МагъчIваялъе рес

Дунялалъул ТIoцебесеб рагъ ва Кавказ


1914 сон.Дагъистаниязе бараб ахIи.
1914 сон.Дагъистаниязе бараб ахIи.

Дунялалъул тIоцебесеб рагъ дагъистаниязе чияр рагълъун букIун гьечIо. Гьелъул хIасилалда борчIана Кавказ халкъазул миллияб бичIчIиги.

Дагъистаналъул гIалимчи, тарихиял гIелмабазул доктор Доногъо ХIажи- Мурадица абулеб буго, жиндир бищун кIудияб интерес бугин гьадинаб суалалъул: кин ва кинаб асар Дунялалъул ТIоцебесеб рагъул хIасилалъ гьабураб инсанасул къисматалъе ва кин гьелдалъун хисанин гьесул бербалагьи.

Доногъо ХIажи- Мурад: «Дунялалъул тIоцебесеб рагъда дагъистанияз гьабураб гIахьаллъиялъул цIех-рех гьабулаго, дица тIоцебесеб иргаялда хIисабалде босула инсанасул къисмат. Гьелъул буго дир бищун кIудияб интерес. Кин гьав ялъуни дов чи рагъда аравали, кин гьес вагъулев вукIаравали, жиндирго гIумрудул тIалаб-агъаз гьабичIого, сундухъ гьесие шапакъатал кьолел рукIаралали, яги кин гьев асирлъуве ккаравали.

Гьале гьадинал суалазда тIад дица ургъел гьабула кидаго. ГьабсагIат дир хиял буго гьадинал къокъал къисаби хъвазе доб заманалъул Дагъистаналъул бахIарзазул хIакъалъулъ».

Дунялалъул ТIоцебесеб рагъда дагъистанияз гьабураб гIахьаллъи - гьеб бугин тарихалда хъахIаб ланг, ян абулеб буго ХIажи-Мурад Доногъоца. ГьабсагIат гьес хIадур гьабулеб буго архивазул документазул мажмугIги. Гьеб кватIичIого къватIибе бахъине бугин, абулеб буго гьес.

Доногъо ХIажи- Мурад: «ГIемерал доб рагъул гIахьалчагIи 1930-абилел соназул репрессиязул заманалде щвезегIан чIаго рукIана. Масала цIакъ кIудияб интерес баккулеб буго тумазул Гъумек росулъа Лачуев Ширванил къисматалда бан.

Гьев кколаан гIурус-Японазул рагъул гIахьалчилъун. МустахIикълъана гIемерал шапакъатазе. Хадуб ана Дунялалъул ТIоцебесеб рагъдеги. Доб заманалда Темир-Хан Шураялда къватIибе биччалеб "Жаридату Дагъистан" газетаялъул цо номералда бахъараб сияхIалта гьесул цIар батула араб бакI лъачIого камуразда гъорлъ.

Добго сияхIалда рехсон руго чIваразул ва лъукъаразул цIаралги. Хадуб баянлъана гьев асирлъуде ккун вукIараблъи. Халатаб заман гьес бана асирлъуда. Рагъ лъугIун хадуб кIиябго рахъалъ жидерго асирал цоцахъ хисулаан. ТIад вуссана ватIаналде Лачуев Ширваниги. Амма гьесул гIумрудул ахир пашманаб букIана.

1937 соналда НКВД-ялъ гьев ккуна ва гьелдаса нахъе хIакъикъаталдаги камуна гьесул лъалкIал. Гьадинал хIужаби гIемер руго. Дица кIодо гьабичIого абила -Дунялалъул ТIоцебесеб рагъда дагъистанияз гьабураб гIахьаллъи - гьеб бугин тарихалда хъахIаб ланг.

Жакъа къоялде щвезегIан гьечIо гьелъул цониги фундаменталияб гIелмияб цIех-рех. Цониги монография гьечIо. ГIага-шагарго 15 соналъ цебе гьеб темаялда хурхун хъвараб цо кандидатияб даражаялъул диссертация гурони.

ГьабсагIат басмаханаялда хIадур гьабулеб буго гьелда хурхарал Дагъистаналъул архивазда цIунулел цо-цо документазул мажмугI. Ва хьул буго гьелъ халкъалъе дагьа-макъаб гIаги лъай кьезе букIиналда. Гьеб буго Дагъистаналъул тарихалъул гвангъарал тIанчIазул цояб».

ХIажи-Мурад Доногъоцаго гIадин Дунялалъул ТIоцебесеб рагъ ва инсанасул къисмат абураб тема хIалтIизабулеб буго ГIабашил ГIабдулмажидицаги. Хасго гьес цIех-рех гьабулеб буго Сугръалъа Хуршил Багьавудинил гIумрудул тарихалъул.

Хуршил Багьавудин (квегIса) гьалмагъзабигун. Темир-Хан-Шура.
Хуршил Багьавудин (квегIса) гьалмагъзабигун. Темир-Хан-Шура.

Гьев вукIана ГIурус пачаясул армиялъул полковниклъун, хадув вахъана Польшаялъул армиялъул Генералияб Штабалъул полковниклъун.

Гьесул хIакъалъулъ нижеца мухIканаб бицен гьабуна «Кавказалъул Къилбар» абулеб нижер цо программаялда.

ГIабашил ГIабдулмажидица доб бицаралде тIаде гIемерал цIиял хIужаби журалел руго.

please wait

No media source currently available

0:00 0:02:14 0:00
Интернет-мухъ

Хуршил Багьавудинил аскарияб карьера байбихьана ГIурус пачаясул армиялда. Хадув гьев вахъана Шималияб Кавказалъул МугIрулазул Цолъараб Республикаялъул рагъулаб бутIаялъул бетIерлъун. Гьединаб республикаялде данде чIун вукIана ХъахIаб Гвардиялъул бетIер генерал Антон Деникин.

Хасго гьесул хIаракаталдалъун рехсараб лъидаго бачIеб республика нахъе бахъун, Дагъистаналъул бетIерлъун тIамуна генерал МинкагIил Халилов. Хуршил Багьавудиницайин абуни, ватIан тун гочун ана къватIивехун. Амма гьес исибалдаги хIурмат гьабулаан генерал Халиловасул.

Генерал МинкагIил Халилов ва МустIапа Кемал-паша Ататюрк
Генерал МинкагIил Халилов ва МустIапа Кемал-паша Ататюрк

Аслияб суаллъун гьай-гьай букIине ккола – Дунялалъул ТIоцебесеб Рагъда гIахьаллъи гьабурал дагъистаниязул къадар. Гьеб мухIканго чIезабизе захIмат бугониги, абизе ккараб буго, гьеб къадар хIат ххун кIудияб букIана. Ян абулеб буго ХIажи-Мурад Доногъоца.

Доногъо ХIажи- Мурад: «Дагъистаналъул Чол бодул кIиабилеб полкалъул биценалде тIад буссани, тIаде жубазе ккола гьадинаб хIужа. Гьелъулъ хъулухъ гьабиялде ункъго соналда жаниб щуго нухалъ ахIи бан букIана. Щай гурелъул рагъда кIудиял камиял рукIиналъул ва хваразул бакIазде цогидал рачIине кколелъул.

Гьединаб мурадалда Дагъистаналде сапарал рухьулаан офицераз ва гIадамаз ахIуд рахъулаан, агитация гьабун. ТIоцебесеб ахIуд рахъин чIахIияб букIана. КIудияб къадаралда гIадамал ахIуд рахъун рукIана кIиабилеб, лъабабилев ва ункъабилеб нухалда.

Амма щуабилеб нухалъ хIалица гIадамал ахIуд рахъун рукIана архивазул документазде божани. Фронталдеги инчIо гьел гIадамал. 1917 соналда пачалихъияб хиса-свери байбихьана Россиялда».

Парижалда хIалтIулев гIалимчи Вачагаев Майрбегица абулеб буго Дунялалъул ТIоцебесеб рагъ кавказиязе чияр рагълъун букIун гьечIин. Гьелъ Кавказ халкъазул миллияб бичIчIи борчIизабун букIанин.

Майрбек Вачагаев: «Узухъда, гьаб рагъалъ аслияб асар гьабуна киналго кавказиязе, гьабичIого тезе ресги букIинчIо. Шималияб Кавказалъул халкъазе гьеб рагъ рикIкIадаблъун букIун гьечIо. Рагъ унеб букIана гьаниб, Жанубияб Кавказалда. Кавказалъул фронталъул мухъ жакъасеб Гуржистаналъул ва Армениялъул гIурхъи бугеб бакIалда букIун буго.

Гьединлъидал мугIрул гIадамазда гьеб бихьулеб букIана, хIехьолеб букIана ва гьез гIахьаллъи гьабулеб букIана гьеб рагъда. Доб рагъул гIахьалчагIазда Россиялъул пачалихъалда ккараб хиса-басиги цебеккунго бичIчIана.

МугIрузул Эркенаб Республикаялъул тIадтараллъун хасго доб рагъул гIахьалчагIи рахъана. Ай - ГIрус пачаясул армиялъул офицераллъун рукIарал кавказиял. Масала довго ГIабдулмажид (Тапа) Чермоев.

Гъов вахъана МугIрулазул Цолъиялъул Централияб комитеталъул тIоцевесев бетIерлъун, хадув вахъана премьер-министрлъун. Нилъеда лъала гъов гIурус армиялъул штабс-капитанлъун вукIараблъи.

Восе довго генерал МинкагIил Халилов. Ялъуни цогидал генералал. Гьез гIуцIараб республикаялъе кьучI лъун букIана хасго доб рагъда. Гъозие кIудияб политикияб хIалбихьи щун букIана, гъозул кIудияб къадру букIана ва Шималияб Кавказалъул халкъаз гъозул хIурмат гьабулаан.

Гъозда лъалаан кин ва кинаб асар Россиялъул империялда ккарал хиса-басияз гьабизе бегьулеб халкъазул букIинеселъе. Доб заманалъул феноменлъун рикIкIине ккола гьадинаб хIужа. Россиялда тарбия щвараб кавказалъул элитаялда империя бихха-хочараб ахIвал-хIал бичIчIулаго ва жидерго халкъазул тIалаб-агъаз гьабулаго, гIамал гьабуна жидерго эркенаб пачалихъ базе.

Гьале аслияб гIилла Россиялъул рахъ ккун букIараб элитаялъ жидерго эркенаб республика гIуцIизе бахъараб хIаракаталъе. Байбихьуда хиял букIана гьеб цIияб республика цIияб Россиялде гъорлъе ине, амма гьединаб пикру хехго хисана.

1917 соналъул август моцIалдаса нахъе жибго гьеб элитаялъги кIибикьана. Цояз тIалаб гьабулеб букIана лъидаго бачIеблъи, цогидазе бокьилаан Россиялд гъорлъе ине. Гьединал шартIазда политикияб элитаялъе хIалае бусурбабазул элита гIедегIана. Ай шаригIаталъул партия. Гьелъги тIалаб гьабулеб букIана эркенаб пачалихъ бай. ХIасилукалам - Дунялалъул тIоцебесеб рагъалъ тIубанго хисана кавказиязул миллияб бичIчIиги, пикрабиги, жибго мугрIулазул жамагIатги. Гьедин ккана 1917 соналда».

XS
SM
MD
LG