МагъчIваялъе рес

Гугарухъабазда гьоркьоб цIияб цIар


СагIадулаев Рашид, Махlачхъала, 10Aпр2014
СагIадулаев Рашид, Махlачхъала, 10Aпр2014

Апрелалъул тIоцебесеб къоялдаса байбихьун анкьгIан мехалъ Финляндиялъул Вантаа абураб шагьаралда тIобитIана дунялалдаго тIасарищарал гугарухъабазул турнир, Европаялъул чемпионат. Россиялъул тIасабищараб командаялъ гьениб бихьизабуна лъикIаб хIасил - ункъо меседилги цо гIарцулабги, щуго шапакъат щвана гьениб дагъистаналъул гугарухъабазе. 86 кг цIайиялда меседил медаль босарал гIолохъабазда гьоркьов прессаялъе ва магIарулазе цIияв чи ккола ЧIарада районалъул Гьилиб росулъа СагIадулаев Рашид.

ГIумруялъул 19 сон гурони гьечIев Рашидица нахъе тун буго лъабго ункъониги къадруяб эркенаб гугариялъул турнир. Сербиялда ва Азербайжаналъул тахшагьар Бакуялда гIолилазда гьоркьор тIоритIарал турниразда чемпионлъунги вахъун исана гьес сапар бухьана Красноярскиялда Иван Ярыгинил цIаралда бугеб Гран При турниралде. Щуго ракIчIараб бергьенлъиги босун иргадулаб чемпионлъиялда дандчIвай гьабуна Рашидица. Гьев хьвадулев вуго МахIачхъалаялда бугеб ХIамид ХIамидовасул цIаралда бугеб эркенаб гугариялъул школалде, гьенив гьесул тренер ккола ГIумаров Шамиль, цадахъго цIалулев вуго ДГУ -ялъул юридикияб факультеталъул кIиабилеб курсалда.

Исана Январалда Красноярскиялда тIобитIараб Ярыгинил турниралда щуго дандиясда ракIчIараб бергьенлъиги босун хадуб Рашидиде кIвар буссинабуна гIемерал спортбокьулез. Гьенир гьесда данде рукIаразул лъабгоял Гъабардагун-балкаралдаса, Анзор Уришевги, осетинав Сослан Цкоевги ва Дагъистаналдаса Шамиль КIудиямухIамадовги рикIкIунаан месед босизе бегьулел бищунго рес бугеллъун, амма гьел лъабалго къезаруна Рашидица.

Финляндиялда рукIарал къецазда бищунго захIматаб дандчIвай кинаб букIарабан гьикъидал гьадин бицана Рашидица

СагIадулаев Рашид: «Гуржиязул гугарухъан Марсигашвили вукIанин абила дица дида данде рукIаразул къуватазул цоявлъун. Гьединго финалалда Мурад ХIайдаровасулгун букIараб дандчIвайги бигьаяб букIинчIо».
Рашидица хадуб бицана цогидал Дагъистаналъул спортсменазул. Мисалалъе гьесул лъикIаб гьудуллъи буго гьевго гIадин Финляндиялда Европаялъул чемпионлъун вахъарав ЦIунтIаса КъурбангIалиев МухIамадилгун. Бицана Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъул тренер Сажид Сажидовасулги.

ЭР: Чанго соналъ цебе Дагъистаналда гугарухъаби куцалел бакIазда гьоркьоб бищунго ссиялда бугеблъун рикIкIунаан Хасавюрталда бугеб Шамил ГIумахановасул цIаралда бугеб школа. Жакъаги гьедин бугищилан гьикъидал гьелда разилъичIо гьев.

СагIадулаев Рашид: «Дица абидаро гьедин бугилан. МахIачхъалаялда ХIамид ХIамидовасул цIаралда бугеб школа гьелдаса къураб гьечIо».
ЭР: Дур рес букIарабани мун инаанищ жакъа цогидаб республикаялъе гIоло цевевахъине?

СагIадулаев Рашид: «БитIараб бицани гьединаб пикру дир гьечIо. Жакъа цогидаб пачалихъалъе гIоло гугаризе ани дуда тIадал жал гIемерал рукIуна тIуразе кколел. Гьеб киналдего хIадурун гьечIо гьечIо дун жеги».

Жиндирго цIайиялда гугарулел спортсменазда гьоркьор гьес рехсана Гъабардагун балкаразул гугарухъан вуго Анзор Уришев ва Дагъистаналдаса Шамил КIудиямухIамадовги. Гьел кIиялго гьес къезаруна январалда Ярыгинил турниралда.

Эркенаб гугариялъул дандчIваязда гIемераб бихьизе бегьула тренераз ургуялда вугев гугарухъанасе данде вугесда данде гьадинал приемал хIалтIизареян гIакълаби кьолел. Гьединал лахIзатаз тренераз абураб къагIида хIалтIизабизейищ бигьаб букIунеб ялъуни дудаго ракIалда букIраб куцалъ гугаризейиш бигьа букIонеб илан гьикъидал гьадин абуна Рашидица.

СагIадулаев Рашид: «Гьединдал лахIзатаз дудаго бичIчIула дандиясда данде кинаб гьужум гьабуни дуе битIкколебали. Тренераз абурабги хIисабалде босизе ккола, амма ургуялда вугеб мехалъ».

ЭР: Россиялъул эркенаб гугариялъул школалъул бугиш цогидал хIукуматазул школалдаса батIияб жо. Нилъер тIокIлъи, лъикIаб рахъ цIикIкIунищ бугеб гъозулалда дандеккун яги гIаксалдайиш, дуда кин кколеб?

СагIадулаев Рашид: «Руго гIемерал хаслъаби. Мисалалъе Ираналъул гугариялда жаниб бищунго цIикIкIун кIвар кьола къуваталъулал приемал хIалтIизариялде, гьебго къагIида буго Америкаялъул гугариялъул школалдаги. Нилъер гьаниб цохIо къуват гуребги кIудияб къимат буго техникаялъулги. Техника хIалтIизабиялъ лъикIал хIасилал кьуна ва кьолелги руго».

ЭР: Чемпионлъун вахъун хадуб тIоцересел лахIзатаз кинаб асар букIонеб рекIелъ, кинал рукIонел пикраби?

СагIадулаев Рашид: «БитIараб бицани батIияб цо рохел, кутакаб чIухIи гIадаб асар бачIунаро рекIелъе. Иргадулаб тренировкаги лъугIун нахъе унеб мехалъ гIадаб батIияб асар дида лъачIоха гьале Европаялъул чемпионлъун вахъаниги».
Рашидида цадахъ гьединго Финлаяндиялдаса меседил медалгун тIадруссана 65 кг цIайиялда цевевахъунев МухIамад КъурбангIалиевги ва 97 кг цIайиялъул цевехъан ГIабдусалам ХIадисовги. 61 кг цевевахъарав Бекхан Гейгореевасе щвана гIарцулаб медаль. Россиялъул тIасабищараб командаялда медалазул рахъалъ чIел босана нилъер ракьцояз.
Рашид гьанже хIадурлъулев вуго июнь моцIалда Якутск шагьаралда тIобитIизе бугеб Эркенаб гугариялъул рахъалъ россиялъул чемпионаталда цевевахъине. ГьанжелъагIан гьес росарал бергьенлъабазулхъбалагьун спортбокьулел дагъистаниязул щибниги щаклъи гьечIо гьес гугарухъабазул бищунго тIадегIанаб борхалъи, Олимпиадаялъул хIаяздаги чIел босизе букIиналда.
XS
SM
MD
LG