МагъчIваялъе рес

Абхазия: политикиял хиса-басиял ва гьезие гlиллаби


Абхазиялъул оппозициялъул лидер Рауль Хаджимба (квегlиса) республикаялъул президентасул ишал тIуразарулев Валерий Бганба Сухумиялда митингалда, 31 май, 2014
Абхазиялъул оппозициялъул лидер Рауль Хаджимба (квегlиса) республикаялъул президентасул ишал тIуразарулев Валерий Бганба Сухумиялда митингалда, 31 май, 2014

Абхазиялъул президент Александр Анквабица хъулухъалдаса нахъе ун вукIиналъул лъазабураб тIоцебесеб июналдаго Абхазиялъулгун ва жанубияб Гьириялъулгун бухьеназул рахъалъ Россиялъул президентасул кумекчи Владислав Сурковас лъазабуна Москва Сухумигун Анкваб гьечIониги рекъонхIалтIизе бугин.

Жив нахъе унев вукIиналъул гIиллалъун Анквабица рехсана улкаялда парахалъигун рекъел цIунизе ва цIиял рищиял гIадатияб куцалда тIоритIизе бокьи.

Жибго жинцаго лъидаго бачIеблъун лъазабураб Абхазиялъул тахшагьар Сухумиялда президентасул администрациялъул минаялде цеве гьатIан къоялда вакIарун вукIана оппозициялъул рахъ кколев нус-нус чи.
Гьез разиго къабул гьабулеб букIана республикаялъул парламенталъ президентасул иградулал гурел рищиял 24 августалда тIоритIизе гьабураб ва Абхазиялъул бетIерасул ишал Халкъияб мажлисалъул спикер Валерий Бганбада тIадкъаялъул хIукму.

Араб анкьалда Абхазиялъул оппозициялъ кверде босун букIана парламент ва гIуцIун букIана Заманалъулаб Халкъияб шура, гьебги республикаялда низам цIунизелъун. Абхазиялъул оппозициялъ тIалаб гьабулеб букIана, коррупциялда ва реформабазе саботаж гьабунин гьез рикIкIунеб, республикаялъул нухмалъи хIалхьиялде ин.

Жиндир администрациялъе оппозициялъ гьужум гьабун хадуб Гудауталда бугеб Россиялъул рагъулаб базаялде лъутарав Анквабица жиндирго каламалда ракIалде щвезабулеб букIана республикаялда би гIодобе тIеялъул хIинкъи кIудияб букIин ва гьес абухъе, «тIалъиялъе гIоло къеркьолел ругел киналалиго къуватал жидерго амбициязе гIоло би гIодобе тIезеги, Абхазиялъул бищунго кIудияб бечелъи –эркенлъи-къурбанлъун гьабизеги нахъе къазе гьечIолъи».

Улкаялда кколеб бугелде гьес абулеб букIана «Конституциялде данде кколаредухъ нухмалъи хисийин».

Абхазиялъул президент хIисабалда Анквабал хIаракатчилъиялдехун цо ккураб бербалагьи гьечIо экспертазулги. «Чегемская правда» абулеб Сухумиялда къаватIибе бачIунеб газетаялъул бетIерав редактор Инал Хашигил пикруялда Анквабица ритIухъ гьабичIо гьесда букIараб божилъи.

Инал Хашиг: «Анквабида цIакъго кIудияб хьул букIана. Хьул букIана гьес реформаби байбихьилин абун. Гьев лъалаан къануналъул мухъалдаса таруларев чи хIисабалда. Амма гьесул нухмалъиялъул заманаялда коррупция дагьабги тIегьана ва кинал рукIаниги реформаби гьаризе гьев лъугьинчIо. Дагьаб цебегIан гьес лъазабуна реформаби рукIине гьечIин, щайгурелъул жагIияталъе гьел цIакъго захIмалъизе ругин».

Гьедин Хашигица абун буго ВВСялъул гIурус хъулухъалъе. Гьебго информалаталъе жиндирго пикру загьир гьабун буго Мокваялдаса Абхазиялда сверун эксперт Ренат Карчаацаги.

Ренат Карчаа: «Цевесев президент Сергей Багъапшица, гьев кигIан дие рекIее гIолев вукIаниги абила, гIуцIун букIана бокьараб гьабизе бегьулин абулеб гIадинаб атмосфера. Гьес гIарац кида нахъе кьолебин ва кьезейин бугищин гьикъичIого бикьулеб букIана бокьарав чиясе-кредит, ссуда ва батIи-батIияб кумек хIисабалда. Гьединго бикьулеб букIана Россиялдаса бачIунеб гIарацги. Нахъе кьеялъул кинаб букIаниги гарантия цIехечIого.
Анквабица абуни гьеб тIасанккеялъе гIурхъаби лъезе байбихьана. Бюджеталде гIарацги тIадбуссине байбихьана. Гьеб бокьилищха гIарац босун букIаразе?
Гьелде тIадеги оппозициялда вуго гьезул къануналъулгун ругел гьоркьорлъабазда бан суалал гIемерал гIадамалги. Гьениб криминалги буго. Гьел гIадамазулги букIинарищха процессазде жидерго бербалагьи ва гьезда гIахьаллъизе мурад. Экономикияб къуваталъул цо кверзукь бугеб концентрациялъ гьезулги рахIат хвезабулеб буго «политикиял барщаралин» абизе бегьулезулго гIадин».

Карчааца бицухъе Россиялдаса бачIунебщинаб финансазул кумек гьениб унеб буго яги кванил-нигIматалгун ретIел-кун босиялъе, ялъуни ралел бакIазде. ХIакъикъияб экономикияб секторалде гьеб гIарац унеб гьечIин ва гьелъ халкъ ругьун къабун бугин гьардезе квер бит1изейин рикIкIунеб буго Качааца.
Гьеб суалги Анквабаего гIадин Россиялъул Федерациялъеги кьезе кколин, щайгурелъул гьеб бугин «кIиго автор вугеб асар» ва гьелъул жавабги кIияго кьезе кколин абулеб буго гьес.

Гьелде тIадеги гьанже баккун бугин оппозиция. Гьезул цIикIкIунисел ругин парламенталъул депутатал. Анквабада цадахъ нухмалъмиялда рукIарал нужеца республикаялда инвестиционияб климат хисизабизе щиб гьабурабин гьикъизе бегьулин гьезда. Гьикъаниги гьикъичIониги -Щибго гьабичIо!,-ян абураб жаваб цо букIине бугин рикIкIунеб буго Карчааца.

Республикаялъул парламенталъ хIалхьиялде аян абулев вукIарав премьер Леонид Лакербаяца лъазабун букIана Анквабадаса мисал босун жинца гIараза хъвазе гьечIин.

Амма итни къоялъул бакъанида лъана гьесги хъулухъалдаса ине гIарза хъван букIин. Гьедин лъазабуна республикаялъул президентасул ишал тIуразарулев Валерий Бганбаца.

Оппозициялъул лидер Рауль Хаджимбаца лъазабуна республиткаялъул рехарав лидерасе хIинкъигьечIолъи цIуниялъул гарантиял чIезаризе кколин ва гьеб суал парламенталда данбазе бугин.

Анквабада гIарза хъвазабизе кинан кIварабин гьикъидал Хаджимбаца абуна «кIияздаго бичIчIулеб букIана тIокIал гьадин рукIине бегьулареблъи»,-ян.
Анкваб Абхазиялъул президентлъун вищун вукIана 2011 соналда гьесда цеве 2005 соналдаса нахъе президент вукIарав Сергей Багъапш хун хадув.
Абхазия Гуржиялдаса батIа тIун чIана 2008 соналда Россиялда ва Гуржиялда гьоркьоб букIараб къокъабго рагъдаса хадуб. Амма гьеб лъидаго бачIеб пачалихъ букIин дунялалъул цо чанго улкаялъ гурони малъулеб гьечIо.
XS
SM
MD
LG