МагъчIваялъе рес

«Дий щибго кIваричIо гIагараб тIалъи, дуца лъураб тIагъур буго дида тIад».


Дагъистаналда унел руго кIудияв шагIир ХIамзатил Расул гьавураб къоялда хурхун тIоритIулел ХъахIал къункърабазул къоял абурал халкъазда гьоркьосеб фестиваль. Юбилеялъул аслиял дандеруссинал рукIана итни къоялъ МахIачхъалаялда. ИчIабилеб сентябралда гьел халат рахъине руго Гъунибгун ЦIада росулъ ва гьединго Буйнакск ва Дербент шагьаралдаги.

ХIамзатил Расул гьавуралдаса 91 сон тIубаялда хурхарал тадбирал унел руго Дагъистаналда. ХIамзатил Расул кIодо гьавизе гьал къоязда Дагъистаналде рачIун руго Россиялъул батIи-батIиял шагьараздаса ва республикабаздаса 25 гIанасев чи.

Аслиял тадбирал рукIана кIудияв шагIир гьавурав къолъун кколеб микьабилеб сентябралда. Радалго рахъун киналго гьалбалги, тадбиралъул гIуцIарухъаби щвана Таргъу магIарда бугеб Расулил хабаде.

Гьенисан киналго ана тахшагьаралда, кIудияв шагIирасул цIар кьураб проспекталда бугеб гьесул монументалда тIугьдул лъезе.

Юбилеялъул тадбиразе байбихьи лъуна МахIачхъалаялъул Комсомолазул ахикь. Гьенире цохIо хъвадарухъаби гурелги республикаялъул хIукуматалъул вакилзабиги рукIана рачIун.

Байбихьиялъулаб калам гьениб гьабуна Дагъистаналъул хъвадарухъабазул цолъиялъул нухмалъулев АхIмадов МухIамадица. Гьенир иргадал кIалъазе рахъараз жидеего хасиятаб къагIидаялъ ракIалде щвезавулев вукIана Расул ХIамзатов.

Расулида кIванин жиндирго шигIрабазулъ тIубараб дунял цолъизабизе, мугIрузул Дагъистаналъул гьаракь цогидал пачалихъаздаги рагIизабизе, гьесул асараздаса хадуб жидее цIакъ рекIее гIунин Дагъистан, гьелъул гIадамал ва кIудияб анищ букIанин гьанире гьоболлъухъ рачIине.

СагIат анцIила кIигоялдехун киналго ана гIумрудул гIемерал сонал гьес жанир тIамураб, тахшагьаралъул бакьулъ бугеб Расулил рокъоре. Гьениве вачIана Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасги.

Президентас гьениб абуна Расулил юбилеялъул къоги, «ХъахIал къункърабазул къоги» кIиябго батIи-батIияб даражаялда тIобитIани лъикIаб букIинаанилан.

Щайгурелъул гьеб кIиябго лъугьа-бахъиналъул щибалъ батIаго хасаб бакI кколин Дагъистаналъул политикиябгун-жамгIияб гIумруялда жаниб. Гьеб пикру рекIее гIуна гIемерисезе ва абулеб букIана лъикIаб букIинаанин «ХъахIал къункърабазул къо» щибаб соналъ август моцIалда тIобитIани лъикIаб букIинаанилан.

Гьалбадерие лъикIаб гIодобчIей хIадур гьабун букIана Расул ХIамзатовасул ясал ПатIиматица ва СалихIатица ва гьезул лъималаз.

СагIат лъабгоялда Хъвадарахъабазул Цолъиялда тIобитIана халкъиял информалатазул вакилзабиги ахIараб гургинаб стол. Россиялъул Хъвадарухъабазул Цолъиялъул секретарь Иванов Геннадийца абуна Расулил «ХъахIал къункърабазул къоялъ» хасаб бакI кколин Россиялъул ва дунялалъул литератураялда жаниб.

Бицана Расулил кIудияб поэзиялъул гьес ракIалде щвезабуна Россиялъул цо кIудияв литераторас Расулие кьураб къимат.

Жинда гьикъани дунялалъул бищунго гьунар тIокIав 10 шагIир рехсеян, жинца анцIгоявги рехсон тIаде жубалаанин Расул ХIамзатовгиян, гьезда гьоркьосаги щугоял рехсеян абуни гьезул цIаралде тIаде жинца ахиралда жубалаанин Расул ХIамзатовасул, амма гьезда гьоркьосаги цо бищунго къиматав шагIирасул цIар рехсеян дида абуни дица гьенибги тIаде жубазе букIанин кIудияв Расулил цIар.

Ахиралдаги Геннадий Ивановас абуна хун хадубги Расулил цIаралъ нилъ цолъизе гьарулел ругин, амма жакъа хIажат бугин цIиял гьунарал тIатинаризе, цIияб заманаялъул шагIирал халкъалда рагIизаризе абун.

Башкиразул халкъияв поэт ва гьезул хъвадарухъабазул цолъиялъул нухмалъулев Равиль Бикбаевас бицана жакъа чанги бакIалда рагIулеб бугин жинда хъвадарухъабазул цолъи абураб гIуцIи жакъа хIажат бугищилан абураб суал.

Хъвадарухъабазул Цолъиги Литературияб институтги букIинечIебани кинин нилъеда лъазе вукIарав Расул ХIамзатовги, гьевго гIадал къиматаб гьунаралъул шагIирзабиги хъвадарухъабиги. Гьел кутакалда хIажат ругин жакъаян абуна Равиль Бикбаевас

Гьеб данделъиялда гьединго вукIана Крымалда бугеб хъвадарухъабазул гIуцIиялъул нухмалъулев Басыров Валерийги. Гьев тIоцевесев нухалъ вачIун вуго Дагъистаналде. Хъвадарухъабазул Цолъиялда бугеб Расулил ХIамзатовасул музеялъе къвал цIурал тIахьалги рачIана гьес, Дагъистанги Расулил поэзияги кIодо гьабураб каламги гьабуна гьес.

«Эркенлъи» радиоялъе гьес гьадин бицана Крымалда Расул ХIамзатовасул поэзиялъул бугеб даражаялъул.

Басыров Валерий: «ГIумруялда гьевгун дандчIвазе кIудияб анищ букIана дир, амма гьеб анищ тIубачIо. Расулил асарал дица гьитIинаб мехалъго байбихьана цIализе. Жакъа Крымалда лъала Расулги гьесул асаралги. Гьел гъираялда цIализеги цIалула.

Нижер руго батIи-батIиял литературиял секциябиги. ГIолохъанаб гIелалда гьоркьор гIемер ругин абиларо дица Расулил поэзия цIалулел чагIи. амма дун Дагъистаналде гьоболлъухъ унев вугин рагIидал гьезул цIакъ кIудияб интерес букIана гьелъул, кинан дун гьанив дун гьанив кабул гьавурав ва цогидабги.

Щайгурелъул нижер доба цIакъ къанагIатаб иш буго хIукуматалъул рахъалдаса хъвадарухъабазде кIвар кьунилан абураб жо. Амма Дагъистаналда гьедин гьечIо.

Гьединлъидал дун цIакъ рази гьавуна Президентас ниж тIаде къабул гьаризе ругилан абураб мехалъ. ТIалъиги хъвадарухъабиги цоцалъ рекъон ругони гьеб кIудияб рохел бугин абула дица».

Расулил «ХъахIал къункърабазул къоял» Дагъистаналда халат рахъине руго талат къоялъ лъагIан ичIабилеб сентябралда гьел тIоритIизе руго Гъуниб ва Хунзахъгун ЦIадаб росулъги ва гьединго Дербенталда ва Буйнакск шагьаралдаги.

XS
SM
MD
LG