МагъчIваялъе рес

Рихьуни цlияб цlалул сон жеги байбихьичlо


Рихьуни росдал школаялъул азбар, 1Сен2014
Рихьуни росдал школаялъул азбар, 1Сен2014

Унсоколо мухъалъул Рихьуни росдал школалде 2 сентябралдаги рачIинчIо киналго цIалдохъаби.

ЦIалул сон байбихьараб къоялъги кIиабилеб сентябралдаги къогоялде гIагарун лъимер гурони букIинчIо гьениб. Гьелги рачIун руго рукъ-рукъалъуре мугIалимзаби хьвадун, лъимал школалде риччаян улбузда гьел гьардон хадур. Гьедин бицана ЭР-ялъе рихьундерица. Гьез гьединго бицана кIиабилеб сентябралда низам цIунулел рукIанин цIалдохъабазул эбел-инсухъе хьвадулел.

Исана соналда рихьундерил школалда цIализе кколеб буго лъабнусида цIикIкIараб лъимер.

Рихьундерица моцIица цебего лъаз букIана гьедин – пачалихъалъ лъел электростанция балаго лъеда гъоркье арал жидер ракьазухъ рецIалил гIарац кьечIого, жидеца лъимал школалде риччазе гьечIилан. ХIукуматалъул вакилзабаз жидер суалалде кIвар буссинабизе жидер тIокIаб батIияб рес хутIун гьечIин абулеб буго бакI гIадамаз.

Гьедин лъимал школалде ритIизе кколин бичIчIизабизе 31 августалдаги 1 сентябралдаги Рихьунире рачIун рукIана республикаялъул миллияб политикаялъул министр хисулев Роберт ХIажиевги, Унсоколо мухъалдаса Халкъияб Мажлисалда вугев депутат ХIасанов ХIасанги, Унсоколо мухъалъул нухмалъулев Шамил МухIамадовги, цогидалги. БакIалъул гIадамаз дагIба балеб бугеб рецIалил гIарцул суал гьоркьоб лъезе Дагъистаналъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдусамад ХIамидовасулгун дандчIвай гьабилин нужер гьаб анцIго къоялда жанибилан рагIи кьуна гьел хIакимзабаз рихьундерие. Гьелде щвелалде 2 сентябралдаги гьабилила дандчIвай хIукуматалъул нухмалъулев хисулесулгун.

Гьедин 2 сентябралда рихьундерил лъимал школалде рачIине ругин бицун букIана I сентябралда ЭР-ялъе Халкъияб Мажлисалъул депутат ХIасан ХIасановас.

ХIасан ХIасанов: «Метералдаса (2 сентябрь) байбихьун лъимал школалде ритIизе рагIи кьуна гьел чагIаз. Гьез абулеб букIана лъимал школалде ритIизе жидер рес гьечIила – гьезие партал хьит босизе гIарац гьечIила. Исана пихъги хведалха киса-кибго. Гьедин лъеда гъоркье арал ракьазухъ гIарац щунгутIиялъулги бицана гьез. Амма школалде лъималги риччачIого, гьединал жал гьаризе бегьуларин бицанаха гьезда».

ЭР: «Ниж кIалъарал рихьундерица абунаха тIубан гьеб суал тIубачIого риччазе гьечIин лъимал школалде».

ХIасан ХIасанов: «Гьедин абулел чагIиги руго дора. Амма жакъа лъималги хIалае ккун политика гьабизе бегьилищха? Гьеб жо хIукуматалъ биччазеги биччаларо. Прокуратураялъулги, цIех-рехалъул комитеталъулги, цогидалги хIалтIухъаби рукIана гьенир (Рихьунир). Гьез тамихIалде цIазе руго гьел эбел-эмен. Гьез цере лъолел ругел тIалабал тIуралел руго, хIукуматалъул нухмалъулесда цере лъун руго гьел. Республикаялъул нухмалъулесги хIисабалде росун руго гьел. Гурони жакъа рахъун лъимал школалде риччаларилан чIезе бегьуларо. Цо къоялда жаниб тIубалеб суал букIунарелъул. Гьезул жамагIаталъе бокьун буго хIукуматалъул нухмалъулевгун дандчIвазе. Дицаги Роберт ХIажиевасги гьезие рагIи кьуна гьеб гьари тIубазе. Гьез цебе лъолеб суалги битIараб буго, хIисаб гьабуни. 20-30 сон буго ГЭС базе байбихьаралдаса. РецIалил гIарац щвечIого гьоркьор хутIарал гIадамал руго. Къануналда рекъон, гьез битIараб тIалабги лъолеб буго. Амма гьелъие гIоло лъимал школалде ритIичIого тей мекъи буго».

Рихьуни букIараб росдал даделъиялда гIадамаз абуна республикаялъул тIалъиялъулгун жидер дандчIвай ккун хадур ритIилин жидеца лъимал цIалуде. Гьениб бакIалъул депутат Арсеница гьадин абулеб бугоан.

Арсен: «Гьебги (школа) къай, нижеца лъимал рокъор тела. Нижер къваригIел гьез тIубалеб гьечIищ, ниж президентасда рагIулел гьечIищ, лъиданиги рагIулел гьечIищ, рокъор телаха гьелги. Бажарараб куцалда магIишатги гьабила. ТIокIаб хабар нилъее щай? БатIаго я Шамилида (Унсоколо мухъалъул нухмалъулев Шамил МухIамадов – авт.), я ХIасанида (росдал бегавул – авт.) дандечIарав чиги дун гуро, халкъалъ вищарав чиги вуго».

Гьедин лъимал цIализе риччачIого тани нилъ, рихьундерил гIадамал, низам цIунулез тамихIалде цIалин абуна росдал бегавул ХIасаница. Гьев гIад-хочI гьавуна данделъараз.

Данделъарал: «Лъица нижее тамихI гьабулеб, милицабазищ? Эл щал, вац, милицаби, нижее тамихI гьабизе ккани? ... Я ХIамидов ( Дагъистаналъул хIукуматалъул нухмалъулев – авт.), яги ГIабдулатIипов (Дагъистаналъул бетIер – авт.) къаси Москваялдасан кIалъазе те нужее рецIалил гIарац кьезе бугилан. Нужер суал тIубан бажаричIони, ноябралъул каникулазде щвезегIанги рокъор тейин нужеца лъималин абизе гьезухъа бажарани, метер радал сагIат ичIгоялдаго ритIизе руго лъимал школалде».

Унсоколо мухъалъул гIадамазе рецIалил гIарац некIого кбун бахъанин абула хIакимзабаз. Амма гIадамаз жаваб кьола гьеб гIарцул цо къадар хIакимзабаз кванан бахъанин, цоги къадарин абуни щвечIого хутIун бугин жидер ракьазулги гьелда бижулебщиналъулги букIине кколеб багьаги гьабичIолъиялъ.

XS
SM
MD
LG