МагъчIваялъе рес

ЕГЭ кьезе бегьула кIиго-лъабго нухалъги


2016 соналдаса байбихьун школа лъугIулел гIолилазул рес букIине буго Пачалихъалъул Цогояб экзамен лъабго нухалда кьезе. Гьединаб баян къватIибе кьуна 19 маялда Россиялъул лъай кьеялъул министр Ливанов Дмитрийица.

Кинаб хIасил кьезе бегьулеб гьел хиса-басияз ва пачалихъалъул цогояб экзаменалда тIасан Дагъистаналъул цо-цо мугIалимзабазул гьабсагIат кинаб пикру бугебали лъазелъун цIех-рех гьабуна нижеца

Россиялъул лъай кьеялъул нухмалъулев Дмитрий Ливановас рес кьолеб буго Пачалихъалъул цогояб экзамен кьолел гIолилазе гьеб чанго нухалда кьезе. ГьанжелъагIан цIалдохъанасда кIвечIони экзамен кьезе гьесул рес букIана гьеб нахъисеб соналъ кьезе, гьанже щкола лъугIулел гIолилазул рес буго кIиго-лъабго моцIрода жаниб лъабго нухалда хисизабизе экзаменалъе ккараб къимат.

Амма гьеб цIияб къагIида школазда хIалтIизе бугин 2016 соналда байбихьунилан абун буго министрас.

Гьединаб къагIидаялде рачIиналъул бицен гьабун букIун буго улкаялъул цо-цо мугIалимзабаз президент Путинилгун дагьаб цебегIан букIараб дандчIваялда. Улкаялъул нухмалъулесги рахъккун букIун рагIула гьеб ресалъул.

ЦохIо нухалъ, гьебги лъагIел ун хадуб гурони экзаменалъул къимат хисизабизе рес гьечIилан абураб пикруялъ цIакъ гIодовчIван вукIине вугин гIолилав ва гьесул лъаялъул даража нахъе ккезе бегьулин гьеб мехалъилан бичIчIизабун буго цIияб хIукмуялъе баян кьолаго Дмитрий Ливановас.

Нижеца цIех рех гьабуна Дагъистаналъул мугIалимзабазда гьоркьоб цIияб къагIидаялда тIасан гьезул кинал пикраби ругелали лъазелъун.

Пикру квешаб гьечIин, амма бичIчIуларин кIиго лъабго моцIида жаниб цIидахъан экзамен кьолеб мехалда университеталде цIализе лъугьине рихьизарурал болжал лъугIизе рукIин кинин гьез хIисабалде босичIебилан абуна «Эркенлъиялъе» Гъуниб мухъалъул КIогьориб росдал школалъул мугIалим Расулова Хадижатица.

Расулова Хадижат: «ЕГЭ-ялъул экзамен букIуна июль моцI лъугIизегIан, университеталде жанире лъугьине документал абуни гьеб мехалдго кьун рукIине ккола. Гьедин хасалихъе гIолилас экзамен кьунани цIализе кире гъол лъугьине ругел, гьединаб бачIунеб бугоха суал, лъаларо».

Цересел соназда дандеккун Пачалихъалъул Цогояб экзамен кьеялъул рахъалъ лъикIал хIасилал ругин абуле буго Хадижатица Мисалалъе жинда цере цIалулел гIолилазда гъорлъ гIемерал ругин экзаменалъул кинабго тIадкъай тIубазабун бажарулел лъимал.

Расулова Хадижат: «ЦIалулев чи кидаго цIалула, цIалуларев абуни киданиги хисуларо. Дида цере цIалулел ругел 11 классалъул гIолилазе къойил кьола дица тIадкъаял. 42 хIалтIиялда гьоркьоса 40 гьабулел чанги цIалдохъан вуго гьенив. ТIубараб лъагIалица жинца цIалараб жоялда гьоркьоса цIалдохъанасухъа кьун бажарулареб хIалтIи цIониги гьечIо ЕГЭялъул».

Жакъа Пачалихъалъулаб цогояб экзамен кьеялъул къагIида хисизабизе кколин, щайин абуни киналго школа лъугIун унел лъималазда ракIалда букIунарин цIализе лъугьине.

Гьезда цохIо балугълъиялъул аттесат щвезе гурони ракIолда букIонарин, гьединазе бигьа гьабун, цIализе лъугьунел гIолилазе захIмат гьабизе кколин ЕГЭялъул программааян рикIкIунеб буго Хъумтрохъала мухъалда чанго соналъ мугIалимлъун хIалтIарай, МахIачхъалаялдаса ГIалимрзаева Зайнабица.

КIиабизе босани Пачлихъалъул цогояб Экзаменалъе рихьизарурал тIадкъаял хъван ругин гIелмияб мацIалда, гьелин абуни школа лъугIулев цIалдохъанасданиги кин гурин мугIалимасда жиндагоцин лъаларин.

ГIалимирзаева Зайнаб: «Мисалалъе дуца филологиялъул факультеталда цIалулев вугев бокьарав сутдентасе кье ЕГЭ-ялда ругел хIалтIабаздаса суал, бер бахъизе кквела гьесда лъазе гьечIо гьел.

Гьединго мугIалимзабаздаги. ГIурус мацIин цIакъа захIматаб гIелму буго. ХIисабалъул дарсил ЕГЭ-ялда гьоркьоб C категориялъул хIалтIаби жидедаго мугIалимзабаздацин лъаларо. Лъималазда щиб малъулел ругел нилъ?!

ЕГЭ кьезе байбихьилалде цере хасал курсалги рагьун мугIалимзаби куцазе кколаан гьелъие. Гьезин абуни тестированиеялдасан гIуцIарал хIалтIабиги лъималазехъе кьун тIобитIула экзамен, амм гьеб тестированиеялдаса гIантаб жо цониги гьечIо цIалул программаялда гъорлъ.

КъададагIанги жо бичIчIуларев цIалдохъанас ракIладе кковухъе жавабги кьун тIубала жиндирго хIалтIи. Цере рукIарал хIалтIабазин абуни гIолиласул бугеб лъай рагьулеб сурат кьолеб букIана нилъее».

«Эркенлъи» радиоялъ дагьаб цебегIан бицун букIана исанасб пачалихъалъул цогояб экзамен кьеялда хадуб халкквезе «Москваялъ 120 гIанасев тохалчагIи ритIун рачIине рагIулин Дагъистаналдеян.

Гьеб гуребги щибаб экзамен кьолеб пункталда рукIине рагIула кIи-кIи видеокамерал гьезул киназулго кIалъай бахъун гьелъул хIисаб гьабизе рагIула хадуб. ХIасил-калам кинабго кьваризабизе бугнин абулеб буго лъай кьеялъул нухмалъиялъ. Амма гIемерисел цIалдохъабазе гьелъул ургъелцин гьечIо.
XS
SM
MD
LG