МагъчIваялъе рес

Москва, Петербург, Ставрополь ва Татарстан-этникияб рахъалъ хIалуцарал регионал


Москва, Петербург, Ставрополалъул ракь ва Татарстан руго Россиялда этникиял гьоркьорлъабазул рахъалъ ахIвал-хIал хIалуцарал регионазул сияхIалъул тIогьир.
«Регионазул клуб» абулеб идараялда цадахъ Миллиял конфликтал лъазарулеб Централъ тIоцебе гьабураб цIех-рехалда рекъон, 2013 соналъул сентябралдаса исана марталде щвезегIан Россиялда ккун буго «этникияб кьучI бугеб» 570 лъугьа-бахъин. Гьеб киналъулго аслияб гIиллалъун автораз рехсолеб буго тIад контроль гьечIеб миграцияги, социалиябгун-экономикияб депрессияги ва бичIчIулеб миллияб политика гьечIолъиги. Гьедин хъвалеб буго «Коммерсанталъ».
Гьеб баян хIадур гьабун буго рагьарал информалатазда кьолел баянал лъазарун ва миллиял гьоркьорлъабазул рахъалъ гIалимзабазда ва экспертазда гьоркьоб цIех-рех гьабун.
Авторазул пикруялда, пачалихъалъул миллияб политика жакъа бугеб гIодобегIанасеб даражаялда хутIани, халкъазда гьоркьоб хIалуцин цIикIкIине буго.
«Сова» абулеб инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун централъ лъазабулеб буго исана сон байбихьаралдаса миллияб рокьукълъиялъул кьучIалда 29 чиясе зарал ккун бугин ва гьезулги анкьгояв хун вугин.
XS
SM
MD
LG