МагъчIваялъе рес

Cаву кьун кьаву босун


Риххун ине хIадарулин рикIкIунел минабахъ гIумру гьабун ругел гIадамал гьениса нахъе рахъинариялда хурхарал хIалтIаби унел руго гьал къоязда МахIачхъалаялда. Кинабниги рагIула 100 минаялъуса гIадамал гочинаризе. Амма жалго гочинаризе ругел разиял гьечIо жидее чIезарулел ругел шартIазда.

7 маялда МахIачхъалаялъул администрациялда тIобитIана шагьаралъул басриял, риххун ине хIадарулин рикIкIунел минабахъ гIумру гьабун ругел гIадамал гьениса нахъе рахъинариялда хурхараб данделъи. Шагьарбакьулъ гIумру гьабун ругел гьел гIадамаз жал гьеб мухъги тун МахIачхъалаялъул цо рагIалда гьезие базе бугеб хасаб микрорайоналде рахъинарин лъазабулеб буго. Жидер рукъзал рукIараб бакIалдаго кьейила жидее рукъзалин чIун руго гьел.

АрбагI къоялъ МахIачхъалаялъул администрациялъ данде гьарун рукIана шагьаралъул риххуниналда хIинкъи бугелин рикIкIунел минабазул бетIергьаби. Гьеб дандеруссин гIуцIиялъе аслияб гIиллалъун букIана, гьел басриял рукъзалги риххизарун гьезул бетIергьабазе базе бугеб хасаб микрорайоналъул проект бихьизаби. Амма я гьеб проект, я шагьаралъул нухмалъиялъ бицунелда рази рукIинчIо гIадамал. Гьениве вакIарарав лъабнусгогIан чиясда гьоркьоб къанагIатги чияс абулеб букIана жив басрияб минаялъуса цIиялъуве вахъине рази вугилан.

Тахшагьаралъул мэр хисулев ХIасанов Абусупьяница данделъиги рагьун бичIчIизабулеб букIана гIадамазда гьел басриял минабахъ гIумру гьабун ругел нахъе рахъинариялъул программа щиб жо кколебали, кинал рукъзал гьелда гьоркьоре унел ва къануналда рекъон бетIергьабазе гьезул бакIалда щиб кьезе кколебалиги.

ХIасанов Абусупьян: «Риххуниналда хIинкъи бугел рукъзабазул бетIергьаби гьениса цIиял минабахъе рахъинаризе къотIи-къаял гьарулаго, батIи-батIиял захIмалъабигун дандчIван ниж, гьединлъидал нужеда кинабго бичIчIизабизе ва нужер суалазе жавабал кьезелъун данделъун руго жакъа нилъ. 2008 соналдаса нахъе Россиялда хIалтIизе биччан буго гIадамал басриял минабахъ цIияхъе рахъинариялъул хасаб пачалихъияб программа. Чанги миллиардалги тIад хвезарун хIалтIизе биччан буго гьеб, гьанже Дагъистаналдаги хIалтIизе лъугьине буго гьеб программа. ГIадамазе санагIалъи гуреб жо гьелъул букIине гьечIо, басриял, щущан инел ругел рукъзабахъа нуж рахъинаризе руго нужер рукIаралдасаги гIатIидалги санагIалъи бугелги минабахъе. Нужеца рукIине кколел къотIи-къаязда гъоркь гъулбасги лъун разилъи кьуни, цо лъагIалида жанир нуж цIиял рукъзабахъе рахъинаризе руго.Гьедин исана гьеб программаялде гьоркьоре ккун руго МахIачхъалаяда бугеб 37 мина, кинабниги гьединаб 100 мина буго».

КигIан лъикIги мухIкангоги бичIчIизабизе лъугьаниги ХIасановасухъе гIенеккизе бокьараб хIал букIинчIо халкъалъул. Гьесул кIалъай рагIулареб хъуй букIана залалда, гIадамаз жал кирениги рахъине гьечIин ахIи балеб букIана залалдасан. ХIалихъе гьелги гIодоре риччазарун ХIасановас гьел басриял минабазул бетIергьабазе базе бугеб цIияб микрорайоналъул хIакъалъулъ бицине рагIи кьуна шагьаралъул бетIерав архитектора ГьитIинов МухIамадие.

Архитекторас бицана шагьаралда ракьалги дагьал рукIиналъ, дора гьанир рукъзал разе санагIалъиги гьечIолъиялъ хIукму кканила гьел киналго гIадамазе хасаб микрорайон базе. Гьеб букIине бугила шагьаралъул I МахIачхъалайилан абулеб мухъалда, «Эльтав» заводалда аскIоб. Гьеб базе бугеб бакIалъул цIар бахъарабго гIадамазул ахIи-хIуралъ зал тIа-тIала босизабунин абизе бегьула. Нужго рахъайила гьеб шагьар рагIалде, жал кирениги кьуризе гьечIила ругеб бакIалдасайилан ахIделел рукIана данделъиялде рачIарал басриял минабазул бетIергьаби. ГIумриялъ шагьар бакьулъ, ралъдал рагIалда гIумру гьабун рукIарал жал щайила цойгидаб бакIалде рахъине кколелилан абун ахIдана гьел кIалъалев вугев архитекторасухъа кодоса микрофонги бахъун. Нужер чIандаялъухъ гIенеккизе рачIун гьечIила жал гьанирейилан лъазабулеб бугоан гIадамаз. Ахирги тIаде ахIдон щиб, берцинго абун щибали гIадамалги гIодор рукIинарун архитектор ГьитIиновас бицана гьеб микрорайоналда разе ругил 12 тIалаял цIияб къагIидаялъул рукъзал, гьенибго тIоцебесеб тIалаялда букIине бугила лъималазул ахги, тукабиги, цойгидаб къваригIараб щинабгийилан. АскIобго школаги бугин бицана гьес, амма гьеб киналъулго щибниги ургъел гьечIоан гIадамазе.

Шагьаралъул нухмалъиялъухъ гIенеккизе ракIалда гьечIолъиги бихьизабун жидехъего микрофонги босун гьел гIадамаз жидерго тIалабалги разигьечIолъиги загьир гьабизе лъугьана.

Буйнакская къотIноб бугеб, биххуниналда хIинкъи бугеблъун рикIкIунеб 24 минаялъул гIадамазул рахъалдасан кIалъазе вахъарав Пашаев Мурадица абуна чанги санаца киналгIаги шартIал гьечIел минабахъ гIумру гьабун рукIарал гIадамаз жидеего санагIалъаби гьарун ругила гьел рукъзабахъ. Гьел гьарулагоги чанги гIарац хванила жидер, гьединлъидал бугелъуб бугебги тун шагьар бакьулъа кин раралали лъаларел минабахъе инарин жалин.

Пашаев Мурад: «ГIадамал анцIгоги, къогоги, лъабкъогоги соналъ гьел минабахъ гIумру гьабун руго. Чвердезе бакI букIинчIого цояз жидеего хIамам гьабун буго, цойгидаз богорукъалъе санагIаллъи гьабун буго. Гьедин нарул къоги бихьун цо-цо кепек тIа-тIала лъун данде-гъанде рачун къачIарал гьел рукъзалги риххизарун шагьар рагIалда щибали лъалалреб бакIалде, кин гьарурал ва кида къачIан рахъинелали лъаларел минабахъе рахъине ниж разилъилищха, разилъиларо. РачIого гIоларел ратани эл цIиял рукъзал, нижералги риххизарун гьезул бакIалда райха, гьенир нижее рукъзалги кье. Нижеца дунялалда батанщинаб гIарацги кьун хIалихъе лъималазул ахакье кьун руго лъимал, гьенирго аскIор ругел школазде хьвадула нижер лъимал. Гьезда щиб гьабизе кколеб нижеца ? Доб цIияб мухъалда нижер лъималазухъ ралагьун чIарал лъималазул ахалги школалгийищ ругел? ЛъикIлъи гьабулебинги абун нужеца гIадамал махсароде кколел руго. Гьадингоги захIматаб хIалалда ругел гIадамал жахIалго те, гурхIа нуж гьезда».
XS
SM
MD
LG