МагъчIваялъе рес

Рукъ бакъараб садакъа


Украиналдаса тIурун Россиялде рачIарал гIадамал.
Украиналдаса тIурун Россиялде рачIарал гIадамал.

Дагъистаналде лъутун рачIарал Украинаялъул гIадамазе материалияб кумек хIисабалда 5 миллион гъурущ бакIарун буго республикаялда. Гьеб гIарац бакIаризелъун гIуцIараб хасаб фонд рагьун буго республикаялъул хIукуматалда цебе. Амма гIемерисел дагъистаниял байбихьудаго рази рукIинчIо гьел гIадамал республикаялде къабул гьариялдаса. Украинаялъулаздаса кумек цIикIкIун хIажатал гIадамал республикаялда гIемерал ругин абулеб буго гьез.

Украинаялдаса лъутун рачIарал гIадамазул 395 чи вуго жакъа Дагъистаналъ къабул гьавун. Гьезда гьоркьор руго 123 лъимерги.

Гьел Дагъистаналде рачIана июнь моцIалда. Жанубияб Украиналда рагъулаб кор боркьун хадуб гьениса гIемерав чи нахъе ана жидерго гIумруялъе хIинкъи букIун.

Гьезул цо бутIа къабул гьабуна Дагъистаналъги. Амма доб мехалъго чанги чияс рази гьечIолъи загьир гьабулеб букIана хас гьабун Дагъистаналде щайин гьел рачIине кколел, мисалалъе мадугьалихъ бугеб Чачаназул республикаялъ инкар гьабун бугин гьел къабул гьаризе, Дагъистаналъ щайин гьел огъине кколелилан.

Гьанже гьезие пачалихъиял хъулухъчагIазул цохIо къойилаб харжил хIисаб гьабун бакIараб щуго миллион гъурщида тIасан гьезул кинаб пикру бугебали лъазе цIех-рех гьабизе пикру ккана «Эркенлъи» радиоялъул.

Щайгурелъул чанги чияс абулеб букIана Дагъистаналда дагьалищин рукIарал гьел гIадин квачIакъаб ахIвал-хIалалде ккарал гIадамал, украиналъулаздаса гьел цересел рукIинчIиш абун.

Мисалалъе гIемер заман инчIо ЦIунтIа мухъалъул Элбокъ абураб росулъ анцIгоялдасаги цIикIкIун мина бухIаралдаса. Амма жанире руссине рукъ гьечIого хутIарал гIадамазе гIарац бакIарулеб букIиналъул хабар букIинчIо.

Кинан бугониги къварилъиялде ккарал гIадамал нилъеда ричIчIизе кколин, украинаялъул халкъалде жакъа хIакъикъаталдаги балагь рештIун бугин ва Дагъистаналде гочине ккарал гьезие киназго кIвараб куцалда кумек гьабизе кколилан бицана ЦIунтIа мухъалдаса МухIамадов МухIамадица.

Элбокъ росулъ цIа ккараб мехалъ, къварилъиялде ккарал гIадамазе кумек гьабулеб комиссиялъе нухмалъи гьабулеб букIана гьес.

МухIамадов МухIамад: «Бугеб ахIвал-хIалаллъухъ балагьун чиясе кIвараб кумек гьабизе ккола нилъеца. Гьеб гьабизехъин буго нижецаги. Диргоги гIагарл чагIи рукIана Украинаялда гIумру гьабун, гьаб рагъулаб дандечIей байбихьаралдаса къотIана гьезул хабар».

Жакъа нилъеца бокьараб бицине бегьулин, амма гьел Дагъистаналде лъутизе ккарал гIадамазе кумек гьаби щивасул намусалда бащадаб иш кколилан рикIкIунеб буго «Черновикалдаса» МухIамадов МухIамадицаги.

Гьезие бакIарараб гьеб щуго миллион гъурущги кIудияб гIарац кколарилан абуна гьес. Амма хадубго тIаде жубана кIочон бегьиларин Украиналдаго гIадин балагьаллде гъоркье ккарал, дунялалъул цогидал пачалихъазда ругелги гIадамал. Гьединго гьел дагьал гьечIин Дагъистаналдаги.

МухIамад МухIамадов:«Бокьилаан нилъер жамгIиятги, тIалъиги цIохIо гьелда гIей гьабун чIечIого, цогидал гIадамазе кумек гьабизеги лъугьунелани. Дица бицунеб буго Палестинаялда ва Сириялда ругел бусурбабазул.

Гьединго нилъерго Дагъистаналдаги гIемер руго жакъа бищун гIадатияб, квер чуризе сапун ва гьела релълъарал цогидабги къайи-цIаялде хIажатал ресукъал чагIи.

Бокьилаан гьел украиналъулзе садакъаде данде гьабизе батараб гIарац гьезда жиндирго мадугьаласул хIажат тIубаялъеги батулебани».

ЖамгIияв хIаракатчи Шамилов МухIамадицаги абулеб гьечIо къварилъиялде ккарал гIадамазе кумек гьабизе кколарилан, амма Украинаялдаса лъутизе ккарал гьел гIадамал Дагъистаналде ритIулаго Россиялъул хIукуматалъги, гьел къабул гьарулаго Дагъистаналъул нухмалъиялъги хIисабалде босизе кколеб букIанин лъил кисиниса гIарацги кьун гьел пакъирал кваназаризе ругелали.

Шамилов МухIамад: «Щал ругониги зулмуялде ккарал чагIазе кумек гьабизе ккола, гьеб битIун гьабулебги буго, амма гьанире гьел ритIулаго россиялъул нухмалъиялъ гьезие гIарац биччалеб бакIги балагьизе ккелаанха.

Гьаниб мискинзабазе биччараб, гьадингоги дагьаб гIарац кваназейиш гьел гьанире ритIарал? Гьадингоги гIадлу биххун бугеб мискинаб бюдежаталдаса къунцIараб гIарацги кьун гьардухъаби хьихьизе лъиеха бокьилеб?

Гьеб киналъго цо ахIи-хIуралде, гIадамазул ццим бахъиналде бачине бегьула иш. Гьел лъие къваригIарал гIадамалилан ахIдезе лъугьине бегьула халкъ. Рукъ бакъараб садакъа букIине бегьуларелъул.

Гьел Дагъистаналде къабул гьарулелъул ГIабдулатIипов Рамазан ургъизе кколаан лъил кисиниса кваназаризе ва кир сордо базе гьел регизе ругелали. Дирги дурги кисиниса гьел кваназарун дандекколарелъул Лъаларо, лъил чедги хинкIги кьун гьел кваназе ругелали».

БакI ккун букIаго абизе, исана Рамазан моцI тIаде щолелъул МахIачхъалаялъул кIудияб мажгиталъул имамас абун букIана вагIзаялда Дагъистаналъул шагьаразда гIемерал ругин жакъа гIадатияв чияс щибаб богалъе хIалтIизабулеб гIадаб квенцин кваназе щоларел язихълъиялда ругел гIадамал.

Гьединал ресукъал гIадамазе рес бугев чияс бажарараб кумек гьабизе хасаб бакI хIадурун буго тахшагьаралъул аслияб мажгиталъул азбаралда.

XS
SM
MD
LG