МагъчIваялъе рес

Бенефисалде буссараб ГIабдулатIиповасул «чIагояб эфир»


Рамазан ГIабдулатIипов «чIагояб эфиралъул» заманалда. 26Ноя2014
Рамазан ГIабдулатIипов «чIагояб эфиралъул» заманалда. 26Ноя2014

ХIалтIул чиясде ва хIалтIул бакIазде гIагарлъизе кколинги абун 26 ноябралда Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница иргадулаб чIагояб эфир тIобитIун букIана 90-билел соназда рехун тараб заводалда ва махсароде абулеб букIана хадусеб эфир хурисан тIобитIизе бугин. АрбагI къоялъул кIиго сагIаталъ халат бахъараб эфиралда ГIабдулатIиповас кинабниги щуго суалалъе гурони жаваб кьечIо. ХутIараб заманалда гьес бицунеб букIана Дагъистан цебетIун бачIине бугеб куцалъул ва росдал магIишат цебетIезабизе ккеялъул. Гьединго бицун буго гендерил жамагIаталъулги тоннел рагьиялъулги.

Цере-цере Рамазан ГIабдулатIиповасул гьединал чIагоял эфирал телестудиялда рукIун ратани, гьаб нухалда гьеб тIобитIана Хъумторхъала мухъалда бугеб цIорол заводалда. Гьеб тадбир заводалда щай тIобитIулеб бугебали бицунаго ГIабдулатIиповас лъазабуна Совет Союз биххаралдаса нахъе нилъер улкаялда фабрик-заводалги, росдал магIишатги реххун тун букIанила, гьанже гьелде кIвар буссинабизе тIадаб бугила щивасда. Хадусеб гьединаб эфир «колхозалъул хуриб» букIине бугин абун махсароги гьабун, республикаялъул бетIерас бичIчIизабуна чара гьечIого хIажат бугила росдал магIишат цебетIеялъе хIалтIаби гьаризеги.

Рамазан ГIабдулатIиповас эфир лъикIалдасан байбихьанин абизе бегьула. Гьес бицана лъагIелгун бащадалда жаниб экономикияб ва промышленносталъул цебетIеялъул рахъалъ Дагъистаналъ Россиялда тIоцебесеб бакI кколилан. Гьел хIасилал дагьалги лъикIлъизаризе тIадаб бугин лъазабуна бетIерас.

Гьединго ГIабдулатIиповас бетIералдасанго кIвар буссинабуна бакIалъул нухмалъиялдеги, гьезул хIалтIудеги. Гьес лъазабуна жиндица щибаб мухъалда гьабулеб бугеб хIалтIуда хадуб халкколеб бугила, гьеб букIине кколедухъ гIуцIун бажаруларел нухмалъулезда хъулухъалги тезарулел ругилан.

ГIабдулатIипов Рамазан: «Нижеца мухъалъул бетIер дир рахъалда гьечIогойин абун гуро хъулухъалдаса вахъулев. Гьедин гаргалел рукIуна цо-цоял. Гьел хIалтIудаса рахъиялъе гIилла буго гьел лъикI хIалтIунгутIи, хIалтIи гIуцIизе лъангутIи. Ана доб бокьа-бокьараб гьабун бакIалъулал бутIрул тун рукIараб заман. Щибаб анкьица гьабураб хIалтIулги, ракIарарал магъалабазулги, гьел цIикIкIинариялъе щиб гьабулеб бугебалиги хъвараб хIисаб тIалаб гьабула дица щивав муниципалияв бетIерасухъа. Дир рахъккурал дида цадахъ хIалтIулел чагIи рукIине ккола ракI бацIцIадго жидерго ишги гьабулел, гьеб цебе билълъинабун бажарулел, лъикIал хIасилал рихьизарулел чагIи. Гьединав гурев чи кидакъадги дир къокъаялда гьоркьоса нахъе уна».

Дагъистаналъул хIакимзаби ГIабдулатIиповасул «чIагояб эфиралъул» заманалда. 26Ноя2014
Дагъистаналъул хIакимзаби ГIабдулатIиповасул «чIагояб эфиралъул» заманалда. 26Ноя2014

Гьедин Дагъистаналъул нухмалъулес лъазабуна республика цебетIеялда тIад хIалтIулел гIадамаздасан гIуцIун бугила жакъа Дагъистаналъул тIалъи, амма гьез гьабулеб хIалтIудасаги лъикIал хIасилаздасаги киналго гурила разиял ругел. Чанги чагIи ругила республикаялда лъугьунеб лъикIаб-щиналда дандечIчIей гьабулел, батIи-батIиял магIна гьечIел акциял тIоритIун ахIвал-хIал бигъинабизе лъугьун.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Щибниги къануналда рекъон гьабизе кколеб жо гьабулеб гьечIони, дун дунго хIадур вуго ракъунчIейги лъазабун гьеб иш рагIалде бахъинабеян тIалаб гьабизе. Амма гьадингоял чIорогоял ахIиялги гьарун республикаялда бугеб ахIвал-хIал бигъинабизе дица тезе гьечIо. ГIемерисел гьел ракъунчIей лъазабурал руго щибниги хIалтIи пишаялдаги гьечIел, гьеб гьабизеги бокьун гьечIел чагIи. Гьез рорхулел ругел суалазул, масъалабазул захIмалъабазул цохIонигияб дун нухмалъуда вугев мехалда гуро раккарал. Гьедин букIаниги дица киназухъго гIинтIамуна. Масала босаниТабасараналъул коррупциялде дандечIарабин абулеб жамгIияб гIуцIи, гьез гьабураб хIалтIиги хIисабалде босун, гьезул тIалабалда рекъон нижеца гьеб мухъалъул вукIарав бетIер нахъе вахъана хIалтIудаса. Амма гьелдаса хадубги цIияв вачIарав бетIерасе хIалтIизе квалквалалги гьарун жидерго иш гьабизе лъугьана гьеб гIуцIиялъул чагIи.

Гьебго жо гьабулел руго опозициялъул газеталги. Цо квешаб темаги кьолон, гьелда сверун ахIи-хIур бахъинабун жидеего цIар босулел руго гьел. Гьеб жо данде кколаро, чIагоял чагIазул гъалатIалги камуларо, цохIо гьезул бицинчIого цониги гьаниб лъугьунеб бугеб лъикIаб ишалъул яги хIасилалъул щай бицунареб? Гьелго ракъунчIаразул бицани гьезда гьоркьор руго ракьазул суалал тIураян лъугьаралги. Гьезул чангиял руго такъсиргьабиялъул ишалги тIад гьарун рукIарал, гьел ракьазда сверун хIилла-рекIкI гьабулел рукIаралщинал чагIи. Гьанже дагьабниги республика лъикIаб рахъалъ эххедегIан бахунеб мехалда гьел хъубал жал хIалел руго цо-цоял. Гьелги цойгидалги щай рахъинчIел акциязде анцI-анцI саназ гьезда тIад зулму гьабулеб букIараб мехалда, анцI-анцI саназ жал лагълъиялда ругел мехалда лъазабизе кколаан гьез ракъунчIей».

Гьединго ГIабдулатIиповас абуна щайила гьел акция чагIи Дагъистаналда бищунго квешаб хIалалъ Пачалихъалъул цогояб экзамен тIобитIулелъул яги гьезда хьуцIил лъим гьекъезабулеб мехалда щайила къватIире рахъинчIелилан. Гьабун 70 сон аниги жеги дагьаб цебегIан гурони бацIцIад гьабун букIинчIеб Октябралъул революциялъул цIаралда бугеб лъел каналалъул мисалги бачун республикаялъул бетIерас лъазабуна гьеб канал гIадин бацIцIалъулеб бугила Дагъистан, накабаздаса тIаде бахъунеб бугила гьебила. Гьединлъидал жиндица киданиги гьединал щибали лъаларелщинал чагIаз гьабураб тIадецуяда гъоркь яги гьезул тIалабазда рекъон киданиги хIукмаби къотIуларила, гьедин гурони хIалтIун бажарунеб гьечIони жив хIалтIудаса нахъеги унила. Гьединго гьес лъазабуна нужее жив данде кколев гьечIев ватани, гIарзаххинел рукIинчIого, цойги батIияв бетIер вищейилан.

Гьелдаго тIаде Дагъистаналъул нухмалъулес лъазабуна бетIерлъуде жив вачIаралдаса нахъе республикаялда гIодойбиччай лъугьанила. ЦебегIадин гIемер хасал операциялги, кьвагьа-гIанхъиялги гьарулел гьечIила. Жив хъулухъалде вачIун хадуб Семендералда Ибрагьим ХIажидадаев ва гьесул къокъа кквеялъе хасаб тадбир тIобитIулеб мехалда низамцIунулезе квалквалалъе рахъун рукIанила гIадамал, хIатта депутаталги цо-цо министралгицин рукIанила гьенир. Амма гьанже гьединал хIужжаби рукIине рес гьечIила, гьединго флешкаби реххун гIарац тIалаб гьаби, хIинкъалаби кьей лъугIизабун бугилан. Гьеб кинабго бугила Республикаялъул тIалъиялъулги Дагъистаналъул жанисел ишазул министрелъиялъулги цадахъаб хIалтIул лъикIаб хIасилилан абуна ГIабдулатIиповас.

Дагъистаналъул журналистал ГIабдулатIиповасул «чIагояб эфиралъул» заманалда. 26Ноя2014
Дагъистаналъул журналистал ГIабдулатIиповасул «чIагояб эфиралъул» заманалда. 26Ноя2014

Гьезул лъикIал хIасилазда гьоркьоб рехсана ГIабдулатIиповас Унсколо мухъалъул Временное росулъ тIоритIарал хасал тадбиралги. Гьезие гIоло туннел къаялъул гIемер чиясе къварилъи букIинги бичIчIулила жиндида, амма гьедин гьабун гурони бажарунеб хIал букIинчIила гьеб мухъалдайилан лъазабуна гьес.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Временное росулъ ратулел рукIана 7 гIунтIун тIала бугел блиндажал. Гьел хвезаризе нижеца хасаб техника битIизе ккана гьенибе. Гьел блиндажазухъ рахчун рукIун руго Дагъистаналда чанги анцI-анцI гIадамал чIварал чагIи. Нилъеца баркала кьезе ккола гьенир хасал тадбиразулъ гIахьаллъарал хасал идарабазул хIалтIухъабазе. Нилъер киназего гIоло хIалтIулел руго гьел. Дида бичIчIула туннел къаялъул бугеб къварилъиги, амма нужедаги ричIчIизе ккола тIалъиги, къуваталъул идарабиги, гьезие кумекги гьабизе ккола нужеца республика бацIцIад гьабиялъулъ. ГIадамал гьел тадбирал тIоритIиялдаса разигьечIого руго, амма жакъа унсоколо мухъалдаса 47 чи вуго Шамалда рагъулел. Гьел бищунго вахIшиял чIвадарухъаби ругиланги абула. Гьединлъидал тIагIинаре нужерго росабалъ ругел экстремистал, бацIцIад гьабе росуги мухъги. Нижеца гендерал жамагIаталъулгун къотIи-къай гьабун букIана, гьеб тIубазабуни гьезие жидеего лъикI буго, амма тIубазабичIони гьел экстремисталгун къеркьезе ккани дунгицин вахъине вуго».

Гьединго ГIабдулатIиповас лъазабуна Унсоколо мухъалда лъазабун букIараб терроризмалде дандечIараб низамги гьоркьоб къотIизе тун бугила, гьенир тIоритIулел хасал тадбиралги лъугIулел ругилан, гьединлъидал гIага-шагарго I декабралдеххун тоннел рагьулеб хIал гьабизе бугилан.

ЧIагояб эфиралъул заманалда гьединго бицана МахIачхъалаялда жамгIияб транспорталда рекIадухъ багьа бахинабиялъул суаллалъулги. Шагьаралъул мэрас лъазабуна жеги гьеб суал тIубан гьечIила, гьеб багьа бахинабизеги жидеца разилъи кьун гьечIилан. Гьеб суал жеги дандбазе кколила, жамагIатчагIиги шоферзабиги шагьаралъул администрациялъул вакилзабиги данделъун гIагарал къоязда гьеб суал гьоркьоб лъезе бугилан. Гьединго МахIачхъалаялда гIадамазе санагIалъиялъеги, нухда пробкаби лъугьинчIого рукIиналъеги цIияб соналдехун 55 цIияб автобусги биччазе бугила хIалтIизейин лъазабуна мэр МухIамад Сулеймановас.

Нухазда лъугьунел пробкабазул бицун ахIун бачIун букIана цо гIолохъанчиясги. Гьес абуна ГIабдулатIиповасда радал бакъанида мун унеб мехалда полициялъ нухал гIемераб заманалъ къалила, гьелъие гIоло чанго сагIаталъулалги пробкаби лъугьунила, гьеб суал тIубазе бегьуларищилан. Гьелъие жаваб кьолаго бетIерас абуна жиндица цебе-цебе нух къазего къалароанила, амма цо нухалда жиндир автомобилалда цойгидаб автомобиль речIчI изабун хадуб къазе байбихьанила нухалги, жиндир рокъоса хIалтIуде щвезе нухда жиндица 7 минут балила, гьел минтаз сабру гьабизе кIоларелхIалалъ рукIине кколарила бихьиналилан.

Ахиралдаги гьаниб абизе ккола чIагояб эфиралде журналистал ахIун рукIаниги гьезие цохIонигиязе суал кьезе рес кьечIилан. КIиго сагIатгIан халатбахъараб эфиралъул заманалда кIалъазе щварав 5 чиясе гурони суал кьезеги рес щвечIилан.

XS
SM
MD
LG