МагъчIваялъе рес

Бадиб къалам къазабун цIунулеб къанун


ГIалиев МухIамад Ставрополалъул азарханаялда операциялдаса хадуб.
ГIалиев МухIамад Ставрополалъул азарханаялда операциялдаса хадуб.

Терроризмалъулъ гIахьаллъиялда щаклъи букIун, Москваялда къуваталъул идарабаз ккурав Дагъистаналдаса ГIалиев МухIамадил бадиб къазабураб щакъидул къалам тохтурзабаз нахъе бахъаниги гьев цIакъ захIматаб хIалалда вугин лъазабулеб буго гьесул гIагарлъиялъ. Кин ккараб сах-саламат вукIарав гIолиласул бадибе гьеб къалам?

Москваялда ккурав Дагъистаналдаса 22 сон барав ГIалиев МухIамадие гьал къоязда цIакъ захIматаб операция гьабун буго. Гьедин букIаниги гьев чIаго хутIилин абураб хьул лъугIулеб бугин жидерилан лъазабулеб буго гьесул гIагарлъиялъ. МухIамад терроризмалъулъ гIахьаллъи гьабиялда щаклъи букIун ккун вукIанин лъазабулеб буго къуваталъул идарабазги. Гьедин 21 ноябралда радал жий хIалтIулеб бакIалде инел рукIанила МухIамадги жийгийилан бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда гьесул яц Аминатица.

ХIалтIулеб бакIалде цере щваралго МухIамадида тIад речIчIун вуго цо чи, щиб киналиги абичIого гьев вухизе лъугьун вуго. Гьесие кумек гьабизе лъугьарай Аминатги доегIан речIчIизаюн йиго. Гьеб ахIукье тIаде вачIарав цойги чанго чияс жал Федералияб ХIинкъигьечIолъи букIинабулеб идараялъул хIалтIухъаби ругинги абун ГIалиев МухIамад вачун ун вуго. Гьезул цо чангоял Аминатги ячун гьезул рокъоре ун руго чIухь базе. Гьебщинаб жо гьабулеб мехалда гьезул цонигияз щибниг документги бихьизабун гьечIо. Жал рокъоре щвелалде жиндица ахIарал полициялъул хIалтIухъабиги, адвокатги, жидир россги щун ратанила гьенире, гьединлъидал чIухь базе разилъи кьолеб документги гьечIого гьел чагIи рокъоре къазе риччачIила жидеца, амма жал гьенире лъугьинчIого чIоларин, хасал документал росизе унел ругин жалин абун хIинкъалабиги кьун ун руго гьел чагIи.

Гьединго Аминатица бицана МухIамад чанго къоялъ кив вугевали лъалеб букIинчIила жидеда, жинца гьев викъун анин абун къуваталъул идарабазде гIарзалги хъван рукIанила, амма гьелъул щибниги пайда ккечIилан. Гьедин 24 ноябралда лъанила жидеда МухIамад терроризмалъулъ гIахьаллъи гьабиялда щаклъиги букIун Ставрополалда туснахъалъув вукIин. Диваналъ цIех-рех лъугIизегIан кIиго моцIица туснахъ гьавизе хIукмуги къотIун букIун буго гьесие. Гьеб мехалдаго лъан буго гIагарлъиялда МухIамад гIемер вухиялъ ва гIакъуба кьеялъ реанимациялде ккун вукIинги.

Аминат ГIалиева: Гьесул бадиб къазабураб щакъидул къаламалъ гIадалнахалъецин зарал гьабун буго. Гьесул бекичIеб, бухичIеб хъахIиллъичIеб лага хутIун гьечIин абизе бегьула. Цониги зарал ккечIеб лага гьечIо гьесул ургъимесалъул. Жиндицаго хIухьелцин цIцIан бажарулеб хIалалда гьечIо гьев. Хасаб аппараталъул кумекалдалъун цIцIала гьес хIухьел, гьедин жеги чIагоги хутIун вуго гьев. Гьеб бадиб къазабураб щакъид ул къаламалъ гIадалнахуе гьабураб кIудияб заралалъ, тохтурзабаз абулеб буго гьев чIаго хутIаниги, кутакалдан сакъатав чи вукIине вугилан. 6 сагIаталъ халат бахъараб операция гьабуна гьеб къалам нахъе бахъизе, гьелда тIадеги цойги нухалъ гвангвараги хъухъан ботIрода жанире раккана тохтурзаби. Гьеб кIиабилеб операциялдаса хадуб лъазабуна гьез гIадалнахуе цIакъго кIудияб зарал гьабун бугила, гьеб бокьараб мехалда гьорозе яги гьениб рецIцIккезе бегьулила, ва гьелъ къадаралде щвезе бегьулин гьевилан лъазабуна тохтурзабаз».

Гlалиев Мухlамад
Гlалиев Мухlамад

Аминатица гьединго бицана жиндир вац динияв чи вукIанила, амма щибниги рекIедаса араб ишалъул щи вукIинчIила гьев. Жиндиего динги гьабун вукIунаанила, щибниги квешаб жоялда гьоркьовги вукIинчIила гьев вукIине ресги букIинчIила, гьев жиндирго цIалудаса сундениги регIулароанилан. Жидер хъизаналда киналго ругила рукIа-рахъинеги лъалел, лъикIаб лъайги щварал чагIи, жидер гIемерисел тохтурзаби ругин бицана гьелъ. Жидеда гьоркьовгицин бищунго цIалуда тIадчIарав, лъай бугев, гурхIел- рахIму бугев вукIанила гьевилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе ГIалиева Аминатица. Гьелъулго рагIабазда рекъон МухIамад жеги киданиги полициялде ккарав чиги вукIун гьечIо, цониги нухалъ кинаб букIаниги суалалъ низамцIунулез рахIат хвезабун букIун гьечIо гьезул хъизамалъул.

Гьелда тIадеги Аминатица бицана МухIамад гурони Ставрополалда цойги чанго бусурман чиги вугила гьеб терроризмалъулгун хурхен букIиналда щаклъи букIун ккун. Гьел киналго цо такъсиргьабиялъул ишалъул гIахьалчагIи ругин чIезабулел ругила низамцIунулез. Амма гьеб ишалда хурхун киналгIаги баяналги кьолел гьечIила къуваталъул идарабаз. Гьел киналго ругила жалго-жалго рукIунел туснахъалъул рукъзабахъ, цIех-рех чагIазе кинаб букIаниги баянал кьезе инкар гьабурав цохIо жидер вац тIамун вукIун вугила гIемерав чи вугев туснахърокъов, гьев чIвазелъун тун вукIун ватилин гьенивилан абураб щаклъи буго ГIалиевазул хъизамалъул. Жидеца ккурай адвокатгицин букIине кколедухъ хIалтIизе толей гьечIила къуваталъул идарабаз, гьеб ишалда хурхараб цониги документ яги баянал кьолел гьечIила гьелъухъейилан бицана Аминатица.

Ставрополь мухъалъул цIех-рехалъул идарабазги Федералияб хIинкъи гьечIолъи букIинабиялъул идараялъги ГIалиев МухIамадил ишалда хурхун кинал рукIаниги баянал кьезе инкар гьабулеб буго. Жидеца вац вухиялдва ва гьесие гIазаб кьеялда хурхун гIарза хъванила Ставрополалъул прокуратураялде, амма жеги гьелъул щибниги хIасил ккечIин лъазабуна «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда ГIалиева Аминатица.

XS
SM
MD
LG