МагъчIваялъе рес

Кибе щун бугеб вацал ХIамзатовал чIваялда сверун процесс?


Адвокат Сапият Мухlамадова
Адвокат Сапият Мухlамадова

Дагъистаналда халат бахъунеб буго Гъизляралдаса бизнесчагIи, вацал ХIамзатовал чIваялде сверухъ унеб диваналъул процесс. Иргадулаб диваналъул данделъи тIобитIизе буго сентябралъул кIиабилеб къоялъ.

ЧIваразул гIага божаразе гIайиб гIунтIизабулезул рахъалдаса хIинкъаби кьолел рукIиналъул хIужаби халат рахъунел ругилан бицунеб буго «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIариялда гьезул ихтиярал цIунулей адвокат Сапият МухIамадовалъ.

Гъизляралдаса вацал ХIамзатовал чIварал чIагIазда тIад гьабулеб диваналъул процесс нахъе бахъун буго кIиабилеб сентябралда лъагIан. Гьедин бицана «Эркенлъи» радиоялъе къварилъиялде ккаразул адвокат МухIамадова Сапиятица. Адвокаталъ абулеб буго диваналъул процесс рагIалде бахъиналъе гIемерал квал-квалал гьарунилан.

Сапият МухIамадова: «ГIайиб гIунтIизабулез байбихьана диваналъе жаваб кьезе. Амма гьел цохIо жидеего бицине бокьараб жоги бицун руцIцIухIун чIун руго. Гьез жаваб кьолеб гьечIо я чIваразул гIага-божаразул, я прокурорасул суалазе. Конституциялъул 51 статьялда рекъон жидер изну бугин гIенеккун чIезеян абулеб буго гьез сундаго данде. Узухъда, гьез инкар гьабулеб гьечIо 2012 соналъул 18 марталда жал балагьаб лъугьа-бахъин ккараб бакIлдаги рукIнин ва гьениб дагIаб рагIиги кканин абураб жоялдаса, амма жидеца чи чIвачIин абулеб буго гьез, гьез бицунелда божани вацал ХIамзатовал жалго жидецаго чIвараб гIадаб жо кколеб буго гьениб».

Гьеб лъугьа-бахъин ккана 2012 соналъул 18 марталда. Гъизляралдаса вацал-бизнесменал ГIусман, Юсуп, Гъаздибир ва вацасул вас МухIамад ГIумаров чIвана автомобиль лъалхъизабулеб бакI сабаблъун ккараб дагIба-рагIиялъул хIасилалда. ДагIба-рагIиялъул заманалда гьезда данде ярагъ хIалтIизабун буго. Абулеб букIана гьел рукIанин Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андерей Виноградов цIуна-къалел чагIиян.

Гьеб лъугьа-бахъин ккун хадуб нахъисеб къоялда чIваразул гIагарлъиялъ «Ростов-Баку» федералияб нух къана. Андрей Виноградов хъулухъалдаса вахъи тIалаб гьабулеб букIана нух къараз.

Гьелдаса хадуб чанго нухалъ тIобитIана гьеб ишалда тIасан диваналъул процесс. Гьеб жеги халат бахъунеб буго. Гьеб заманалда жаниб Виноградовасул гIадамаз къасд гьабуна чIваразул гIага-божаразул чагIи диваналде унелъул хIинкъаби кьун, нух къан гьел диваналде риччачIого тезеги. Гьелъул хIакъалъулъ гьадин бицана Эркенлъиялъе МухIамадова Сапиятица.

Сапият МухIамадова: «ХIамзатовазул гIага-божаразе Виноградовасул гIадамаз тIадецуй гьабулеб букIиналъул хIужаби рукIин тасдикъ гьабуниги, цIех-рехалъул комитеталда гьелде кIвар кьечIо. ТIадежоялъе жидее хIинкъаби кьунищинал гIадамаз гьелъул хIакъалъулъ камилаб баян цIех-рехалъул комитеталъе бицаниги гьел чIана гьеб тIадецуй букIинчIилан. Гуреб батани щибха гьеб кколеб? ХIамзатовал чIваялдехун гьесул хурхенги батичIони, сундуеха Виноградовас гьел киналго гIадамал жиндирго кабинеталде ахIун рукIарал, хIинкъи кьезе гурони?».

Вацал ХIамзатовал чIваялда сверухъ унеб цIех рехалъул иш халгьабиялде босун тIаде босун букIана улкаялъул Жанубияб Федералияб мухъалда бугеб цIех-рехалъул комитеталъ.
ЦIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ гьеб хIужаялда сверун хIалтIи гьабизе гьечIеблъи якъинго лъалеб букIиналъ битIун букIанин чIваразул гIагараз гIарза Жанубияб федералияб округалъул цIех-рехалъул идараялдеян бицана Сапият МухIамадовалъ. Гьеб мурадалъе гIололъун гьез чанго нухалда тIоритIун руго митингал, гьел гIарзалъ инчIел идарабиги хутIун гьечIо республикаялда

ЧIваразул гIага-божаразул ихтиярал цIунизе рукIиналъул гьезулгун къотIи-къай Сапиятицаги цогидав адвокатасги гьабун чанго къо ун хадуб гьез гIарза кьун буго рехсараб чIвай-хъвеялда сверун хIалтIи гьабулев цIех-рехчи Умалатов Шамилихъе. Адвокатазе бокьун букIана гьеб хIужаялда тIасан тIадеги баянал швезелъун цогидалги нугIзабазулгун гара-чIвари гьабизе, амма гьелдаса хадуб гьезие хIинкъи кьурал кагътал рачIине байбихьун буго гьезул телефоналде.

XS
SM
MD
LG