МагъчIваялъе рес

Лъица ва щай чIварав футболист?


МухIамадов ХIасан
МухIамадов ХIасан

«Анжи» клубалъул футболист МухIамадов ХIасан мекъиги ккун чIван ватулин рикIкIунеб буго цIех-рехчагIаз. ЧIварасул гIагарлъиялда бичIчIулеб гьечIо ХIасаница лъие квал-квал гьабулеб букIарабали. Лъица ва щай гьев чIварав?

«Анжи» клубалъул футболист ХIасан МухIамадов вукъана Кумторхъала мухъалъул Новокули росдал хабалазда. 20 сон барав футболист чIвана гьал къоязда рокъове тIадвуссунев мехалда. МухIамадов чIваялъул чIванкъотIараб версия гьечIо жеги цIех-рехчагIазул.

Январалъул 3-лелда МухIамадов гьудул-гьалмагъзабигун футболги хIан рокъове ун вуго автомобилалде. Гьес гIумру гьабулеб буго Новокули росулъ. Сардил сагIат 12 тIубалелде гьев кIалъан вуго вацгIаласухъе жив щолев вугин рокъовеян. Цодагьаб заман индал автоматалъул кьвагьдеял рагIун руго рокъоре ругезда. Минадул азбаралдаса къватIире раккарал гIагарлъиялъул чагIазда батун буго гуллбуз борлъараб ХIасанил автомобиль. Салоналда вугев футболистасде щун буго 4-5 гулла. Хъамун азарханаялде вачана гьев амма нухдаго хвана.

ХIасанил имгIал Мурад МухIамадовас абуралда рекъон, гIагарлъиялда бичIчIулеб гьечIо щай гьеб лъугьа-бахъин ккарабали. «ГIодов виччарав вас вукIана гьев. ДагIба-рагIиги щивгун букIинчIо гьесул. Команадаялдаги гьебго жо абила. Лъие гьес квал-квал гьабурабали, лъилгун гьесул хабар дандеккечIебяли лъалеб жо гьечIо», - ян абуна чIварасул имгIалас. «Анжиялъул» гендиректор Сергей Кораблевасни абуна, хьул бугин гIагараб заманалда такъсирчагIи ратилин ва гьезие дурусаб тамихIги гьабилин.

Футболист Египеталда рукIарал тренировкабаздаса цодагьалъ цебе тIадвуссана. «Анжи-2» абураб аслияб клубалъул дублялда хIалтIулев вукIанин гьевин, бицана журналистазе «Дикая дивизия» фан-клубалъул цевехъан Рамазан Гъазиевас.

ЦIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб идараялда «Эркенлъиялъе» бицана футболист чIваялъе кинаб гIилла букIарабали аслияб версия жеги гьечIин. «МухIамадовасул лъилнигун конфликтал рукIаралищали балагьулел руго. Гьединго буго версия гьев мекъи ккун чIванилан», - ян бицана цIех-рехалъул идараялъул вакилас. Гьесул рагIабазда рекъон, такъсир гьабиялъул иш рагьун буго Уголовияб Кодексалъул кIиго бутIаялдалъун: I05-леб – чи чIвай, 222-леб – къануналда рекъечIого ярагъ тIибитIизаби.

«Анжи» клубалдани рикIкIунеб буго, футболист мекъи ккун чIванин. Клубалъул пресс-хъулухъалъул вакил Атай Даудовас бицана «Эркенлъиялъе» тIокIаб гIилла кинаб букIарабали абизе захIмалъулеб бугин.

Атай Даудов: «Къосун ккун чIван ватилин гьевин, абулеб буго. Мадугьалихъ вугев чиясулги гьесулги автомобилалъул номерал релълъарал рукIанин бицана. Гьев чIваялъе гIиллаби кинал рукIарали бицине захIмат буго. Футболистги гьев лъикIав вукIана, тренерас гьесие квешаб къимат кьолароан. Перспектива бугев футболистлъун вукIани. Гьесул хвей Дагъистаналъул футболалъе камилъун кканилан абизе бегьула».

Фейсбук сайталда ругел Дагъистаналъул цоял къукъабазда хъвалеб буго футболистасул мадугьал полициялъул хIалтIухъанлъун вукIанин, цогидаздани хъвалеб буго бизнесчилъун вукIанин мадугьал. Цо-цо къукъабазда дискуссиял раккана рохьилазул лъалкI батилин гьеб такъсиразулъ. Изну гьечIого яргъид гIуцIараз футбол диналда рекъечIеб хIайлъун рикIкIунин ва цогидал футболистал хIинкъизариялъе чIван ватилин МухIамадовилан, хъвалеб буго Фейсбукалъул къукъаялда. Руго гьединго цогидал баяналги. Мисалалъе, футболист чIвана республикаялда бугеб ахIвал-хIал хIалуцинабизе.

Гьанибго тIаде жубала, «Кавказский узел» сайталъул статистикаялда рекъон, араб соналъул 11 моцIида жаниб Дагъистаналда 16 кьвагьи ккун буго, 95 кьвагьдейги букIун буго. Гьел такъсиразда хун вуго 196 чи, 84-ясул сахлъиялъе зарал ккун буго. ЧIваразда гъорлъ руго гражданиязул 23 чи, полициялъул 21 чи, изну гьечIого яргъид гIуцIаразул 152 чи.

Республикаялъул Жанисел ишазул министерлъиялъулни статистика цодагьго батIияб буго. Изну гьечIого яргъидгIуцIарал къукъабазде гъорлъе унев I67 чи чIванин 20I4-леб сонла да Дагъистаналдаилан лъазабуна республикаялъул МВДялъул оперативиябгун цIех-рехалъул идараялъул ай ОРЧялъул нухмалъулев МухIамад Хизриевас.

Гьесул рагIабазда рекъон, 2014 соналда терроралъулгун-экстремизмалъул такъсирал регионалда дагьлъана. Хизриевас бицухъе, низам цIунелел идарабазул хIалтIухъабаз исана ккуна рохьилазул 200 кумекчи. Гьединго изну гьечIого яргъидгIуцIаразде гъорлъе унел 15-ял жалго рачIана полициялде ярагъги гIодоб лъунилан, тIаде жубана МВДялъул хIалтIухъанас.

Республикаялъул прокуратураялдани рикIкIунеб буго рохьилазде дандекъерькеялъул хIасилал батIиял ратине рукIанин, низам цIунулез жидерго хIалтIи кIварги кьун гьабулеб букIарабани. ХIалтIул план хъвазе лъунгутIи, оперативияб цIех-рех бачине ва цIех-рехалъул тадбирал гьаризе кIунгутIи - гьединал гIунгутIаби руго низам цIунулезул хIалтIудалъилан абуна цодагьалъ цебе Дагъистаналъул прокур Рамазан Шахнавозовас.

XS
SM
MD
LG