МагъчIваялъе рес

ГЭС балезе хIалтIухъ мухь тIалаб гьабулеб буго


ГЭС балезе хIалтIухъ мухь тIалаб гьабулеб буго, 14Aпр2014
ГЭС балезе хIалтIухъ мухь тIалаб гьабулеб буго, 14Aпр2014

БачIунеб итни къоялде харжал кьезе рагIи кьун буго ЧIалда ГЭС балезе гьезул нухмалъиялъ. Гьезие харж кьун гьечIо кIигониги моцIалъ. Гьеб тIалаб гьабун гIадамал къватIире рахъун рукIанин абурал баянал мекъал ругин лъазабулеб буго ГЭС балезул нухмалъиялъ.

Дагъистаналъул Хьаргаби мухъалъул ЧIалда росдада аскIоб лъеца хIалтIизабулеб ток кьолеб станция балеб бакIалда хIалтIулел гIадамазе щун гьечIо чанго моцIалъ хIалтIаралъухъ гIарац. Араб итни къоялъ гьезул щунусго гIанасев чи вахъун вукIана къватIиве жидерго рази гьечIолъи загьир гьабун. Станция базе тIаде босараб «Чиркейгэстрой» абураб гIуцIиялъ рагIи кьолеб буго апрелалъул къоло цоабилеб къоялде кинабго налъи бецIун лъугIизабизе. Амма хIалтIухъаби божулел гьечIо гьез кьураб рагIуда.

Лъабго ункъо моцIалъги хIалтIаралъухъ харж кьечIел гIадамал рахъун рукIана итни къоялъ къватIире. ЧIалда лъеца хIалтIизабулеб ток кьолеб станция базе байбихьаралдаса исана бала анлъго сон. Амма исана гурони хIалтIухъ харж кватIизабиялъул хIужаби рукIинчIилан бицана «Эркенлъиялъе» гьенив хIалтIулев вугев Гъуниб Мухъалъул Гьонодаса ХIажиев ТIагьирица. 14 апрелалда хIалтIухъ харж кватIизабулеб букIиналда бан акция тIобитIизе къватIире рахъарал гIадамазда гъорлъ гьев вукIун гьечIо, амма цадахъ хIалтIулез бицун лъалеб буго гьесда гьелъул хIакъикъат.

«Кавказ Узел» сайталъ кьураб баяналда абулеб бугоан кинавниги кIиазарго гIанасев чи вахъун вукIанин гьеб къоялъ къватIивеян, амма гьеб баян гьереси бугилан абулеб буго ЧIалдаса Сурхаев ГIусманица. Гьев ккола «Дагэнерго» абураб гIуцIиялда хIалтIулев чи. ЧIалда балеб бугеб ГЭСаллдеги бухьен буго гьев хIалтIулеб бакIалъул. ЧIалда гьеб ГЭС балеб мехалъ «Чиркейгэсстрой» абураб гIуцIиялъ рагIи кьун букIанин жидер росдал жамагIаталъе мажгит базеян бицана ГIусманица. Амма гьабсагIаталда хIалтIаби чIун хутIун ругин. Гьелъул хIакъикъат цIехон индал ГЭСалда хIалтIулел гIадамазецин кьезе гIарац гьечIилан абун буго гьесда «Чиркейгесстроялъул» нухмалъиялъ.

Сурхаев ГIусман: «Гьез кьун букIана рагIи ГЭС базе байбихьараб мехалъ, росулъ мажгит базе. ГIалиев НурмухIамадги, МухIидинов МухIидинги кIиялго рукIана гьенир добмехалъ. Мажгит бан лъугIун гьечIо, гьелъул гIилла цIехедал гьез абуна хIалтIухъабазецин лъабго моцIалъул харж кьун гьечIила жидеца, нужее кьезеги гIарац гьечIилан.

Гьеб гIарац тIалаб гьабун къватIире рахъунги рукIун руго ГЭСалда хIалтIулел гIадамал. Амма кIиазарго чи вукIинчIо гьезул гьенив, гьеб гьереси буго, гьевгощинав чи хIалтIулевцин гьечIо гьенив».

КIиазарго чи вукIанин къватIиве вахъун вукIанин абураб баян ритIухъ гьабичIо Эркенлъиялъе тIадехун рехсарав Гьонодаса ХIажиев ТIагьирицаги. Бищун цIикIкIарав щунусго вукIун вугин акциячагIазул. КIиазарго гIанасев чи ГЭС базе байбихьарлдаса нахъеги киданиги хIадтIулев вукIинчIин гьенивилан бицана гьес. ТIагьириеги щун рагIуларо цо моцIалъул, марталда хIалтIаралъухъ гIарац. Гьелда цебесеб моцIалъ гьев гьенив хIалтIулев вукIун гьечIо. Амма гьес бицухъе декабралдаса нахъе гIарац щвечIелги чагIи рагIула жакъа гьенир.

ХIажиев ТIагьир: «ГIарцул тIубараб базар буго гьезул гьениб, дицани абуна гьезул гIарац лъугIун батулин жидедаго гьоркьоб бикьунилан. ХIалтIухъабазе гIарац кида гьез кьураб ахираб заманалда? Гьале щуябго сон буго дир исана хIалтIулев, амма гьаб кIиябго моцIалъ гурони гIарац кватIизабураб хIужа букIинчIо. Дида рагIана гьезул гIарац лъураб банкалъул счет къан бугин полициялъул хIалтIухъабаз. Доба Бурятиялда буго гьаз ГЭС балеб. Гьениб азархана базе биччараб гIарцул рагIула цо гIала-гъважа, мухIканлъи лъазе кIвечIо.

ЭР: «Нужер нухмалъулеллъун кIиябго гIуцIийищ кколеб, «Чиркейгеэстройги» Сулахъэнергоги?

ТIагьир: «Чиркейгэсстрой ккола подрядчик, «Сулакэнерго»–заказчик. «Сулакэнергоялъ» гIарац кьуна некIого, ЧиркейГэстроялъул буго гьеб базар. Итни къоялъ кьезе бугин гIарацилан бицунелдаса цо вахтадул анкь лъугIана, лъаларо. ГIалиев НурмухIамадица абун рагIулаха хIалтIи чIун хутIизе бегьуларин, жинца лъеберго миллион гъурущ хIадурилин кIиябго моцIалъ гьабураб хIалтIухъ гIарац кьезе. Лъаларо, гьеб жо бицунел гьелги руго, церетIамиялъе гьарун хIалтIухъабиги руго. Гьале дун рокъов чIун вуго, жакъа хIалтIизе кколев вукIарав чи»

Чиркейгэстрой гIуцIиялъул нухмалъулев МухIидин МухIидиновас нахъчIвалеб буго ГЭСалда хIалтIулел гIадамал къватIире рахъун рукIанилан абураб баян. Амма хIалтIухъабазе харж кьун гьечIин абураб баян битIараб бугилан тIадрекъолев вуго гьев, бачIунеб итни къоялде гьеб суал жидеца тIубазе бугилан рагIи кьолеб буго гьес. Амма ГЭСалда хIалтIулел чагIи божулел гьечIо гьеб каламалда. 2I апрелалдеги кинабго кьезе бугеб харжалъул налъи бецIун бахъинабичIони дагьабги кутакаб дандечIеялъул тадбир гьабизе ракIалда буго хIалтIухъабазда
XS
SM
MD
LG