МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялъул депутатаз нухмалъулев вищана


17 июналда МахIачхъала шагьаралъул депутатазул мажлисалъул нухмалъиялде вищана Ибрагьимов ГIабдулмуъмин.

МахIачхъалаялъул депутатазул 35 чияс гьаракьги кьун, шагьаралъул депутатазул мажлисалъул нухмалъиялде вищана цевеги гьенивго депутатлъун вукIарав Ибрагьимов ГIабдулмуъмин. Гьесде щвезегIан гьеб хъулухъалда вукIана МухIамадрасулов МухIамад. Гьев рикIкIунаан гьанже туснахъалда вугев МахIачхъалаялъул экс-мэр Амировасул рахъккурав чилъун. Гьединлъидал гьесул бакIалде Сулейманов МухIамад вачIиндал, Амировасул рахъалда рукIанщинал чагIи анин абизе бегьула МахIачхъалаялъул мэрасул нахъе. Жакъа къоялда шагьаралъул парламенталъул спикерасул хъулухъ букIана цIияб командаялдаса чи гьечIого хутIараб аслияб бакI. Амма гьелдаго цадахъ абизе ккола депутаталги Амировасул чагIи ругин гьенир гьабсагIаталда.

Амма живго Сулеймановас абун букIана жинца лъиданиги бецIизе гьечIин, хIалтIизе лъалел тезе ругин хъулухъазда, лъаларел нахъе ритIизе ругин.

Цо-цо баяназда рекъон, гъоркь букIараб командаялдаса чагIаз балъгого квекIенал гьарулел рукIанин цIияб нухмалъиялъул хIалтIи цебехун инеян абулеб буго.

ПалхIасил, болжал ахиралде щвезегIан чIечIого жив нахъе унев вукIин лъазабуна исана май моцIалъул ахиралда дов цеве вукIарав шагьаралъул парламенталъул спикер МухIамадрасуловас. Ибрагьимов ГIабдулмуъмин гьеб хъулухъалда тезе кколин суал шагьаралъул депутатазда цебе лъуна Сулеймановас. Цеве вукIарав нухмалъулевги магIарулав вукIанин, гьанжесалъги гьениве магIарулав вищизе кколин абуна депутатазда мэрасул ишал тIуразарулев Сулеймановас.
Гьес гьединго баян гьабуна жинца хас гьабун Ибрагьимовасда щай цIар чIварабали. Депутаталгун дандчIвайдал, жиндие рокьанила шагьаралъул мажлисалъул хIалтIи цебетIеялда бан гьес цере лъурал суалал. Гьединго цеве вукIарав жиер нухмалъулесдаса разилъи гьечIолъиги бугоанила гьесул.

МухIамад Сулейманов: «Гьев вуго цIакъ жо лъалевги вацIцIадавги чи. Дир хIисабалда, чи хьвада-чIвадиги бацIцIадав, жиндие гьабураб лъикIлъиги лъалев, мутIигIавги вугони, кинабго рекъон ккола нилъер. Гьеб кинабго буго Ибрагьимов ГIабдулмуъминилъ».

Живго вищарал депутатазе баркалаги кьун, гьадин кIалъана гьенив Ибрагьимовги.

Ибрагьимов ГIабдулмуъмин: «Дир кинабгIаги щаклъи гьечIо нужеда, депутатазда. Дир щаклъи гьечIо жакъа гьав Сулейманов МухIамадица нужеда цебе лъураб суалалъул рахъккунилан нуж цониги къоялъ рекIекълъилин абун».

ГьабсагIаталда рахъун шагьаралъул депутатазул мажлисалъул нухмалъулев хисиялъулъ кIудияб магIна бихьулеб буго цо-цоязда. Исана сентябралда тIоритIизе руго МахIачхъалаялъул мэрасул рищиял. БакIалъул депутатазул къануналда рекъон, гьев вищизе ихтияр буго гIицIго депутатазул.
XS
SM
MD
LG