МагъчIваялъе рес

Митингалда ккурал риччан руго, амма суалал хутlулел руго


ГIабдулаева Алена, Махlачхъала, 12Aпр2014
ГIабдулаева Алена, Махlачхъала, 12Aпр2014

Полициялъ шамат къоялъул къасиго эркен гьавун вуго МахIачхъалаялъул мэрлъун вукIарав СагIид Амировасул рахъ ккураб митинг тIобитIизе къасд гьабурав, батIи-батIиял баяназда рекъон, азаргоялде гIунтIиун чиясда гьоркьосан ккурав 22 чи. ГIадлу хвезабуралъухъ абун гьезда тIад къотIун буго гIакIа. Амма киналго гурел диваналъул хIукмуялда разиял ругел.

Заманалъ хъулухъалдаса вахъун вугев МахIачхъалаялъул мэр СагIид Амировасул рахъ ккун тIобитIараб митингалъулъ гIахьаллъи гьабунин абун полициялъ ккурал эркен гьарун руго. Диваналъ гьезда гIакIаги къотIун буго. Гьеб диваналъул хIукмуялда разигьечIолъи загьир гьабулеб буго гьел гIадамаз.

Шамат къоялъ МахIачхъалаялъул мэр СагIид Амировасул ¬¬рахъ ккун I000 ялдасаги цIикIкIун чи къватIиве вахъун вукIанин рикIкIунеб буго журналистаз, гьезда гьоркьоса, гIадлу-низам хвезабиялъул гIайибги гIунтIизабун, 22 чи полициялъ вачун ун вукIун вуго. Анлъго сагIаталъ МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул полициялъул бутIаялдаги чIезарун, гьебго къоялъул къаси гьезие диван гьабун буго. Советский мухъалъул диваналъ гIадлу-низам хвезабиялъухъ ва изнукьечIого тIобитIулеб митингалъухъ гIахьаллъи гьабиялъухъ тIад гIакIабиги къотIун шамат къоялъул сардилъ эркен гьарун руго гьел гIадамал.

Гьев 22гоясда гьоркьов вукIун вуго Дагъистаналъул «Новое Дело» газеталъул журналист Юсупов Идрисги. Жив жиндаго тIадаб хIалтIи гьабулев журналист вугин, жинца щибниги гIадлу-низамги, къанунги хвезабулеб гьечIин, жив живго тейин абуниги полициялъулаз ккун вачанин бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Юсупов Идрис: «Полициялъ ккуразда гьоркьор рукIана гьадинго аскIосан унел рукIаралщи, гьеб ахикье ясалъулгун данчIваялде вачIаравщи, берталъе унел рукIаралщи гIолохъаби, гьездаго цадахъ дунгиха. Полициялъулазда дун дирго хIалтIи гьабулев журналист вугин абуниги гьез щибго гIадахъ босичIо. Гьедин кколаго цо резнал тIилги щвана дида, хадуб электрошокерги речIчIизабуна. Гьедин тунка-гIусун рачунел рукIана гIадамал низамцIунулез. Дун халтIулев газеталъул нухмалъиялъ дун жидер хIалтIухъан вугин, виччан тейин дунилан абуниги, виччалин виччалинги абун киназдаго цадахъ къасилъагIан хутIана дун жанив тIамун. Диванханаялда дица дун журналист вугин, дидаго тIадаб иш гьабулев вукIанин митингалдайин абураб мехалда, диванчIужуялъ абуна мун газеталда хIалтIулев вугин абураб документ босейин жиндихъе, гьелдаса хадуб дуда тIад гьабураб иш къалилан. Жакъа, итни къоялъ гьеб документги босун ун вукIанаха гьей диванчIужуялъухъ, гьел дир иш къанилан абуна».


Гьелго полициялъ ккуразда гьоркьов вукIун вуго жамгIияв хIаракатчи, инсанасул ихтиярал цIунулев, «Союз справедливых абураб» жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев Расулов Русланги. Гьес лъазабулев вуго жив полициялъ кквейги, жинда тIад административияб иш гьабиги гьеб мекъаб бугин, жинца гьелде данде гIарзаги хъвазе бугилан.

Расулов Руслан: «Дун гьениве я Амировасул рахъккун гуро вачIун вукIарав, тIалъиялъ жиндиего бокьа-бокьараб гьабиялда дандечIун вуго дун кидаго. ГIадамазе жидерго пикру загьир гьабизе рес щвеялъе гIоло къеркьолев вуго дун. Гьеб къоялъги гьедин къватIиве вахъун вукIана дун, амма сундухъниги гIинтIамичIого дунги полициялъ къахIан ккун
вачун ана. Дица щибниги я гIадлу-низам яги къанун хвезабун букIинчIо. ТIадежоялъе тенкезавун вачана дун, цо полициялъул подпоковникас болъодаса гъоркье тункун гIодов речIчIизавизе вахъана. Гьениб полициялъул бутIаялдаги махIцараб цо картIинир руссинарун рукIана ниж. Чи ккун хадуб цIезе кколел хасал документалги цIечIо гьез, протоколги хъвачIо. Къануналде данде кколареб хIалалъ хIалтIилел рукIана гьел къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби. Гьединлъидал дица гьеб иш гьедин тезе гьечIо, гIагараб заманалда гьез гьабуралде данде гIарза хъвазе буго».

Митинг лъугIун хадуб шагьарцIун бицунебги букIана, интернеталда киса-кибего хъвалебги букIана гIарацги кьун ракIарун рукIун ругин гьенире гIадамалилан. Гьениве гIахьаллъи гьабизе рачIаралъулъ 500ялдаса бахъараб I000 гъурщиде щвезегIан гIарац кьолеб букIанин бицунебги хъвалебги бугоан, амма цониги гьеб гIарац кьунин ва босанин абурав чи вахъун гьечIо. Гьелдаго цадахъ абизе ккола гьеб гIарцул хабар жибго митингалъул заманалда гIолохъабазда гьоркьобги букIанилан.

Гьединго гьеб акциялде жидеего бокьичIониги нухмалъиялъ рахъине тIамуралги рукIанин хъвалеб буго интернеталда. Масала МахIачхъалаялъул «Энергосбыт» компаниялъул бетIерас гьениве вачIинчIев чи хIалтIудаса вахъизе вугин лъазабун букIанин хъвалеб буго. Амма митингалъул жигарай гIахьалчIужу, мугIалим ГIабдулаева Аленаца «Эркенлъи» радиоялъе бицана жиндие СагIид Амировас щибго жо кьечIин, жий рекIел ахIиялъ ячанила гьаб тадбиралдейилан.

ГIабдулаева Алена: «Дие гьес я рукъ , ракь кьечIо, рекIел ахIиялъ ячана жакъа дун гьание. Нижее гьаб гъалмагъирги, ахIи-хIурги къваригIун букIинчIо. Берцинго нижерго митинг тIобитIизе бокьун букIана, амма радал гIадамал ракIарилалдего Авар театралда цебебакIги, «Россия» кинотеатралъул бакIги полициялъ сверун ккун батана, гьединлъидал гьабщинаб базарги ккараб гьаниб. Ниж лъидениги данде рахъарал чагIи рукIинчIо, нижерго цевехъанасул рахъги ккун рачIун рукIана гьанире. КIалъазе ругезул сияхIги букIана, гьелдаса хадуб Россиялъул президент Владимир Путинихъе СагIид Амировасул рахъ ккун нижеца хъвараб хитIабги къаубул гьабизе ракIалда букIана. Нилъ демократияб хIукуматалда гIумру гьабун ругел ратани, эркенго кIалъазеги хъвадаризеги ресги кьолеб батани, щайха нижееги кьечIеб гьеб ? Щай нижерго пикру загьир гьабизе течIеб?»

11 апрелалда Ростовалда байбихьана СагIид Амировасул ва гьесул вацасул вас Юсуп Джапаровасул ишалъул халгьаби. Хадусеб халгьаби тIобитIизе буго 24 апрелалда. Гьеб митинг ургъунго диваналде тIадецуй гьабизелъун тIобитIун батизе бегьулин гьесул чагIазиланги рикIкIунеб буго цо-цояз, амма I2 апрелалда Амировасул твиттералда бугеб аккаунталда хъвана гьеб митингалдехун жиндир кинабгIаги гьоркьоблъи гьечIилан.
XS
SM
MD
LG