МагъчIваялъе рес

Макаревичасул кучIдузул дандерижи


Араб анкьида Россиялъул рок-музыкант Андрей Макаревичас жиндирго концерталгун вахъана Машрикъалъул Украиналда тIурун чIаразул лъималазда цеве. Гьанже Россиялъул пачалихъияб Думаялъул депутатазул хиял буго, гьез абухъего - гьеб «хиянатчилъиялъухъ» артистазе жаза гьабизе.

Андрей Макаревичасда хадуб байбихьараб хал кквеялъе квербакъи гьабуна Россиялъул цо-цо депутатаз. Араб анкьида Машрикъалъул Украиналда бугеб тIурун чIаразул мархьиялда гьес концерт кьун хадусала, гьел депутатаз ахIи бана Макаревич киналго пачалихъиял шапакъатаздаса ва мустахIикъал цIараздаса махIрум гьавиялде.

Макаревич Украиналде вачIаян ахIана официалияб Киевалъул рахъ кколеб Украиналъул волонтеразул Фондалъ. «Машина Времени» абулеб цIар-араб музыкалияб къукъаялъе кьучI лъурав Андрей Макаревичас Машрикъалъул Украиналъул шагьаразде сапар бухьун, концертал кьуна гьениб халат бахъунеб конфликталда къо бихьарал гIадамазе.

12 августалда Макаревич вахъана Святиогорск шагьаралда тIурун чIаразул лъималазда цеве. Facebook-алда бугеб жиндирго интернет-гьумералда артистаз суратал загьираруна.

18 августалда Кремлалдехун буссараб «Известия» абулеб газетаялда бахъараб жиндирго макъалаялда «Единая Россия» партиялъул рахъалъан Пачалихъияб Джумаялъул депутат Евгений Федоровас абуна, Макаревичасул некIогоялдаса бухьен бугин фашистазулгун. Гьединаб тIаса бищи гьес гьабунин Россиялъул Федерациялъул тушбабазул рахъалде лъутун.

Гьадин абун, Федоровас ахIи бана Макаревичасухъа киналго пачалихъиял шапакъатал нахъе рахъиналде. ТIоцебесеб иргаялда – «ВатIаналъе гьабураб хъулухъалъухъ» абураб бищун тIадегIанаб рагъулаб гуреб орден нахъе бахъиналде. Гьеб гуребги, рехсарав депутатаз абулеб буго Россиялде данде рагIи бицарав щинав шапакъатаздаса ва мустахIикъал цIараздаса хъващтIан махIрум гьавиялда хурхараб къанун къабул гьабизе кколин.

Щайха Макаревичасул концертаз гьедегIан кIудияб ахIи-хIур багъаризабураб ва депутатазул ццим бахъинабураб жибго Москваялъ тIурун чIаразе кумек гьабизе гIедегIулеб мехалъ? Щай гурелъул, ракIалде Макаревичас Украиналде данде бачунеб Россиялъул политика рагьараб къагIидаялъ какулеб букIиналъул.

Март моцIалда Россиялъ Крымалъул аннексия гьабун хадуб, Макаревичас Facebook-алда суал кьолеб букIана «Нилъеца хIалтIизабулеб политика битIараб бугони, щайха тIолго дунял нилъеде данде чIолебилан» абураб.

18 августалда «Эхо Москвы» радиостанциялъе интервью кьолаго, Макаревичас лъазабуна, рехсарал гьалмагъзабаз жидеде нахъеги фашистилан абуни, жинца диваналде гIарз битIизе бугин. Россиялъул Федерациялда Инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъан хасай вакил Элла Памфиловалъ рехсарал депутатазул жигар какун, Макаревичасул рахъ ккуна.

Амма Андрей Макаревичасде данде чвахулеб каки гьоркьоса къотIулеб гьечIо. «Завтра» абулеб миллатчагIазул газетаялъул бетIерав редактор Александр Прохановас Макаревичасда абуна – гьев миллаталъе хияналъи гьабурав чилъун кколин. Квешаб макъала хъвана «Известия» газетаялда Эдуард Лимоновасги.

Советияб заманалъул эстрадаялъул кочIохъан Иосиф Кобзоница Макаревичасдехун вуссун, абуна, гьанжейин дуе хутIана Коломойскиясеги концерт кьезеилан.

Коломойский - гьев ккола Украиналъул олигарх, Днепропетровск икълималъул губернатор. Гьес Киевалъул рахъ кколеб халкъияб бодул батальоназе гIарцул кумек гьабулаан.

«Комсомольская правда» газетаялда Кобзоница абуна, «Демократиялъ щивасе рес кьолеб буго жиндирго пикру гьабизе, амма демократиялъ жиндир улкаялъе хияналъи гьабизе ихтияр кьолеб гьечIо лъиениги».

Санкт-Петерьбургалъул Мажлисалъул депутат Виталий Милоновас абуна, Макаревичасул концертал Россиялда гьукъизе кколин.

Эркенлъи Радиоялъул ГIурус хъулухъалъе интервью кьолаго, живго Андрей Макаревичас гьадин дурус гьабуна жиндирго позиция:

Андрей Макаревич: «ТIоцебего абизе ккараб буго – дун дове ахIун вукIанин тIурун чIаразда цеве вахъе ян гьарун. КIиабизеги – концертал тIурун чIаразе дица кьуна гьез чIей гьабулеб территориялда балагьичIого. Ай – лъил контролалда гъоркь гьеб территория бугебали. Дида ккола гьеб квеш гьечIин. Лъабабизеги – прессалъ дида божулареб къагIидаялда гьадинал хIужаби бихьизабулеб мехалъ хIакъикъат лъазабизе цохIого цо рес буго – гьеб жиндирго бераздалъун бихьизе».

Россиялъ аннексия гьабураб Крымалъул премьер-министрлъун лъазавурав Рустам ТемиргIалиевас Крымалда Макаревичасул концертал гьукъана.

XS
SM
MD
LG