МагъчIваялъе рес

ГIункIкIал жаниб кваналеб школалъул ашбаз


Бабаюрт мухъалъул Советское росдал гIадамазул гIарз буго гьезул росдал школалда бугеб квачIакъаб ахIвал-хIалалда тIасан. Лъимал кваназе унеб ашбазалда санитариял низамал хвезарун ругилан абулеб буго гьез. Гьединго гьал къоязда митингалде рахъун рукIана Буйнакск мухъалъул Гъазанущиса гIолохъабиги.

17 ноябралда Бабаюрт мухъалъул Советское абураб росдал гIадамал ракIарун рукIана росдал шураялъул минаялъул шураялъул кIалтIе. гьез тIалаб гьабулеб букIана гьеб росулъ бугеб мактабалда санитарияб ахIвал-хIал лъикIлъизаби. Щайгурелъул лъимал кваназе унеб ашбазалда гIункIкIаз кваналеб бугин кинабго жоян абулеб буго гьез. Гьединго школалда рагIуларо мугIалимзаби жанире руссунеб хасаб рукъги.

Гьедин бицунеб буго «Эркенлъи» радиоялъе акция тIобитIарал эбел-инсул цояв Советское росулъа Русланица.

Анкьидасан гьез кьураб рагIи тIубазабичIони жидеца кIудияб ахIи-хIур бахъинабизе бугинлан бицана гьес «Эркенлъиялъе»

Нижеца цебеги бицун букIана гьебго Бабаюрт мухъалъул Уцмиюрт абураб росулъ бугеб школалъул хIакъалъулъги. Гьадинаб бук1ана доб мехалъ гьениса щвараб баян:

«Классазда жаниб заман байгун бахъунеб махIалъ лъималазул бетIер сверизабулеб школа бан букIана гьениб лъабго соналъ цебе.

ХIакимзабаз рагIи кьун букIана лъагIалидасан цIалдохъаби цIияб школалде рахъинаризе. Гьениб аскIоб балеб буго кIудияб школаги.

Амма анкьго сон буго гьеб бан лъугIуларого. Гьединлъидал вагоназул къагIидаялда бараб гьаб цояб школа букIана цохIо соналъ лъимал цIализаризеян гIедегIалихъе бараб школа.

Гьелда тIад гьечIо тIох, къадал руго пластикалъулги, гьединго гьава-бакъалъухъ балагьун заралиял жал къватIире кьолел цогидаб материалалъулги гьарурал.

Масала, цIад бан риччун, хадур ракъвайдал къадаздаса букIунила гьугърул хвезарулеб гIадаб махI. Гьединго букIине кколеб тIох тIад гьечIолъиялъ дагьабниги хинаб мехалда классазда жанир чIезе бажарулеб гьечIо. Гьединлъидал лъимал хехлъи гьабун къватIире тIурулел руго. Гьелде кIвар буссинабун лъималазул эбел-инсуца чанги къана шагьранухалги, гьаруна митингалги

Гьебин абуни росабазул даражаялда босани, гIезегIан кIудияб школа буго – анкьнусиде гIагарун лъимер цIалула гьениб».

Нижехъе щварал баяназда Уцмиюрт росулъ цIияб школа бан рагIалде бахъун, гьенир жанир цIалулел рагIула лъимал. Гьединабго квачIакъаб къагIидаялъ буго Хасавюрт мухъалъул Теречное росулъ бараб школаги 1971 соналъ Дагъистаналда ракь багъарараб мехалъ гIедегIалихъе щибниги шартIалги гьечIого хъарщазул бараб мактабалда цIалулел руго жакъа къоялъги гьезул гьенир лъимал.

Цо дагьабниги жагъаллъи кканани тIатIала ине хIадураб басрияб мактабалда жидерго лъимал цIализе бокьиларилан къватIире рахъун рукIана тIоцебсеб сентябралъ лъималазул эбел-эмен. Ахираб 10 соналда жаниб мактаб цIигьабун къачIаялъе хIукуматалдаса цо гъурущ гIарцул харж гьабун гьечIилан абулеб буго гьеб росулъа Мукъуев Нажмудиница.

Гьединго гьал къоязда митингалде рахъун рукIана Буйнаск мухъалъул Гъазанущиса гIолохъабиги. Гьез тIалаб гьабулеб букIун буго цере гьезул рукIарал, гьанже МахIачхъалаялде гъорлъе унеб Талги абураб росдада гъоркьоб ругел ракьал жидехъего нахъерусинеян. Гьеб суал гьоркьоб лъун букIун буго итни къоялъ МахIачхъала шагьаралъул администрациялъул минаялда тIобитIараб данделъиялда. «Эркенлъи» радиоялъе дагьаб гIатIидаб баян кьолеб буго администарациялъул пресс-хъулухъалъул хIалтIухъан ГIалимирзаева Зайнабица.

Зайнаб ГIалимирзаева: «Гьел ракьал церего Буйнакск мухъалъухъаги росун МахIачхъалаялде гъорлъе малъун рукIарал ракьал ккола. Гьеб гьабиялъе гIиллаги букIана шагьар кIодолъулеб букIин. Буйнакск мухъалъеги цогидал ракьал кьун рукIана. Гьебги лъилниги тIасанккун гьабураб хIукму букIинчIо, гьеб букIана къануналда рекъон гьабураб хIукму. Гьединлъидал Гъазанущиса гIолохъабаз гIунтIизарулел гIайибал кьучI гьечIел жал кколин бицунеб букIана шагьаралъул нухмалъиялъ тIобитIараб данделъиялда».

Гьел гIолохъаби лъица бугониги гьусун тIамун митингалде рахъарал чагIи рукIун ратани гьезиеги кьварараб тамихI гьабизе бугин, гьеб тайпаялъул дандечIеял цIидасан гьез гьарулареб куцалда тадбир гьабизе кколин абун буго заманаялъ МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуралев Сулейманов МухIамадица.

XS
SM
MD
LG