МагъчIваялъе рес

ХIукуматалда кадразул резерв - тухумчилъиялъул резерв


Камиль Ланда
Камиль Ланда

Дагъистаналъул хIукуматалда кадразул резерв гIуцIун лъугIана. Гьениве сияхIалде восун вуго 271 чи. Гьел ккола 2016 соналде щвезегIан хIукуматалда кIуди-кIудиял хъулухъазда тезе рес бугел чагIазул сияхI.

Жидеца гIемер хIалтIи гьабунин гьел чагIазул документал хъирщулаго, батIи-батIиял рахъал хIисабалде росулаго, щайин абуни республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас жидедаса тIалаб гьабулеб бугин хъулухъазда гIицIго лъайги бажариги бугел чагIи гурони тунгутIизеян бицун букIана журналистазе гьелда тIасан республикаялъул хIукуматалъул бетIер ГIабдусамад ХIамидовасги гьесул хIалтIухъабазги. Амма гьебго заманалда фейсбукалда ахIи-хIур букIана гьеб кадразул резервалда тIасан. Масала, Разият НурмухIамадова абулей гIаданалъ хъвалеб букIана жиндир гIарза хIисабалдецин босичIин комиссиялъ. Гьединго цогидаз тIадежураял гьарулел рукIана гьеб сияхIалда гIемерисел ругила цереги гьанжеги хIукуматалъул хъулухъазда рукIарал чагIазул лъимал, гIага-божарал.

ЭР-ялъе гьебго хIужа тасдикъ гьабулеб буго политологиялъул гIелмабазул доктор Камиль Ландацаги.

Камиль Ланда: «Кин цониги чи хъулухъалде кколевин балагьанани, хIажалъулел рахъал ккола: тухумчилъи, гьудул-гьалмагълъи, ришват, бищун ахиралда лъайгун бажари цIехезеги рес буго».

Ландал пикруялда, гьабсагIаталда Дагъистаналда аслияб куцалда цебе бачIунеб буго тухумчилъиялъулгун клиентелизмалъул система.

Камиль Ланда: «Хъулухъазда лъезе гIагарал чагIи хутIун ратичIони, тахбакIида вугев чияс гьенире рачуна гьудул-гьалмагъзаби, лъале-хъвалел. ХIалтIизе гьезул бажари бугищ-гьечIищали халги гьабичIого. Хадурккун хIукуматалда хъулухъазда тезе чагIи тIаса рищулеб «кадровый резерв» абураб, гIезегIан пайдаяб къагIида буго ургъун. Амма хIукуматалъул кадразул резерв цебе кколеб буго тухумчилъиялъулгун клиентелизмалъул системаялдаса. Кланаз хIадурулел руго жидерго резервал, жалго нахъе аниги, жидеца божилъи гьабулев чиясухъ гьеб хъулухъ букIинелъун, лъай бугев чиясул рахъкколеб гьечIо гъоз. Хъулухъал ирсалъе кьолеб гIадаб жо кколеб буго гьелъул».

Камиль Ландаца бицана лъалев чи вугила Дагъистаналъул пачалихъияб университеталда. Гьес абулила бищун квешаб хьвада-чIвадиялъулги нахъе ккараб цIали гьабулелги студентал рукIунин Дагъистаналъул хIакимзабазул лъимал.

Камиль Ланда: «Я жалгоги цIалуларила, цIалулезе квалквалги гьабулила. Цинги гьел лъимал рихьула цо-кIиго соналдасан ран галстукалгун, кIудияб къо-ассалда хIукуматалда хIалтIулел.

Гьединал чагIазе тIадеги бокьула Дагъистаналда террорги цогидабги гIала-гъважаги букIине, гурони гьезухъа хIалтIун бажарунгутIи тIатунелъул, гьаб щай гьадин бугеб, доб щай додин бугебин суалал кьеларищ гIадамаз. Гьединлъидал гIемерисеб жо терроралде рехизе санагIалъи букIуна. Школалдасангоги ричча-рихъан толел руго гьел, рукIине кколел тIалабалги цере лъечIого».

Политологиялъул гIелмабазул доктор Камиль Ландаца дарсал кьола Халкъияб магIишаталъулги пачалихъияб хъулухъалъулги рахъалъ Россиялъул президентасда цебе гIуцIараб Академиялда. Лъай камил гьабизе гьенире уна Дагъистаналъул хIакимзабиги. Академиялда ругел рукъзабазда ракIги рекъечIого, гьез моцIрое 40 азарго гъурщил багьаял люкс-номерал кколилан бицана гьес.

Камиль Ланда: «Гьесул кверщаликь Дагъистаналда ватани 40-50 азарго чи, 100-150 азарго чи жиндир кверщаликь вугев Тюменалдаса, Владивостокалдаса гIурусав, муниципалияв нухмалъулев вукIуна дова азарго гъурущги моцIрое кьун гIадатияб рокъовги чIун цIалдолев. Дица нилъерасда абула, ле, щай, вац, дуца гьаб буголъи исрап гьабулеб? Жанир телефоналги, телевизор-холодильникалги, мебельги, цогидал шартIалги ругел рукъзал руго дора, кIиго чи гурони жанивги вукIунаро. Гьединаб общежитие цогидал цIалул идарабазул гьечIо. Гьедин гIурусал парахат жидерго цIали гьабулел рукIуна, библиотекабаздаги рукIуна. Нилъералин абуни гьенир гьоркьо-гьоркьор гурони рихьуларо. Гьединлъидал дозги дагъистаниязухъа, кавказалъулазухъа гьез кьураб жоги босула, гьезие къваригIараб къиматги лъола. ГIурусаздайин абуни ракIалдецин щоларо къиматалъе гIоло мугIалимасда хабар бицине кколеблъи».

Амма цебехун кин букIун батаниги, республикаялда хъулухъазда толел чагIаздехун гьанже бербалагьи хисулеб бугин, лъай бугел чагIи ралагьулел ругин абураб пикруги дандчIвала.

XS
SM
MD
LG