МагъчIваялъе рес

Имам Шамилги гьереси-мугьрабиги


Имам Шамилил абун ричизе лъазарурал мугьруязул цояб
Имам Шамилил абун ричизе лъазарурал мугьруязул цояб

Миллион гъурщил багьаги ч1езабун, имам Шамилил рукIарал мугьру ч1валел баргъичал абун лъабго баргъичалъул сурат буго дагъистанияз интернеталдасанги телефоназдасанги тIибитIизабулеб. Амма имамас мугьру чIвалеб букIараб цониги баргъич яги цогидаб тIагIел лъихъниги гьечIо Дагъистаналда.

Интернеталдасанги телефоназдасанги цоцахъе рехун дагъистанияз тIиритIизарулел руго имам Шамилица мугьручIвалел рукIарал абун рикIкIунел баргъичазул суратал.
Гьел ритIухъ гьабизелъун гIадин цадахъго кьолеб буго Дагъистаналъул ГIелмияб Централда цебе рагьараб тарихалъулгун-археологиялъул ва этнографиялъул институталъул директор хисулев Давудовасул гъулбас лъураб кагъатги. Гьениб унголъунги бахъун буго имам Шамилил букIараб чанго мугьруялъул сурат. Кагътида тIад лъун руго мугьру тIад чIварал баргъичалги. ЧIезабун рагIула гьезул багьаги. Щибалъухъ – миллионалде гIагарун гъурущ.

Гьелда бан цо-цо дагъистанияз рахIатхвей загьир гьабулеб буго некIсиял гIараб тIахьалго гIадин, имам Шамилил мугьраби республика тун къватIирехун росун ине рес бугилан. Гьелда бан ЭР-ялъ бухьен гьабуна Дагъистаналъул ГIелмияб Централда цебе рагьараб тарихалъулгун археологиялъул ва этнографиялъул институталъул хIалтIухъан Жамал МалламухIамадовасулгун.

Жамал МалламухIамадов: «Гьединал жал Чачаналдаса чагIаз рачIунаха, нилъер гьаниса гIадамаз рачIун жеги рихьичIо. Чачаналъ руго гьелда тIа чIарал чагIи, дозие гIарацги къваригIун батила, цIарги къваригIун батилаха, имам Шамилил букIараб тIагIел-алат бугилан бицен букIине.

.Амма ахираб заманалда рачIинчIо нижехъе гьединал чагIи. Цере рачIунаан гьаб тIагIелалъул багьа-къадар чIезабейилан. Гьеб чIезабизе бажаруларин нижехъа, гIицIго тIад гьабураб хъвай-хъвагIай щиб заманалъул бугебали лъазабун гурониян абулаха нижеца. Гьедин тIокIалъ раккичIоха дол гьанире».

ЭР: «Щиб босун гьел рачIун рукIарал?»

Жамал МалламухIамадов: «Баргъичал росун рачIун рукIана. Шамил имамасул анкьго-микьго батIияб буго гъоб мугьру, кагътазда тIад чIвараб. Гьениса босун релълъе-хъвайги гьабун бачIун букIанаха гьез цо баргъич. Мугьрабазул суратищ гъозухъе щун букIарабали. Амма гьелда тIад хъвай-хъвагIайги гьанже хадуб гьабураб жо букIин чIезабун букIана нижеца гъозие. ГъалатIалги риччан гьарурал рукIана гьел хъвай-хъвагIаялги. Гьелдаса нахъе тIокIал рачIинчIо гьел чагIи нижехъе. Шамил имамасулин абун ричулел тIахьалги, гьесул рукIаралин ричулел квен-тIехалъул алаталги руго интернеталдаса гIебеде. Гьедин жидеего гIарац гьабулел чагIи руго. Амма имамасул букIараб тIагIел-матахI лъихъ бугебали жеги лъиданиги лъаларо. ХIежалде ун, добайищ хутIараб, яги лъималазухъейищ щвараб, гьеб бихьарав чи гьечIо».

Тарихчи ХIажимурад Доногъол пикруялда рекъон, жакъалъагIан жеги щивниги тIаде ккун гьечIо имам Шамилил мугьрабазде. Масала, гIараб гIелму малъулев вукIарав ГIабдурахIман Казиевасда 1937 соналда Сугъралъ батанилан абулеб имамасул мугьру цIунун буго Дагъистаналъул тарихиябгун археологиялъул музеялда. ГIарцул гьабураб гьелъул цояб рахъалда гIараб хIарпаз хъван буго «Амир Шамуил». Цогидаб рахъалда гIурус хIарпаз бикIун буго гьадин: «А.Ш.». Амма тарихчи ХIажимурад Доногъол пикруялда рекъон, гьеб мугьру гьанже хадуб заманалда гьабураб букIине рес буго. Щайин абуни хас гьабун гьединаб мугьру тIад чIварал документал жеги ратун гьечIо. Гьединлъидал гьеб мугьруги хIакъикъаталда имам Шамилил мугьру кколарин чIезабулеб буго тарихчияс.

XS
SM
MD
LG