африкаялдаса чи мэрлъун вачIаниги батIалъиги гьечIила жиндие, гьес унголъунги халкъалъе хъулухъ гьабизе батани.

Имам Яралиев Дербенталъул мэрлъун вищана 2009 соналда. Гьеб заманалда Дагъистаналъул президентлъун вукIана МухIу ГIалиев. Дербенталъул мэрасул рищиязда гьес рахъ кколеб букIана гьелде щвезегIанги Дербенталда мэрлъун вукIарав Феликс ГъазиахIмадовасул. ГIезегIан гъалмагъиралги ахIи-хIурги букIана гьел рищиязда. Амма бергьана Имам Яралиев. Гьелде щвезегIан гьев Дагъистаналъул прокурорлъунги вукIана.

XS
SM
MD
LG