МагъчIваялъе рес

Лъабго миллиард гъурщил заралги хвезабураб тIабигIатги


Прокурор ГIали МухIамадов.
Прокурор ГIали МухIамадов.

МахIачхъалаялъул тIабигIат цIуниялъул прокуратураялъ лицензиялдаса махIрум гьабун буго Дербенталда бугеб, ралел бакIазе хIалтIизабулеб ралъдал сали бахъулеб фирма.Чанго моцIида жаниб гьелъул хIукматалъе гьабураб зарал бахун буго 20 миллион гъурщиде. Гьединабго кIудияб зарал гьабун буго Хъумторхъала мухъалда сали бахъулел чагIазги.

МахIачхъалаялъул тIабигIат цIуниялъул прокуратураялъ хал гьабун хадуб къануналда дандекколареб куцалда хIалтIулеб батун буго Дербенталда бугеб «Арго+» абураб гIуцIи.

Гьез бахъулеб букIана ралел бакIазда хIалтIизабулеб ралъдал сали. Гьеб сали бахъизе изну кьолеб лицензия кьун букIун буго гьеб гIуцIиялъе Дагъистаналъул тIабигIат цIуниялъул министерлъиялъ 2009 соналда.

МахIачхъалаялъул тIабигIат цIуниялъул рахъалъ прокуратураялъ халгьабун хадуб гьеб лицензия къануналда дандекколареб батун буго ва 2011 соналда гьезухъа нахъе босун буго лицензия ва сали бахъизе гьукъун буго.

Амма кIиго соналдаса республикаялъул арбитражалъулаб диваналде гIарзаги хъван, лицензиялъул къуватги нахъ буссинабун, кIиабизеги байбихьун гьез жидерго хIалтIаби гьаризе ва цохIо лъагIел гIанасеб заманалда жаниб 2013 соналъул октябралдаса нахъе гьез хIукуматалъе гьабун батун буго 20 миллион гъурщил зарал.

Гьеб киналъулго хIакъалъулъ мухIканаб баян кьуна «Эркенлъи» радиоялъе МахIачхъалаялъул тIабигIат цIуниялъул прокурор МухIамадов ГIалица.

МухIамадов ГIали: «18 миллион гъурщил зарал гьабун буго сали бахъулелъул, кIиабизе бугони гьеб сали тIад бугеб ракь хвезабун гьабун буго 2 миллионгун бащдаб гъурщие зарал.

Гьеб кинабго буго цохIо исана соналда жаниб гьабураб зарал. Нижеца гьезие гьукъун букIана гьеб сали бахъизе, амма арбитражалъулаб диваналъ ритIухъги гьарун гьабуна гьез гьеб зарал».

Гьеб кIочон тараб зарал гьабун батун буго Хъумторхъала мухъалда сали бахъулел ратарал чагIаз. Гьез хIукуматалъе гьабун батараб зарал бахун буго чанго миллиард гъурщиде. МухIамадов ГIалил рагIабазда рекъон гьеб мухъалда сали бахъулел рукIарал гIадамазул цоцалъ рекъараб чанго батIияб къукъа букIун буго, гьел киналго тIатинарун руго тIабигIат цIуниялъул рахъалъ МахIачхъалаялъул прокуратураялъ.

Амма цохIо гьазул тадбирал гIечIого хIалае цIазе кканин Россиялъул хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул ва жанисел ишазул хIалтIухъабиги гьезул кумекалдалъун цадахъ рекъон халтIулел такъсирчагIазул ункъо къукъа ккунин жидецаян бицана МухIамадов ГIалица.

МухIамадов ГIали: «Гъоркьисалалдаса исана апрель моцIалде щвезегIан нижеца гьабуна ункъо-щуго тадбир. ТIоцебсеб тадбиралдаса хадуб нижеца ккураб къукъаялъ сали бахъулаго гьабун батана 54 миллион гъурщие зарал ва 620 миллион гъурщил зарал рохьалъеги.

Гьединабго къукъа ккуна нижеца 14 марталда гьез гьабун батана 48 миллионалде гъурщил зарал сали бахъулаго ва 668 миллион гъурщил зарал рохьил ракьал хвезарун. Лъабабилеб къукъаги ккуна нижеца моцIидасан, гьез гьабураб заралалъул хIисаб гьабулеб буго.

28 апрелалда ккураб къукъаялъ гьабун батана 3 миллионги хадубги гъурщие зарал. ГIаммаб куцалъ гьеб ункъабго къукъаялъ хIукуматалъе гьабун буго 154 миллион гъурщие зарал ва 3 миллирдалдаса цIикIкIараб зарал рохьил ракьал хвезарунги».

Жакъа республикаялда чIахIи-чахIиял криминалиял лъугьа-бахъиназул бицунел рукIун Дагъистаналъул прессаялъ щибниги хъвалеб гьечIилан абизе бегьулин тIабигIат цIуниялда сверухъ гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ, амма информ.алатазул кумекалдалъун гIадамазда бицине ккараб жо гIемер бугин абулеб буго тIабигIат цIуниялъул рахъалъ прокурорас.

XS
SM
MD
LG