МагъчIваялъе рес

Пачалихъалъ кьолораб террористазул логика


Чачаназул Янди росулъ бухIараб рукъ, Дек2014
Чачаназул Янди росулъ бухIараб рукъ, Дек2014

Россиялъул инсанасул ихтиярал цIунулезул рахIат хун буго Чачанлъиялда изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кьеразулъ рукIиналда щаклъи бугезул гIагаразул рукъзал рухIулел рукIиналда.

Гьединазул рукъзалги хвезарун гьел республикаялдаса нахъе хъамизе рукIиналъул лъазабун букIана республикаялъул бетIер Къадиров Рамзаница 4 декабралда Грозныялде яргъидгIуцIараз гьабун букIараб гьужумалъул хIасилазул бицунеб данделъиялда. Къадировасул гьеб буюри Россиялъул къануназде данде кколарин, гьезул хIасил дагьабги квешаб букIине рес бугин ва Москваялъ гьелъие къимат кьезе кколин абулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез.

Грозныялде яргъидгIуцIараз тIадекIанцIи гьабун букIиналъул Чачан республикаялъул бетIер Къадиров Рамзанида лъала Москваялде гьев воржунеб букIараб аэропланалда жаниб. Гьеб параялъго гьес нахъе нух босула. Аэроплан рещтIиналдего операциялъе нухмалъи гьабизе байбихьанин гьесин лъазабулеб букIана бакIалъул «Вайнах» телеканалалъ. Гьелъго бихьизабулеб букIана гьес рациялдасан буюриял кьолеб куцги.

-Хехдаруге, паника гьабуге! Ккараб жо ккун буго. Хехдаруге васал гIададе чIвазе гурин дора!

Хадубги рациялдасан Къадировас абула:

-Акбар, дуда дун рагIунищ? Акбар...гьужум гьабизе ккола дуца, гурони нилъеца заман хвезабизе буго. ГIадамал хIалтIуде унеб заман щвезе буго...Операция хехго лъугIизабизе ккола!

Чанго лахIзаталдасан рагIуна Къадировасул цоги буюри:

- Акбар, дуда дун рагIунищ? Гьел гьенир чIаго руго, гьабсагIат дун кIалъалев вукIана гьелгун...гьеб минаялде кьвагье. Гьенире жаниреги унге жеги!

Басмаханаялъул мина кверде босаралгун рагъ радал сагIат 9 тIубазегIан халат бахъуна, №20 школалда рахчаралгун бакъанида сагIат анлъго тIубазегIан халат бахъуна гьеб.

Гьеб операция лъугIинегIанго Къадиров кIиабилеб нухалда воржуна Москваялде. Гьениб гьеб заманаялда президент Владимир Путиница гьабулеб букIана Федералияб Мажлисалде калам.

Цо-цо журналистаз (Илья Азар, Елена Милашина )рикIкIунеб буго Грозныялде тIадекIанцIи гьабуразул операцияго хашго гIуцIун букIанин ва гьезул гьеб байбихьудасанго лъугьинчIин. Шалажи росулъе лъабго таксиги ахIун, гьезул хважаинзабиги рухьун, квачаларедухъ гьезда тIад жанир кьижулел-турпиги ран Грозныялде нух босун бугин гьез, амма таксистазул цоясда ворчIизеги кIун гьес полициялде ахIун бугин автомашина бикъиялъул бицине, гьединлъидал полициялъул чIовудабакIалда гьел чIезаризе хIалбихьунги букIанин полициялъ. Гьенив вукIарав лъабгоявги чIван шагьаралде жанире гьел лъугьараб мехалдаго инициатива полициялъухъ букIанин рикIкIунеб буго гьениб ккаралъул анализ гьабулез. Гьеб хасаб операциялда хадуб Чачанлъиялда цIилъулеб бугин рагъулаб заманаялда гьениб гIемер хIалтIизабураб «зачистака» абураб рагIийин абулеб буго гьез.

6 декабралдаса байбихьун чачаналъ бухIун буго изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кьеразулъ рукIиналда щаклъи бугезул гIагаразул ичIго рукъ. Гьезда гьоркьор руго 4 декабралда Грозныялде тIадекIанцIи гьабураб мехалда чIваразда гьоркьор ратаралзул ва гьезда гьоркьор ратичIезул гIагаразулги рукъзал. Гьедин лъазабулеб буго «Мемориал» абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялъ.

Чачанлъиялда яргъидгIуцIаразул кьеразулъ рукIиналда щаклъи бугезул гIагаразул рукъзал хвезариялъул хIужаби цереги рукIараблъи ракIалде щвезабуна Эркенлъи Радиоялъе кьураб интервьюялда «Мемориалалъул» нухмалъулев Олег Орловас.

Олег Орлов: «Чачаналъ цо нухалъ гуреб Россиялъул къанунал хъачIго хвезарулел ругел. Гьенир хIакъикъаталдаги гьарулел руго такъсирал. Такъсирал гьарулел руго тIадегIанал хъулухъчагIаз. Гьанибго рехсезе бегьула къайи-къоно хвезаби, хъулухъалъ кьолел ихтияраздаса цIикIкIун пайда боси, такъсир гьабизе ахIи бай гьебги республикаялъул тадегIанал хъулухъчагIаз ва бищун цебе республикаялъул бетIер Къадиров Рамзаница. Гьенир гIемер батIи-батIиял такъсирал гьарулел ругин абизе бегьула».

Амма Орловасул рахIат хвезабулеб буго цоги жоялъ. Гьес абулеб буго жидер рукъзал рухIарал гIадамаз гьелда тIасан диванханаялде гIарза хъвазе букIиналда жив щаклъулев вугин, щайгурелъул гьел цIакъ хIинкъизарун ругин ва жидее ккараб бициналдаса батIияб жо гьабизе гьезда кIвезе гьечIин.

Олег Орлов: «Жидер рукъзал рухIарал гIадамал хIадурал ругищ жидерго ихтияразе гIоло къеркьезе? Хъвазе ругелищ гьез гIарзаби? Гьелдаги дир цIакъ кIудияб щаклъи буго. ГIадамал хIинкъизарун руго. Гьез гьабуниги гьабизе бугеб жо буго жидее ккаралъул инсанасул ихтиярал цIунулезе бицин. ГIарзахъдизе яги гIарзаби хъвазе гьез гьечIин ккола дида. Гьединал цереги хIинкъулел рукIана гьанжеги гьез щиб гьабилебали балагьилаха».

Жидеца, инсанасул ихтиярал цIунулез Россиялъул цIех-рехалъул батIи-батIиял идарабазде гIарза хъван бугин Чачан республикаялда кколеб бугелъе кIвар кьейин ва цIех-рех гьабейин, амма гьеб киналъулго къваригIараб хIасил ккезе букIиналда жидер хьулгицин гьечIин абуна гьес.

Олег Орлов: «ХIакъикъаталда ЦIех-рехалъул Комитеталъ нижер гIарзаялда рекъон рагьизе ккола такъсир гьабиялъул иш ва гIайиб бугел жавабалде цIазе ккола. ГIагалигун абизе кколеб буго, нилъ киназдаго лъалин такъсир гьабиялъул иш рагьанигицин, гIайиб бугел пачалихъиял хъулухъчагIи, жакъа Россиялда бугеб системаги бихьулаго, тамихIалде цIазе рукIиналда хьулгицин гьечIин. Гьеб системаялъ Къадиров Рамзаница гьабулеб бахчулеб буго ва хIакъикъаталда гьеб кколеб буго Къадировасда цадахъ гьел ишал гьарулеб бугеб системалъун. Гьелъул бетIерлъудаги буго ТIадегIанаб Федералияб нухмалъи ай вуго президент Владимир Путин.

Гьединлъидал гьеб киналъулго цIех-рех гьабизе букIиналда хьул къотIулеб буго».

«Гражданское содействие» комитеталъул бетIер Светлана Ганнушкинал баяназда рекъон, 2008-2009 соназда чачаналъ бухIун букIана изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кьералъ рукIиналда щаклъи бугезул гIагаразул 27 рукъ. Гьанже чанго къоялда жаниб бухIун буго ичIго рукъ ва гьениб гIумру гьабулел рукIарал жидер гIайиб чIезабичIел гIадамал ракь-хасало республикаялдаса хъамулел руго кодоб щибниги босизеги течIого. Гьединаб жоялде инсанияталде данде гьабулеб такъсирил абизе бугьулищан гьикъана нижеца Орловасда.

Олег Орлов: «Лъаларо. Гьеб буго цIех-рех гьабизе кколеб суал. Рукъзал рухIаниги, ТIадегIанасе рецц, гьенир гIадамал чIвалел яги гьезие гIакъуба кьолеб букIинчIелъул. Амма хасало хъизаби къватIире гъеялъ гьезие гIазаб кколеб букIин чIезабуни ва гьеб цо нух гуреблъи бихьизабуни, хасаб юриликияб хIалтIиги гьабун, дида ккола, гьениб кколеб бугелъухъ гьеб рахъалъ балагьизеги бегьулин».

ЭР: 5 декабралда Чачан республикаялъул бетIер Къадиров Рамзаница абун букIана «эбел-инсуца жаваб кьезе кколин лъималаз гьабулеб жоялъул» ва нагагь «яргъидгIуцIарас полицияв яги цоги чи чIвани, гьесул хъизан гьеб параялъго республикаялдаса нахъе хъамизе бугин ва рукъ биххизабизе бугин».

Гьединал лъазабиял гьарилалде цебе Къадыровас гьеб суал президент Путингун дандбалин кколищ дуда?

Олег Орлов: «Дида кколаро Къадировас жиндирго гьединал галаби Путингун дандралин. Къадировасе кьун буго гьесие бокьараб гьабизе ихтияр- карт бланш. Къадировас цо нух гурелъул «гIаммаб жавабчилъиялде» ахIиял гьарулел ругел. Гьес цереги рукъзал рухIараб мехалда гьесие лъицаниги щибниги гьабун букIинчIо. Диваналъул хIукму гьечIого гьел гIадамал чIвазецин гьес гьарулел ахIиязухъги гьесие щибниги гьабулеб гьечIо. Дида ккола гьесда бичIчIулеб бугин Путин гьес гьабураб кинабго абухъе жоялдаса тIаса лъугьине вукIин. Гьанибго абизе ккола, Чачанлъиялде ритIун рачIунел федералиял хъулухъчагIиги гьез къохьол бакIалде гьаруларин, гьес республикаялъул территориялда хIалтIизе рес кьоларо ЦIех-рехалъул Комитет яги прокуратура гIадинал идарабазе. Гьес де-факто гIуцIун руго цохIо гьесие гурони цоги кинал рукIаниги идарабазе мутIигIлъуларел рагъулал къукъаби. Путиние бугеб жиндир ритIухълъиялъул гьес бицунеб бугебгIан заманаялда гьев гьедин тезеги вуго".

ЭР: Терроризмгун гьабулеб рагъулъ кигIан битIараб ва хIасил къолеб бугеб къагIидалъун бугеб Къадировас рехсолеб къагIида?

Олег Орлов: «ГIадамазул рукъзал рухIи гьеб такъсир буго. Терроралде данде къеркьолеб мехалда гьединал ишал ритIухъал ратизе ругодай?

ГьечIо. ГьечIолъи нилъеда бихьулебги буго. Къадировас абулеб букIана чачаналъ яргъидгIуцIарал гьечIин, гьел къезарун ругин, гьезул ишазул хIакъалъулъ информацияги гьес къватIибе борчIизе толеб букIинчIо. Гьедин гьес гIуцIулеб букIана парахатаб, гIодобе биччараб, тIегьалеб ах гIадинаб республикаялъул сипат. Амма ахирисел лъугьа-бахъиназ бихьизабуна гьеб кинабго маргьу букIин, гьес бихьизабулеб республикаялъул сипат хIакъикъаталдаги гьединаб гьечIолъи. Гьес хIалтIизарулел къагIидабигун ай пачалихъияб терроралъул къагIидабигун яргъидгIуцIаразде данде гьабулеб рагъул хIасил гьесие бокьараб кколеб гьечIолъи».

Пачалихъияб терроралъул къагIидаби чачаналъ хIалтIизарулел рукIиналъул бицунеб букIана хамиз къоялда Москваялда «Лъидаго бачIеб пресс-централда» Россиялъул инсанасул ихтиярал цIунулез кьураб пресс-конференциялда «Гражданское содействие» комитеталъул бетIер Ганнушкина Светланацаги.

Ганнушкина Светлана: «ЯргъидгIуцIаразул гIагаразул рукъзал риххейин яги рухIейин Къадировас кьолеб буюриялъ сунда мугъчIвай гьабулеб бугеб? Гьес мугъчIвай гьабулеб буго киназулго «гIаммаб гIайибалъухъ» киназго «гIаммаб жаваб кьеялъул» концепциялда. Гьеб лъил логикайин гьикъулеб буго дица? Гьеб буго террористазул логика. Пачалихъалъ террористазул логикаялда мугъчIвай гьабулеб бугони, гьеб жибго ккола террористияб пачалихълъун. Бихьулеб буго Россиялъул цо бутIаялда террористияб логика бугеб террористияб республика баккун букIин».

«ГIакъуба кьеялде данде Комитеталъул» нухмалъулев ва Россиялъул президентасда цебе бугеб инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун Шураялъул гIахьалчи Игорь Каляпиница гIарза хъван буго Россиялъул Генералияб прокуратураялде. Гьелда гьес гьарулеб буго Къадировасул ишал къануналде данде кколел ругищан цIех-рех гьабизе ва жиндир хъулухъалдаса цIикIкIун пайда босиялда бан гьесда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьизе.

Каляпинил ракI чIараб буго изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кьералъе унел яги ислам диналъул салафияб гIаркьелалъул рахъ кколел гIадамазул хъизаби ва гьезул аскIосеб гIагарлъи, аслияб къадаралда, гьел чагIазда хадуб унареб ва гьеб регионалда гIадатияб исламалъул рахъги кколел, рухIиял идарабаз малъарабги гьабулел рукIуналда. Гьединал хъизаназда цо гьединав чиясе асар гьабизеги кIоларин, гьединлъидал цо гьединас гьабураб жоялъул жавабчилъи гьездаса тIалаб гьабизе бегьуларин рикIкIунеб буго Каляпиница. Бицен гьабулеб пресс-конференциялда гьес бачана Гъоркьияб Новгородалда гьес гIумру гьабулеб мехалда гьезул мадугьалихъ чанго соналъ гIумру гьабулеб букIараб хъизаналъул мисал. Гьезул 11 лъимада гьоркьоб цо вас салафизмалъул идеологиялъул асаралде гъоркье ккун вуго ва тIубараб хъизам тIаделъун гьесие, гьезул пиркуялда, «бичIчIи ва тарбия» кьезе лъугьаниги гьезда гьев хисизавизе кIун гьечIо. Масала цо гьединас гьабураб жоялъухъ хутIараз жаваб кинин кьезе кколебин гьикъулеб буго гьес.

Игорь Каляпин: «Узухъда, гьеб хъизамалъе «зачистка» гьабун хадуб, гьезул рукъги бухIун гьелги республикаялдаса хъамун хадуб гьеб хъизамалъул суалал раккизе руго тIалъиялдеги нилъ киназегоги. Кире гьел хъамизе ругел? Гьел суалалгун Россиялъул кинал шагьаразда щиб гьез гьабизе бугеб? Нилъеда гьеб лъазе гьечIо. Чачаналъ щивас гьабулеб бугеб жо лъазабулел хасал хъулухъал, щал лъие гIагарал ругел ва щив щалгун кIалъалевали лъалел гIадамал рукIалъе гIоло Россиялъул цоги регионазда гьел гьечIелъул. Гьедин тIалъиялда ццим бахъарав чи гьаниве Москваялде яги дове Тулагун Владимиралде вачIараб мехалда гьесда ракIалда бугеб ва гьес гьабулеб бугеб жо лъида бихьизе бугеб? Гьеб кинабго жо дица бицунеб буго гьанир бицен гьабулел ишазул хIасил къваригIаралъе гIаксаб букIине бегьулеблъи бичIчIинабизе. Гьел ишаз рачине гьечIо жидер хъизамазда ракIги гурхIун «рохьилал» рокъоре рачIиналде. ГьечIо. Гьелъул гIаксалда гьел хъизаназдаса цогиял ине рес буго «рохьоре».

ГIагаразул рукъзал риххизариялъ «рохьоре» унезул къадар цIикIкIун гурони дагьлъуларин рикIкIунеб буго Ганнушкина Светланацаги. Гьелъ гьеб пикру баян гьабулеб буго мисалалдалъун.

Светлана Ганнушкина: «Цо азбаралъуб буго кIиго вацасул кIиго рукъ. Цояв вац хIалтIулев вуго хIукуматалъул хъулухъалда, цогияв гьев вацасде жиндирго хъизанги аманат гьабун уна "рохьове". Гьеб кIиябго хъизаналда буго 12 лъимер. Гьезул 24 бер буго жидер рукъ бухIулеб бугеб куцалъухъ балагьун.

Дица абила гьедин яргъидгIуцIаразул кьералъе дагьалги цIикIкIун гIадамал цIалел ругин. Гьеле гьеб буго гьабулеб ва гьелъул хIасилги лъикIаб букIунаро».

Гьелъ рикIкIунеб буго чачаналъ Къадировасул рагIи тун батIияб къанун гьечIин.

Светлана Ганнушкина: «Чачанлъиялда хIалтIулеб гьечIо къанун, гьениб хIалтIулеб гьечIо Россиялъул Конституция. Чачанлъиялда бугеб цого-цо къанун гьуна «Рамзанил буюри» абураб кIиго рагIуда жаниб».

Чачаналъ жакъа коррупцияцин лъидасаго бахчичIого рагьун тIегьалеб бугин абуна Ганнушкиналъ. Гьелъ ракIалде щвезабуна Къадировас Франциялдаса актер Жерар Депардьее гIемер тIалаялъул минаялда кьураб щуго рукъалъул квартираги, гьелда сверун пачалихъалъул буголъи кинин гьедин кьезе бегьулебин абун хъуй багъарараб мехалда Къадировас гьел минаби пачалихъалъул гIарцуде рарал гьечIин абиги.

Светлана Ганнушкина: Коррупция. Рагьараб коррупция. Абизе бегьула гьениб цIар-цIар ккун щивасда лъазабулеб бугин пуланаб бакIалде щвезабизе кколеб гIарцул къадарин. Гьеб пуланаб бакIалъул цIарги лъала киназдаго, гьеб буго «АхIмад Къадировасул» цIаралда бугеб фонд. Къадировас кверщел гьабулеб буго цогиязда цебе чIезабизецин кIолареб гIарцуда тIад. Дида лъаларо чиясул кинаб харж букIине кколеб щуго рукъалъул мина майин абун цоги чиясе сайгъат гьабизе ккани. Рукъ гурони машинабиги цоги гьелда релъарабги бикьулелъул. Бюджеталъул гIарцуде ралел руго кIуди-кIудиял кварталал, цинги гьел, щаялиго, коммерциялъулал объекталлъун ратулел руго.

Инсанасул ихтиярал цIунулез 11 декабралда пресс-конференция кьолаго гьениве жаниве вачIун чанго гIолилас чанго белъинчIеб хоно речIчIула гьезда. Амма инсанасул ихтиярал цIунулез пресс-конференция къотIизе течIо ва жидеда бицине ракIалда букIарабщинаб гьениб бицана. Ганнушкиналъ абуна яргъидгIуцIараз хIалтIизарулел къагIидаби ритIухъ гьарулел яги гьезул рахъ кколел чагIи гурин жал ругел, жидеца кIвар буссинабулеб бугин пачалихъиял хъулухъчагIаз къанун хвезаби- жиндаса тIадеги хIинкъи цIикIкIараб иш букIиналдейин.

Светлана Ганнушкина: «Чачаналъ хвезабун буго къанун. Гьеб лъала гьанир ругел нилъедаги гьанир жидерго ханал речIчIулел рукIарал гьадал васаздаги. Лъалеб жо буго яргъидгIуцIараз Грозныялде гьабураб тIадекIанцIи гьанир ругезул лъицаго ритIухъ гьабулеб гьечIолъиги ва гьелъул рахъ кколеб гьечIолъи. Гьелъул бицинегицин кколаро. Амма пачалихъиял хъулухъчагIаз къанун хвезаби-гьеб буго тIадеги жиндаса хIинкъи цIикIкIараб иш».

Пачалихъиял хъулухъчагIаз къанун хвезабулеб букIин бихьулеб федералияб нухмалъиялъул реакцияги бичIчIулеб гьечIо гьелда.

Светлана Ганнушкина: «Дие бокьун буго гьеб киналдего федералияб тIалъиялъул бербалагьи кинаб букIине кколеб букIарабин? Дида ккола гьезул жаваб хехаб букIине кколаанин. Кальяпиница гIарзаби хъвазегIанги, нижеца гьаб пресс-конференция гьабизегIанги гьел балагьун чIезе кколароан. Гьезул цIакъ хехаблъун букIине кколеб букIараб реакция жегиги гьечIо. Гьелъул магIна ккола Чачанлъиялда бокьараб гьабизе Рамзанил буюри гIолеб бугин федералияб тIалъиялъ рикIкIунеб букIин. Гьедин батани, гьеб киналъулго жавабчилъи федералияб тIалъиялдеги кколеб буго».

Федералияб нухмалъиялъ Къадировасда «чIайин» абизе кколин рикIкIунеб буго «Human Rights Watchалъул» Россиялда бугеб бутIаялъул директор Татьяна Локшинацаги.

Татьяна Локшина: «Нилъеца бицен гьабулеб буго Россиялъул Федерациялъул пачалихъияв хъулухъчиясул. Гьес киназдаго рагIулаго кьолеб буго Россиялъул къануназде данде кколареб буюри. Лъицаго гьелде кIвар кьечIониги ругелъул гьесда тIад таралги гIадамал. Бугелъул гьесда «чIайин» абизе кколеб Москва. Гьесда «чIайин» лъицаго абулеб гьечIо ва нижер кIудияб хьул буго гьеб абизе букIиналда».

4 декабралъул сардилъ Грозныялде гьужум гьабун букIана яргъидгIуцIаразул къукъаялъ. Гьелгун букIараб рагъулаб тунка-гIусиялда чIван вукIана 14 полициявги цо гIадатияв чиги, лъукъун азарханаялда вуго 36 полицияв. Гьединго лъазабулеб букIана тIадекIанцIи гьабурал киналго ай 11 чи чIван вугинги.

XS
SM
MD
LG