МагъчIваялъе рес

Амировасул чагIи ана МахIачхъалаялъул мэриялдаса


МухIамад Сулейманов, Апрель 7, 2014
МухIамад Сулейманов, Апрель 7, 2014

Дагъистаналъул тахшагьаралъе нухмалъи гьабизе республикаялъул нухмалъулес тIадкъарав МухIамад Сулеймановас байбихьана МахIачхъалаялъул администрациялда хиса-басиял гьаризе.

Гьедин 15 апрелалдехун хъулухъаздаса гlодор чlана тахшагьаралъул лъабабго мухъалъул нухмалъулел. Шагьаралъул нухмалъулесухъе гьел лъабазго гlарзаби хъван руго жал жидеего бокьун унел ругин хъулухъаздаса нахъеян.
Шагьаралъул цlи тарав нухмалъулев Мухlамад Сулеймановас цебесеб къоялъги гьабун бук1ана 20 батIияб хъулухъалда хурхараб хиса-баси. Гьезда гьоркьов 10 чи вуго жидецаго гIарзабиги хъван нахъе арал, яги хIалхьиялде ритIарал. Масала, жидеего бокьун нахъе ине гIарзаби хъван руго шагьаралъул цеве вукIарав мэр СагIид Амировасул чагIилъун рикIкIунел рукIарал Кагьримановас (рукIа-рахъиналъул суалазул рахъалъ мэр хисулев кколаан гьев), экономикаялъул бутIаялъул нухмалъулев Мащилиевас, лъай кьеялъул нухмалъулев Гуруевас. Гьеб сияхIалда кьурал цогидал чагIи руго цIитарал, яги заманаялъ гьел хъулухъал жидеца тIад къарал.

Шагьаралъул архитектураялъулгун бакIал раялъул бутIаялъул нухмалъиялда тун вуго ГьитIинов МухIамадрасул абурав чи. Цеве гьенив вукIарав Умалатов Руслан администрациялъул нухмалъулесул кумекчилъун гьавун вуго. Гьесда тIасан гIемер бицен букIуна тахшагьаралда, щайин абуни къануналда данде кколаредухъ, изну гьечIого рарал минаби, тукаби, комплексал гIемер руго МахIачхъалаялда. Цо-цо бакIазда рарал тукабаз, яги цIалул идарабаз гIадамазе рилълъанхъизе нухалгицин тун гьечIо. Гьединлъидал шагьар гьединаб хIалалде ккезабурав чи хъулухъалдаса нахъе реххичIого, цIияв нухмалъулес вачун жиндирго кумекчилъун щай гьавулевин абурал бадирчIваял руго гIадатиял гIадамаздасан рагIулел.

Руго цогиги бадирчIваялги. Масала, интернеталдасан хъвадарулел махIачхъалаялъулаз абулеб буго МахIачхъалаялъул мэр вищизе кколин шагьаралъул депутатаз. Гьединлъидал республикаялъул нухмалъулес вачун Сулейманов гьеб хъулухъалда лъей битIараб гьечIин, заманаялъ мэрасул ишал тIуразарулевлъун вукIаниги. Гьедин заманаялъ мэрасул ишал тIуразарулев чияс гIадамал хъулухъаздаса рахъизе, яги тезе бегьуларин. Гьелда бан ЭР-ялъ бухьен гьабуна МахIачхъалаялъул мэриялъул пресс-хъулухъалъулгун. Гьенисан жаваб кьуна бегьулин Сулеймановас гьединал хIукмаби гьаризе, щайгурелъул шагьаралъул депутатаз къабул гьабураб къануналъ рес кьолеб бугин гьелъие.
МахIачхъалаялъул хъулухъчагIазда хурхун МухIамад Сулеймановас битIараб хIукму гьабулеб бугин рикIкIунеб буго Дагъистаналдаса журналист Муса Мусаевас.

Муса Мусаев: «ЦеретIурал киналго улкабазда гIадат буго хIукуматалъул нухмалъулев ватаниги, мэр ватаниги нахъе индал, гьесдаго цадахъ тIолабго гьесул командаги унеб. МахIачхъалаялдайин абуни гьедин гьабичIо. СагIид Амиров туснахъ гьавуна, гьесул хIалтIул къокъайин абуни букIахъего хутIана жиде-жидер бакIазда. Рамазан ГIабдулатIипов республикаялъул нухмалъиялде вачIиндалги гIемерисел хъулухъчагIи рукIахъего хутIанин абизе бегьула, аниса доре рачун, дораса анире рачун гурони. Гьединлъидал МахIачхъалаялъул мэриялъул гIуцIи букIахъего теялъ гьарун рукIине рес буго араб шамат къоялъ МахIачхъалаялда «Россия» кинотеатралда цебе Амировасул рахъккураб руккелги, 20 марталда гьев гьавураб къоялде абун тIобитIараб концертги, Амиров эркен гьавеян рахъ-рахъалде хитIабал хъвайги.

Гьеб киналдего дандечIезе захIмат букIана Сулеймановасде щвезегIан мэрасул ишал тIадкъарав МуртазагIали Рабадановасе. Щайгурелъул гьесул букIинчIо жиндирго командаги, Амировасул чагIазде тIадецуй гьабизе къуватги. Гьединлъидал республикаялъул нухмалъиялъул тIокIаб рес букIинчIо МухIамад Сулейманов гьенив течIого. Амировасул вакилзабазда дандечIезе кIолеб къуват буго Сулеймановасул».

Цебеккун ЭР-ялъ бицун букIана МухIамад Сулейманов вачIун тIоцересел къоязго МахIачхъалаялъул мэриялда кIиго хъулухъалда нухмалъулел танилан.
Масала, гъоркьанкьида мэриялъ лъазабун букIана рукIа-рахъиналъулгун коммуналияб магIишаталъул бутIаялъул нухмалъиялда вукIарав Бакаевги нахъе вахъун, гьенив Муртуз ГIумаров танилан. СагIид Амировасул заманалда гьебго хъулухъалда вукIарав, цо заманалда нахъе витIарав чи ккола гьев. Гьединго Каспийск шагьаралъул мэр Жамалудин ГIумаровасул вацги МахIачхъалаялъул цIияв нухмалъулесул свериялдаса чиги ккола Муртуз ГIумаров.

Амма гьанже ахиралда МухIамад Сулеймановас гъулбасараб цIияб документалда бихьизабун буго рукIа-рахъиналъулгун коммуналияб магIишаталъул бутIаялъул нухмалъулесул ишал тIадкъалел ругин ХIусеханова абурай гIаданалда. Щай гьеб хIукму хисарабали баян гьабулеб гьечIо.
Гьединго информациялъул бутIаялъул нухмалъиялда тана ПатIимат Ражабова. Гьей хIалтIулей йикIана президентасулгун хIукуматалъул, гьединго Халкъияб Мажлисалъул пресс-хъулухъазда. Цеве гьеб хъулухъалда вукIарав МухIамад ГIабдурашидов жиндиего бокьун гIарзаги хъван ана гьениса.
XS
SM
MD
LG