МагъчIваялъе рес

Россиялде лъутарал: кlирахъалъулал стандартал


Украиналдаса лъутарал Белгородалъул миграционияб хъулухъалда цере, 9 июнь 2014
Украиналдаса лъутарал Белгородалъул миграционияб хъулухъалда цере, 9 июнь 2014

Украиналъул жанубиябгун-машрикъалъул рахъалдаса бащдаб миллионалдаса цIикIкIун чи вачIун вуго Россиялде лъутун ахирисеб ункъго моцIалда жаниб. Гьединал руго Россиялъул хIукуматалъ кьолел официалиял тарихал. Гьезулги бокьаразе кьезе руго россиялъул паспортал. Гьебго заманаялда Украиналъулгун гIорхъода ругел Россиялъул территориязда хIалица бажарулеб буго рачIунел къабул гьаризе.

Официалиял баяназда рекъон, 1 апрелалдаса нахъе Россиялде вачIун ва гьенив чIун вуго Украиналдаса 520 азаргогIан чи. Гьезулги 150 азаргогIан чияс гIарза хъван буго Россиялъул миграционияб хъулухъалде жидее хIалтIизе ихтияр гьечIеб бугониги статус кьеян.

Украиналдаса лъутун рачIаразе хIукуматалъ гьанжеялде биччан буго 5 млрд. гъурущ. Гьединго 51 азарго чияс цIикIкIинабун буго Россиялъул субъектазда къватIисел улкабаздаса гражданазул букIине бегьулеб квотаги.

Россиялъул территориялда Украиналдаса гIадамал виза гьечIого рукIине бегьулеб буго 90 къоялъ, гьанже гьеб заман жеги 180 къоялъ цIикIкIинабизе кколин рикIкIунеб буго Миграциялда хурхун Федералияб хъулухъалъ. Гьедин хъвалеб буго МК.ру сайталда.

Украиналдаса лъутулел гIадамазул цIикIкIунисел гIагаразул яги лъалезул дора чIолел ругин лъазабулеб буго Россиялъул хIукуматалъ, амма гьебго заманаялда гьезие гIуцIун буго 400ялдаса цIикIкIун заманалъ гьел рукIине бегьулел бакIал.

Ростовалъул мухъалъул губернатор Василий Голубевас лъазабулеб буго жидер территориялда вугин украиналдаса лъутарав 220 азарго чийин ва гIадамал къо гьоркьоб течIого рачIунелги ругин.

Гьениса гьел ритIулел руго цоги республикабигун субъектазде. Масала Белгородалъул икълималда жакъаялде вуго 70 азаргогIан Украиналдаса лъутарав.

РитIулел руго гьел миллиял республикабаздеги. БатIи-батIиял баяназда рекъон, араб анкьалда, Шималияб Кавказалъул республикабазда вукIана лъутаразул анлъазаргоялдаса цIикIкIун чи. Башкортостаналъул нухмалъиялъ лъазабулеб букIана республикаялде вачIарав щуазаргогIан лъутарасул.

Россиялъул информалатаз лъазабула Украиналдаса лъутаразе рукIа-рахъиналъе чIезарулел ругел кIванагIан лъикIал шартIазул.

Амма къварилъиялде ккарал гIадамазе кумек гьабиялъул гуребги пачалихъаялъул политикаялъул цоги гIаламаталги рихьулел руго гьелъулъ Башкортостаналъул Пачалихъияб университеталдаса профессор Къулшарипов Маратида.

Къулшарипов Марат: «Щаялиго, гьел Украиналдаса лъутаразул гIемераб къадар битIулеб буго Башкортостаналде. Гьел рагъал кколел бакIаздаса аза-азарго километралъул рикIкIулъуда буго Башкортостан. Гьенире щвелалде нухда ругел гIурус мухъазда течIого гьанире ритIулел руго гьел. ГIемерисел цIалул идарабазул плафилакториязда руго гьел лъутаразе бакIал кьун. Гьебги буго деэтнозация гьабулеб бугеб Россиялъул миллияб политикаялъул бутIа. Дица рикIкIуна Москваялъ гьел лъутарал киналго регионазде ва субъектазде бащад гьарун ритIизе кколин.

БакIалъул гIадамалги разиял гьечIо гьанире Украиналдаса лъутарал рачIунел рукIиналдаса. Дица рикIкIуна гьеб бугин миллиял республикабазда бакIалъул миллатазул къадар дагь гьабиялъул политикайин. Челябинскаялде, Оренбургалде ва гьездаа релъарал цоги мухъазде гьел лъутарал ритIулел ругин бицунаго рагIунароха.

Гьанирин абуни гьезие рукъзалги кьолел руго хIалтIиги кьолеб буго. Лъутун рачIарал гьадингосеб бакIаб хIалтIи гьабизе разиял гьечIелъул, гьезие къваригIун буго лъикIаб хIалтIи. БакIалъул халкъги разияб букIинищха гьелда?»

Миграциялда хурхун Федералияб хъулухъалъул батIиял баянал руго Украиналаса лъутаразе хIалтIи кьолеб букIиналда бан. Гьеб идараялъул бетIер Константин Ромодановскияс информалатазе лъазабуна гьел гIадамазул цIикIкIунисел разиял ругин жакъаго хIалтIи балагьизе, амма хехгьабун рукъзал толаго хIажатал документал кIочон ругин гьезда-цIалун щварал дипломал ва хIалтIул нух бихьизабулел цоги документал. Гьесулго баяназда рекъон, гьезул идараялъ мухIканаб цIех-рех гьабун буго лъутаразул анкьазарго чиясе. Гьезда гьоркьор гIемер ратун руго бухгалтералги богогьаналги. Гьединазе хIалтIул биржа рагьаницин бегьулин рикIкIунеб буго Ромодановскияс.

Россиялъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул баяназда рекъон, лъутун рачIунезе тIоцебе хIажалъулеб буго медициналъул кумек. Гьезда гьоркьой рагIула азаргоялдаса цIикIкIун лъимадуе йигей гIадан ва Россиялда гьанжеялде гьабун рагIула 200-гIан лъимер.

Гьединго рагIула социалияб рахъалъ кIвар кьезе кколел унтаралги, гьездаго гьоркьор ВИЧ-инфекция бугев 108 ва 77 туберкулезалъ унтарав чиги.

Сириялдаса лъутун рачIаразде дандеккун Украиналдаса лъутун рачIараздехун Россиялда бугеб батIияб лъикIаб бербалагьиялъул бицана Эркенлъи Радиоялъе чачаналъа журналист Амаева Лейлаца.

Амаева Лейла: «Гьал гIагарал къоязда дун щун йикIана Нальчикалда Украиналдаса лъутун рачIарал ругел санаториязде. Гьезие чIезарун руго цIакъ лъикIал шартIал. Гьел къойида жанир ункъго нухалда кваназарула, гьезие жидеего гIиси-бикъинаб жо босизе, гIемераб гьечIониги, гIарацги кьолеб буго. Гьезул лъималазе руго расанкIаби хIазе хасал рукъзалги. Гьез чIей гьабун бугел санаториял полициялъ цIунунги руго. Гьел руго лъикI къачIарал санаториязда цIакъ лъикIал шартIазда.

Гьез гIумру гьабулеб бакIалде дандбитIун абухъе буго кIигоялдаса цIикIкIун соналъ цере Сириялдаса лъутун рачIарал чергесаз гIумру гьабулеб бакI. Чачаналда рагъ бугеб мехалда Чачанлъиялдаса лъутараз гIумру гьабулеб букIана гьениб, чачанал гьениса аралдаса къачIачIел рукъзал руго гьел. Гьенив вуго чанго нусго этникияв чергесав.

Гьезие кьоларо ункъго нухалъ квенги, гIиси-бикъинаб жо босизе гIарацги. Гьез бицухъе, гьезие щибниги кьоларо ва кьолеб букIинчIо.

Щайин кIиго батIиял лъутаразе чIезарурал шартIал гьедигIан цоцаздаса батIиял ругелин гьикъана нижеца Гъабардагун-Балкариялъул миграционияб хъулухъалда.

Гьез абуна Сириялдаса этникиял чергесал жидеца гьанире ахIун рукIинчIин, рачIани гьезие кколел шартIал чIезарилин рагIиги кьун букIинчIин. Гьел ругин чергесазул миллиял идараби-хасаяз ахIун рачIарал чагIи. Гьезие шартIал чIезарунги хасаязда бажарулеб гьечIин.

Гьел чагIаз гьанже бетIербахъи гьабулеб буго ракI гурхIарал гIадамаз бачIараб садакъаялдалдаса».

XS
SM
MD
LG