МагъчIваялъе рес

Араб соналъул хIасил гьабулаго


ШИМАЛИ/Б КАВКАЗ

Гъоркьиса 20 сон тIубана Россиялъул президент Борис Ельцинил бюуриялдалъун Чачанлъиялда тIоцебесеб рагъ багъараралдаса. Кремлалъ гIаммал гьабулеб букIана доб рагъ конституционияб низам цIунулеб иш хIисабалда бихьизабизе.

Кремлалда кколаан Чачаназул Республика Ичкериялъул президент Жовгьар Дудаевас Шималияб Кавказалъул тарихалъул цIияб тIанчI рагьун хадусала тIолго Россиялъе хIинкъи щолеб бугин.

Байбихьуда гьадин букIунги батула, гьанжейин абуни аналитиказда ва политологазда ккола гьедегIан кIудияб хIинкъи гьечIин.

Сочиялда хасалил Олимпиада рагьизегIан Имарат Кавказалъул рагъухъабаз къеркьохъаназ рагIи кьун букIана Олимпиял хIаязул тату терактаздалъун хвезаризе. Амма гьел паракъатго тIоритIана. Ункъго дагъистанияв жанив тIамун вукIана доб мехалъ суицидалиял гьужумал хIадургьариялда щаклъи ккедал.

Март моцалъул бащалъуда "Кавказ-центр" абулеб сайталъ лъазабуна Имарат Кавказалъул амир ГIумаров Докку хун вугин ва гьесул бакIалде магIарулазул рухIанияв ГIалиасхIаб Кебеков тIамун вугин.

Кебековас хъващтIан лъазабуна жигьад бачиналда жиндирго бербалагьи. Гьесул пикруялда Шималияб Кавказалъул бусурбабазда тIадаб буго гIурус залимазде данде къеркьей гьабизе, амма террортистикиял гьужумал кIванагIан дагьлъизабулаго ва гьединал ишазде гъорлъе руччаби цIачIого. Гьес гьединго ахIи бана идеологиялъул хIалтIул жигар цIикIкIинабиялда.

4 декабрялда Грозный шагьаралде гьабураб гьужумалъ бихьизабуна Шималияб Кавказалда халат бахъунеб къеркьеялъул хIинкъи хутIулеб букIин. Доб гьужумалъул хIасилалда Чачан республикаялъул 14 полициялъулав чIвана ва 36-гояв лъукъана.

Республикаялъул бетIер Рамзан Къадировас 4 декабрялда "Россия-24" телеканалалъе гьелда бан гьадинаб баян гьабуна:

Рамзан Къадиров: «Нижехъ буго ГIумаров Доккул вацасул аудио хъвай-хвагIай. Гьелдалъун бичIчIизе бегьула гьадинаб жо - гьез гIарац бакIкIарун гьел васал Грозныялде ритIана гьениб ахIи-хIур багъаризаби мурадалда. Нижеда кколаан гьез гьеб ахIи-хIур 12 декабрялда багъаризабизе бугин, гьезийн хIукму гьабуна жакъа гьеб гьужум гьабизе».

Кин бугониги – соналдаса соналде дагьлъулеб буго гьеб халат бахъунеб рагъул къурбаназул къадар: 2011 соналда 750-гIан чи чIвана гIаммаб къадаралда, араб соналъул декабрь моцI щвелалде – 325 гIанасев чи чIван вуго. Гьеб зулмуялъул 50-гIан процент Дагъистаналда хурхараб буго.

Шималияб Кавказалда конституционияб низам т1ад чIезабун бугин абулел Россиялъул тIадтарал ургъалида рукIиналъе гьадинаб далил бачине бегьула.

Май моцIалда гьениб бугеб Россиялъул цолъараб рагъулаб гIуцIиялъул вукIарав бетIер генерал-лейтенант Сергей Меликов тIамун вукIана гьеб федералияб икълималда Россиялъул президентасул вакиллъун вукIарав Александр Хлопонинил бакIалде.

Рагъулаб хIалбихьи бугев Меликовасда тIадаблъун гьабун буго Шималияб Кавказалда хIинкъи гьечIолъи цIунизе.

Амма мисалалъе босани Чачан республикаялъул бетIер Къадиров Рамзанил жиндир хIалбихьи бугин жиндирго интересазде данде чIаразегурхIел гьечIеб жаза гьабиялъул.

Гъоркьисала Кавказ Халкъазул Ассамблеялъул бутIрузул цояв Кутаев Руслан ункъго соналъжаниветIамун вуго Къадировасул хIукму нахъ чIван букIиналъ. Кутаевас Грозныялд гIуцIана чачан халкъалъул депортация гьабиялдаса 70 тIубаялда хурхараб тадбир. Къадировасийн доб депортациялъул къурбанал ракIалде щвезабизе гьукъана.

Къадировас чIечIого загьриабулеб буго Украиналда бан Россиялъул президентас хIалтIизабулеб политикалъе. Цого мехалъ гьес нахъ чIвана Украиналда унеб рагъда чачаназул къуватал гIуцIабазул хъулухъчаги гIахьаллъун рукIин.

Гьадинаб лъазаби цебе тIибитIизабун букIана информалатаз. Журналистаз абулаан гьел хъулухъчагIи хасго Къадиров Рамзанил буюриялдалъун Донецк ва Луганск икълимазде ритIун рукIанин.

Гъоркьиса гIадатиял гIадамал ва низам цIунулел гурелги – къеркьохъаназул цо-цо бутIрулги чIван руго. Масала Артур Гатагажев. Гьев кколаан гъалкъазул къукъаялъул амирлъун. Батизе бегьула хасго гьеб сабаблъун Гъалгъастаналъул бетIер Юнус-бек Евкуров хисун вукIинчIо. Гъалгъастаналъул тIалъиялда ахирисеб мехалда коррупция ва ришватчилъи цIикIкIун буго.

Дагъистан республикаялъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница жиндир болжалалъул кIиабилеб соналда кIудияб гIамал гьабулеб букIана жиндирго асар цIунизелъун. Гьесул аслияв дандияв МахIачхъалаялъул мэр Амиров СагIид анцIго соналъ жаниве тIамун вугоан. Гьесда чIвараб гIайиб – терроризмалде хурхен букIин.

Рамазан ГIабдулатIиповасул кIудияб асар бугев кIиабилев дандиявлъун ккола Дербент мухъалъул бетIер Къурбанов Къурбан. Октябрь моцIалда гьев жиндирго хъулухъалдаса эркен гьавун вуго. Гьес инкар гьабуна ГIабдулатIиповасул буюри тIубазабиялдаса – жиндиего бокьун хъулухъ теян абураб. Гьелдаса нахъе Къурбановасде гIунтIизабун бугоан хъулухъалда ихтиярал гъорхъолъа борчIараб хIалалда тIуразариялъул гIайиб.

Жиндирго гьадинаб напсияб интерес берцинго цIунулев Рамазан ГIабдулатIиповас цого заманалда сан гьаричIого толел ругин гIадатиял гIадамазул интересал. Масала Временное абулеб росдал гIадамазул.

Гьел захIматаб ахIвал-хIалалде рехун руго гьениб ва Генуб росдал сверухълъиялда хасаб операция унеб букIиналъ.

ТIокIаб чара гьечIого жидерго рукъзал тун, къватIирехун арал гIадамаз Россиялъул президентасухъе гарз битIун буго, амма гьеб жаваб гьечIого хутIулеб буго гьанжелъагIан. 42 рукъ чIобогояб буго гьанжеги.

Гъабардагун-Балкариялъул бетIер Юрий Коковас рагIи кьун букIана гъоркьиса июль моцIалда эркенав журналист Тимур Каушев чIварал ратун, гьел жавабчилъиялде цIазе. Амма такъсирчагIи жеги ратун гьечIо.

Гъарачайгун-Чергессиялда 2014 соналда 13 чи жаниве тIамун вуго республикаялда пачалихъияб хиса-свери хIадур гьабиялухъ. Низам цIунулез абулеб букIана гьез гьениб исламияб пачалихъ тIад чIезабизе гIамал гьабулеб букIанин, амма прокуротороялда кIвечIо гьелда хурхарал далилал ратизе.

Август моцIалда чIвана Шималияб гьиристаналъул муфти хисулев ХIамзатов Расул. Гьаб нухалъги чIвадарухъан ватун гьечIо. Гьеб республикаялъул вукIарав бетIер Таймураз Мамсуров жиндир болжалалъул ахирисеб соналда рикIкIун вукIана Россиялъул 85 субъекталъулбутIрузда гъорлъ бищун дагьаб хIалтIул асар ва хIалбихьи бугев нухмалъулевлъун.

Гьединаб ахIвал-хIалги, нартил багьа дунялалъул базаралда гIодобе ккун букIинги, Россиялъул гъурщил къимат дагьлъулеб букIинги хIисабалде босун, баккулеб буго суал – кIвеладай Кремлалъ Шималияб Кавказалъул республикабазде добго къадаралда гIарац биччазе.

КIвеладай халкъаздагьоркьосел гIуцIабаз, Евроцолъиялъ, Цолъарал Штатаз ва Цолъарал Миллатазул гIуцIиялъ террористикияблъун рикIкIунеб «Исламияб пачалихъ» абулеб багъа-бачариялда жиндирго рагIи тIубазабизе – Шималияб Кавказ Россиялъул ханлъиялъукьа борчизабизе ян абураб суал цебе лъолеб буго экспертаз.

РОССИЯ

2014 соналда Россиялъул пропагандаялъ кIудияб хIаракат бахъана къватIисел улкабазе жиндирго асар цIикIкIинабизе. Гьале гIадамал гьукъиялъул цо-цо мисалал.

2 маялда Одессаялда цо тохтурас кIванагIан кIудияб хIаракат бахъулеб букIанила Россиялъул рахъ ккурал демонстрантал хвасар гьаризе. Гьел рукIанила сверун ккураб профессиноалияб цолъиялъул минаялда жаниб. Гьездаса 40-яв чIван вугила.

«Тохтур хIисабадла дун гьедегIана цоясе медицинияб кумек гьабизе, амма украиналъул нацистаз-радикалаз дун чIезавуна. Гьезул цояс диде абуна кватIичIого нужееги, жугьутIазе гьадинабго къадар щвела», - ян хъван буго жиндирго Фейсбукалда дов пуланав тохтурас.

Амма цех-рех гьабулеб мехалда ьаянлъана – гьадинав тохтор гьечIолъи. Гьадинаб хабарзагьирабурав чияс Фейсбукалъул гьумералда лъун букIана Гъарачайгун-Чергессиялдаса цо стоматологасул сурат. Хадуб гьеб гьумер Фейсбук сайталдаса тIагIана. www.rferl.org/content/guardian-op-ed-quotes-cryptic-odesa-doctor-seen-as-hoax/25385076.html

Амма гьадин бугониги гьеб баяналъ кIудияб дандерижи багъаризабуна интернеталда. ХIатта магърибалъул прессалда. Мисалалъе The Guardian абулеб газетаялда. www.theguardian.com/commentisfree/20I4/may/I3/ukraine-us-war-russia-john-pilger?CMP=twt_gu

2014 соналда Кремлалъул гIарцIул кумекалдалъун хIалтIулел информалатаз глобалияб къагIидаялда хIалтIизе байбихьана.

Россиялъул пачалихъияб телевидениялъ жигараб къагIидаялда Магъриб бихьизабулеб букIана ццидалаб ва яхI-намус гьечIеб ва Россиялъул интересазе зарал гьабулеб бакI хIисабалда. Москваялъ гIатIилъизаруна къватIисел улкабазул мацIаздариччалел радио ва телевизиониял программаби. ЦIияб информационияб рагъ багъаризабун.

Мех-мехалъ Россиялъул телевидениялъул аслиял телеканалаз лахI чIегIераб гьереси бихьизабулеб буго. Араб соналда бихьизабун букIана Украиналъул аскарияз лъабго сон барав гIурусазул вас Славянск шагьаалда вахшияб къагIидаялда чIвалеб куц.

Цойги гьереси – Украиналъул тIадтараз ралел ругин нацистазул рукIарал гIадал концентрациониял мархьаби. Гьеб гуребги, Украиналъул тIадегIанаб даражаялъул пачалихъиял хъулухъчагIазул щулиял бухьенал ругилан шайтIаналъе как балезулгун.

Гьадинал харбал гIисинал лъималазе рицунел маргьабазда релъун ругониги, телевизиониял программабузухъ ралагьулел гIурусазул цIикIкIараб къадаралъ абулеб буго жал божулел ругин гьадинал харбазде.

«Россия» абулеб телеканалалъул журналист Андрей Кондрашовас Эркенлъи радиоялъе интервью кьолаго, кIудияб чIухIигун абуна, гьаб жакъасеб дунялалда бугеб дандечIеялъул шартIазда пачалихъияб пропагандаялдаса журналистика батIалъизабизе кколарин.

Андрей Кондрашов «Гьаб кIиго жоялда гьоркьоб гIурхъи тIамизе рес гьечIо. Щай гурелъул кIиябго системаялъул дандечIей бугеб гIасруялда, кIиго батIияб цивилизация цебетIолеб заманалда щибаб медиа пропаганда журналистикагун цолъулеб бугелъул. ПалхIасил прессалда гьабулеб пропаганда – гьеб буго унго-унгояб журналистика».

www.rferl.org/media/video/russian-state-tv-anchor-any-propaganda-is-journalism/25375248.html

ДУНЯЛ

20I5 соналда ккарал аслиял хIужабазул кIвар бигьаго бихьула батIи-батIиял улкабазул бутIрузул, политологазул, политиказул ва журналистазул каламаздалъун.

4 февралялда Сочиялда рагьана иргадулал хасалил Олимпиял хIаял. Сочиялда тIобитIараб рохалилаб тадбиралда кIалъазе вахъарав Россиялъул президент Владимир Путиница гьадинаб калам гьабуна тIолго дунялалде вуссун.

Владимир Путин: "Сочиялъул Олимпиадаялъ кIудияб дунял гьабизехъин буго - гьелъ шагьаралъул сипат берцинабизе буго ва гьеб гуребги, гьелъ лъикIлъизабизе бугин гьениб бугеб социалияб, экономикияб маданияб ва экологиялъул ахIвал-хIал".

Амма экспертаз ва журналистаз гIаксаб пикру загьирабун букIана – Сочиялда Олимпиял объектал ралаго тIабигIаталъе кIудияб зарал гьабун бугин, гIемерал гIадамазе жидерго буголъи камун бугин ва гьел захIматаб ахIвал-хIалалда хутIанин.

Февраль моцIалда Крымалда референдум тIобитIизабун гьеб бащдабчIинкIиллъи Украиналъухъа бахъун, Россиялде гъорлъе жубан буго халкъаздагьорпкьосел къанунал хвезабун.

27 февралялда Reuters агентлъиялъе интервбю кьолаго Россиялъул рахъ кколев Никита Мешковас гьадинаб пикру загьирабуна.

Никита Мешков: «Дун гьанив гьавуна ва дида кIола абизе - дун украинияв гурин, дун вуго крымалъулав. Дир улбузги гьаниб гIумру гьабулеб буго, ва дие бокьун гьечIо майданалда лъугьа-бахъараб гьанибги такрарлъизе. Ва дие бокьилаан Крымалъул букIинесеб 1992 соналъул конституциялда рекъон базе, ялъуни Россиялде гъорлъе ине».

Дунялалъул бутIруз чIван къотIун лъазабуна, Крым – Украиналъул ракьул бутIа бугин. Мисалалъе КIудияб Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмероница:

Дэвид Кэмерон: «Нижер рахIат хун буго Крымалда бугеб ахIвал-хIалалъ. Щибаб улкаялда тIадаб Украиналъул суверенитеталъул хIурмат гьабизе. Россиялдаги тIадаб буго гьеб. Дунял балагьун чIезе буго Россиялъ жидерго рагIи тIубазабизегIан».

ГIиракъалъул ва Сириялъул территориялда аргъид гIуцIарал бусурбабаз исламияб пачалихъ лъазабун хадуб, Магърибалъул гIемерал информалатаз бицен гьабизе байбихьана гьеб цIибараб халифаталъул ва гьелъул бетIерлъун вахъарав Аба-Бакар Багъдадил хIакъалъулъ гуребги, гьез абухъего «Исламияб пачалихъалъул баккулеб цIва» ГIумар аль-Шишанил хIакъалъулъги.

ГIумар аль-Шишани ккола Гуржистаналдаса чачанав. Гьес ва гьесдаго цадахъ Совет Союзалъул рукIарал республикабаздаса Сириялде вачIарав 500-гIан чияс жигараб гIахьаллъи гьабулеб буго гьеб улкаялъул президент Башар Асадил хIукуматалъул аскариязде данде.

Сириялда гIемерал чачанал рукIин гьедегIан гIажаибаб хIужа гурин, абулеб буго «Washington Post» газетаялда 20I4 соналда къватIибе бахъараб цо макъалоялда. Чачан халкъалда лъикIалан лъалин щиб кколебали зулму. Къокъ гьабун рехсараб макъалоялда бицен гьабун буго 1991 соналдаса байбихьун гьениб багъарараб кIиго рагъалъул хIакъалъулъ.

XS
SM
MD
LG