МагъчIваялъе рес

Чачаналъ рухIулел руго "рохьилазул" гIагаразул рукъзал


Чачаназул Янди росулъ бухIараб рукъ, Декабрь 2014
Чачаназул Янди росулъ бухIараб рукъ, Декабрь 2014

Россиялъул инсанасул ихтиярал цIунулезул рахIат хун буго Чачанлъиялда изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кьеразулъ рукIиналда щаклъи бугезул гIагаразул рукъзал рухIулел рукIиналда.

Гьединазул рукъзалги хвезарун гьел республикаялдаса нахъе хъамизе рукIиналъул лъазабун букIана республикаялъул бетIер Къадиров Рамзаница 4 декабралда Грозныялде яргъидгIуцIараз гьабун букIараб гьужумалъул хIасилазул бицунеб данделъиялда.

6 декабралдаса байбихьун чачаналъ бухIун буго изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кьеразулъ рукIиналда щаклъи бугезул гIагаразул анлъго рукъ. Гьезда гьоркьор руго 4 декабралда Грозныялде тIадекIанцIи гьабураб мехалда чIваразда гьоркьор ратаралги гьезда гьоркьор ратичIезул гIагаразулги рукъзал. Гьедин лъазабулеб буго «Мемориал» абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялъ.

«Гьеб буго къанун къохьол бакIалде гьабунгутIи. Къануналъул кинал рукIаниги принципазде данде кколаро гьеб»,-гьедин абун буго «Интерфаксалъе» «Гражданское содействие» Комитеталъул нухмалъулей Светлана Ганнушкиналъ. Гьелъ рикIкIунеб буго гьеб бугин коллективияб ай киназего цадахъ гьабулеб тамихIин. Гьединабго къимат чачаналъ лъугьунелъе кьолеб буго Amnesty International абулеб халкъаздагьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялъги. Гьелъ Россиялъул тIадтарал ахIулел руго чачаналъ кколеб бугелъул лъидаго бачIеб ва ритIухъаб цIех-рех гьабизе.

Чачанлъиялда яргъидгIуцIаразул кьеразулъ рукIиналда щаклъи бугезул гIагаразул рукъзал хвезариялъул хIужаби цереги рукIараблъи ракIалде щвезабуна Эркенлъи Радиоялъе кьураб интервьюялда «Мемориалалъул» нухмалъулев Олег Орловас.

Олег Орлов: «Чачаналъ цо нухалъ гуреб Россиялъул къанунал хъачIго хвезарулел ругел. Гьенир хIакъикъаталдаги гьарулел руго такъсирал. Такъсирал гьарулел руго тIадегIанал хъулухъчагIаз. Гьанибго рехсезе бегьула къайи-къоно хвезаби, хъулухъалъ кьолел ихтияраздаса цIикIкIун пайда боси, такъсир гьабизе ахIи бай гьебги республикаялъул тадегIанал хъулухъчагIаз ва бищун цебе республикаялъул бетIер Къадиров Рамзаница. Гьенир гIемер батIи-батIиял такъсирал гьарулел ругин абизе бегьула».

Амма Орловасул рахIат хвезабулеб буго цоги жоялъ. Гьес абулеб буго жидер рукъзал рухIарал гIадамаз гьелда тIасан диванханаялде гIарза хъвазе букIиналда жив щаклъулев вугин, щайгурелъул гьел цIакъ хIинкъизарун ругин ва жидее ккараб инсанасул ихтиярал цIунулезе бициналдаса батIияб жо гьабизе гьезда кIвезе гьечIин.

5 декабралда Чачан республикаялъул бетIер Къадиров Рамзаница абун букIана «эбел-инсуца жаваб кьезе кколин лъималаз гьабулеб жоялъул» ва нагагь «яргъидгIуцIарас полицияв чIвани, гьесул хъизан гьеб параялъго республикаялдаса нахъе хъамизе бугин ва рукъ биххизабизе бугин».

ГIакъуба кьеялде данде бугеб Комитеталъул нухмалъулев ва Россиялъул президентасда цебе бугеб инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун Шураялъул гIахьалчи Игорь Каляпиница гIарза хъван буго Россиялъул Генералияб прокуратураялде. Гьелда гьес гьарулеб буго Къадировасул ишал къануналде данде кколел ругищан цIех-рех гьабизе ва жиндир хъулухъалдаса цIикIкIун пайда босиялда бан гьесда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьизе.

4 декабралъул сардилъ Грозныялде гьужум гьабун букIана яргъидгIуцIаразул къукъаялъ. Гьелгун букIараб рагъулаб тунка-гIусиялда чIван вукIана 14 полициявги цо гIадатияв чиги, лъукъун азарханаялда вуго 36 полицияв. Гьединго лъазабулеб букIана тIадекIанцIи гьабурал киналго ай 11 чи чIван вугинги.

XS
SM
MD
LG