МагъчIваялъе рес

Дербент мухъалъул бетIер 2 моцIица рокъов туснахъ гьавуна


Чанго къоялъ цеве къуваталъул идарабаз ккун вукIарав Дербент мухъалъул бетIер Къурбанов Къурбан 3 октябралда диваналъ хIукмуги къотIун кIиго моцIица рокъов туснахъ гьавуна. Гьесул адвокат гьеб хIукмуялда рази гьечIо. Къурбановас жиндирго хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босиялда щаклъи буго хасал идарабазул.

Рузман къоялъ МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диванханаялда халгьабуна Дербент мухъалъул бетIер Къурбанов Къурбанил ишалъул.

1 октябралда жиндирго хъулухъалдаса цIикIкIун пайда босиялъул щаклъи букIун къуваталъул идарабаз ккурав Къурбанов цIех-рех лъугIизегIан туснахъалда телевищ теларищали абун хIукму гьабизе кколаан диваналъ.

Къурбановасул адвокат Аслан Шириновас лъазабулеб букIана гьев унтарав чи вугила, Дагъистаналдаса кивениги тIуризехъинги гьечIила гьев гьединлъидал цIех-рех лъугIизегIан эркен гьавейин абун.

Аслан Ширинов: «Гьев унтарав чи кквеялъе ва гьев жанив тIамизе щиб гIилла букIараб? Гьеб иш буго ургъунго, рихьдаего къуваталъул идарабаз гьабулеб иш.

ТIалъиялъ малъун батилаха гьезда гьедин. Дица цIунулев я квешав такъсирчийищ вугев, яги къануналъухъ гIинтIамуларев чийищ вугев? ТIадежоялъе гьев вуго рекIел ва бидурихьазул унти бугев чи.

Сон- церекъад гуро гьев гьедин лъугьарав. 2003 соналдаса нахъе гьедин захIматго унтун вуго Къурбанов. Гьев кидаго тохтурасул бербалагьиялда гъоркьги вукIине ккола.

Гьев кивениги тIуризехъинги вукIинчIо, рокъоблъун къватIисел пачалихъазе ине рес кьолеб паспортги букIана гьесул, бокьараб мехалда ине бегьулаан гьев гьаниса, амма гьев кивениги инчIо.

ТIуризеяли кив гурин гьев тIурулев, цIех-рех чагIаз ахIаравго вачIана гьев МахIачхъалаялдеги. Гьесда тIад такъсиргьабиялъул иш 16 сентябралда рагьана, 17 гьев азарханаялде ккана, амма гьенив вегун вугев чи гьев щибаб нухалъ сурав босизе цIех-рехчагIазухъе вачIунаан. Цониги нухалъ гьесда хадув щивниги вачIинеги ккечIо.

Гьедин 1 октябралъги кквезехъин вукIин лъаниги, живго вачIана гьев МахIачхъалаялде цIех-рехчагIазухъе.

Гьебщинаб жоги хIисалабде босун гьев туснахъ гьавизе кколароан, гьеб буго цIех-рехалъул мекъаб иш».

Прокурорас Къурбанов эркен гьавуни гьес цIех-рех гьабиялъе квалквалал гьаризе бегьулила, гьединлъидал цIех-рех лъугIизегIан туснахъ гьавунго тейин гьевилан тIалаб гьабулеб букIана.

Амма диванчи ГIалиев Шамилица адвокат Шириновас рихьизарурал, Къурбановасул сахлъиялъул иш лъикI гьечIолъиялъе нугIлъи гьарулел документалги, гьесул жеги балугълъиялде вахинчIев вас вукIин ва гьесде ккарай херай эбел йикIинги хIисабалде босун Къурбанов Къурбан кIиго моцIица рокъов туснахъ гьавизе хIукму къотIана.

Амма Аслан Ширинов гьеб хIукмуялдаги разигьечIо. Гьес лъазабулеб буго гIагараб заманалда жиндица гьеб хIукмуялда тIасан гIарз хъвазе бугилан.

Прокурорасги лъазабуна диваналъ цIакъго тамахаб хIукму къотIанилан, живги гьелдаса разигьечIила, гьединлъидал гьелда тIасан гIарз жидецаги хъвазе бугилан.

Гьединго Шириновас рикIкIунеб буго Къурбановасул ишалда хурхун гьабулеб кинабго цIех-рех букIине кколедухъ тIобитIулеб гьечIилан.

Гьес лъазабулеб буго Дагъистаналъул тIалъиялъ малъарабги гьабун, цIех-рехчагIаз къануналде дандекколарел ва инсанасул ихтиярал хвезарулел ишал гьарулел ругин Дербент мухъалъул бетIер Къурбановасда сверунилан.

Аслан Ширинов: «ЦохIо Дагъистаналъул мал-мулкалъул министерлъиялъул кагъатги кьочIое босун рагьулеб жойищ букIунеб такъсиргьабиялъул иш.

Гьелъие жеги чанги далилал рукIине ккола. Гьеб министрелъиялъ хъвалеб буго республикаялъул 56 гектар ракьул Къурбановас гIадамазе бикьун бугилан.

ГьанжелъагIан киданиги я гIурхъи чIван букIинчIел, я республикаялъул кколин абулел рукIинчIел гьел ракьал, тIалъиялъе Къурбановасде данде щиб бугониги хIалтIизабизе къваригIараб мехалда ракIалде щун руго министерлъиялда.

Амма гьеб ишалъулъ Къурбановас щибго къанун хвезабун гьечIо, гьеб хвезабун бугин министерлъиялъ лъазаби гурони, гьеб жеги чIезабунги гьечIо.

Гьелда тIадеги Дагъистаналъул арбитражалъулаб диваналде Дербент мухъалъул администрациялъ гIарз хъван букIана тIасан бахIс унеб бугеб ракьул 56 гектаралъул хIакъикъат чIезабейилан абун. Амма жеги диваналъ гьеб ишалъул халцин гьабичIо, хIукмуги къотIичIо. Гьеб къотIичIого такъсиргьабиялъул иш Къурбановасда тIад рагьиги мекъи буго.

Дида гьеб киналдаго лъезе цIарго лъаларо, рецIелищ гьесдаса босулеб бугеб, яги гьесда хадурчIун рукIинищ, амма такъсиргьабиялъул иш цо чиясул заказалда рекъон рагьараб иш букIин гьеб хIакъаб жо буго».

Экспертаз рикIкIунеб буго Къурбанов кквеялъе ва гьев жанив тIамиялъе гIиллалъун бугила гьесулги Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазанилги дандеккунгутIийилан. Гьес хъулухъ тейилан абураб мехалда данде вахъинчIевани Къурбановасда сверун гьебщинаб ахIи-хIур бахъунароанилан абулеб буго гьез.

Адвокат ХIамидов Ринатица рикIкIунеб буго Къурбанов гьесде тIадецуй гьабиялъе гIоло ккурав чи вугила. Дагъистаналъул тIалъиялъе данде кколарел чагIазде данде къеркьолеб гьезул ругьунаб къагIида бугин гьебилан. Гьеб хIукму къануналда данде кколеб хIалалъ къотIун бугищали балагьулев чи вукIунарилан.

XS
SM
MD
LG