МагъчIваялъе рес

Бихьинчилъиялъухъ премия кьурай магIарулай


МухIамадова Сапият, Прага, 03Мар2014.
МухIамадова Сапият, Прага, 03Мар2014.

Дагъистаналдаса адвокат ва инсанасул ихтиярал цIунулей МухIамадова Сапият гьал къоязда мустахIикълъана Homo Homini абулеб халкъазда гьоркьосеб премиялъе. Гьеб Сапиятие кьуна чехазул инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ «Къварилъиялде ккарав инсан» абулеб идараялъ. Премия кьолеб бакIалда гIахьаллъана Чехиялъул юстициялъул ва культураялъул министралги, Прагаялъул мэрги, жамгIиял хIаракатчагIиги халкъазда гьоркьосел инсанасул ихтиярал цIунулелги. Гьеб цо нух гуреб Сапиятие бихьинчилъиялъухъ пермия кьолеб бугеб.

«Цогояб дунял» абулеб инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ документалияб киноялъул фестивалалъул гIурхъабалъ кьуна адвокат ва инсанасул ихтиярал цIунулей МухIамадова Сапиятие рехсараб премия. Гьеб щибаб лъагIалилаб премия кьола демократия ва инсанасул ихтиярал цIуниялъулъ ва жидер хIалтIулъ бугеб хIинкъиялде балагьичIого бихьинчилъи бихьизабуралъухъ. Исана гьелъие мустахIикълъана Дагъистаналдаса магIарулай.

Сапиятица тIаде росула жидее ва жидер гIагаразе букIине рес бугеб хIинкъиялъ цоги адвокатаз тIаде росичIел ишал. Гьелъ цIунула жинсияб зулмуялъул къурбаналги, тlаде росула низам цIунулезда ва бакIалъул политиказда хурхен бугел ишалги.
Гьединал ишазул цо-цоял Европаялъул диванханаялдеги гIунтIун руго. Жийго Сапиятиеги гIемер кьола хIинкъаби. Хасавюрталъул полициялъул минаялда жаний низам цIунулез гьей юхунгицин йик1ана 2010 соналда ва гьеб ишалъухъги тамихIалде цIарав чи лъугьинчIо гьеб иш жеги диваналде гIунтIун гьечIолъиялда бан.

Homo Homini премия кьолеб бакIалда Сапиятица абуна гьелъ жиндие кумек гьабизе бугин жиндир хIинкъигьечIолъи цIунизейин. Сапиятица бичIчIинабулеб буго кинали.

МухIамадова Сапият: «Гьеб шапакъаталъ дие дунго цIуна-къаялъе кумек гьабизе бугин дица абиялъе гIилла букIана чи гIадамазда цIикIкIун лъалев вугонагIан, адвокат ва инсанасул ихтиярал цIунулев хIисабалда гьесул хIалтIуе халкъаздагьоркьосел идарабаз кIвар кьолеб бугонагIан гьев чиясе квешлъи гьабизе бокьарал гIадамал цоги нухалда ургъизе ругин абураб. Гьез квешлъи гьабиларин дица абиларо, амма гьеб квешлъи гьез лъикI хIадуризе ккезе буго. Щиб лъалеб, гьелъе гьел чIезаризеги рес буго».

ЭР: 2012 соналъул ноябралда дуе кьун букIана Пьер Ангерил цIаралда бугеб премияги. Гьелдаса хадуб дуца цадахъ хIалтIулезул дудехун бербалагьи хисанищ?

МухIамадова Сапият: «Дида ккана гьеб премия кьун хадуб дида цадахъ хIалтIулезул дидехун бербалагьи лъикIлъанин. Амма дица гьедин абилароан дир оппонентазул хIакъалъулъ. Гьез ккаралъубги ккечIелъубги ракIалде щвезабула Европаялъул улкаялъ дие премия кьун букIин ва гьеб, гьезул пикруялда, "жого гьечIого кьураб жо" гуреблъи. Нилъеда лъалаха Россиялда "къватIисел улкабазул агентазул хIакъалъулъ" къанун къабул гьабун букIин. Гьез рикIкIунеб буго дица киналалиго къватIисел улкабазе хIалтIи гьабулеб бугин. Гьез рикIкIунеб батила дица "гьаниб гьабулеб хIалтIухъ" премия кьезе кколарин, гьикъула кисадила дун гьезда лъазе кколейин, щай хас гьабун дун тIаса йищарайин.
РукIана гьезда гьоркьорги дида баркулел, амма баркиялде балагьун бихьулеб букIана гьезул ракIалда дида роххи гуреб батIияб жо букIин.

Гьадинаб цо мисалцин бачине бегьула гьелъие. Диванханаялъул данделъи байбихьилалде цебе диванчияс дида баркун букIана гьеб премия щвей, амма гьеб данделъи лъугIилалде гьес дида гьеб премия бадибчIвалеб букIан- нужер "магърибалда" иш гьедин батаниги нижер гьаниб иш батIайиса бугин-абулеб букIана гьес дица гIайибгIунтIизабулев цIунулев вугеб куц дандеккечIого».

ЭР: Дуе кьураб гьеб премиялъул гIилла бичIчIизабулеб бакIалда хъван букIана- хIинкъи цIикIкIараб регионалда адвокат хIисабалда гьабулеб хIинкъи лъалареб хIалтIухъ ва къуркьи гьечIей инсанасул ихтиярал цIунулей йукIиналъухъ абун. Кин дуда кколеб, Дагъистаналда ва Шималияб Кавказалда адвокат хIисабалда дуда тIадаб хIалтIи гьабизе хIинкъунгутIи ва къуркьунгутIи гIадинал хасияталгийищ хIажалъулел?

МухIамадова Сапият: «Дида ккола хIажалъулин гьединаб хасиятин. Гьенирги киналго адвокатаз гурелъул жидее хIинкъи бугел ишал тIаде росулел. Гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула дуца цебехун рехсараб вацал ХIамзатовазул иш. Гьезул гIагарлъи дихъе бачIана цоги адвокатаз жидер иш тIаде босичIеб мехалда. Гьебги бараб букIана гьеб такъсиралда нахъа ругел чагIазда. Гьезул асаралъухъ, тIадецуялъухъ ва гьездаса бугеб хIинкъиялде балагьун босичIо гьеб иш цоги адвокатаз жидедего тIаде.

Диеги кьолел рукIана гьеб такъсиралъул щаклъи бугез хIинкъаби. Телефоналде рачIунаан хIинкъи кьун хъварал кагътал.
Лъалеб букIахъе, ункъго вац ХIамзатовалги гьезул ясалъул васги чIван рукIана 20I2 соналда Гъизляр шагьаралда жидерго дармил централда. ЧIванги рукIана гьел къад-къо ракьалда, гIадамазда рихьулаго ва сундукьаго я нечечIого, я хIинкъичIого. Гьеб такъсир гьенир лъун рукIарал видеокамераздеги букIуна бахъун, хадуб гьеб видео "билун" бугоан. Гьеб такъсиралъул букIана кIудияб резонанс, гIадамаз къватIахъе рахъун нухал къалел рукIана гIайиб бугезе тамихI тIалаб гьабун.

Гьелде гIахьаллъи бугеллъун рехсолел рукIана Гъизляр мухъалъул бетIер Виноградов Андрейги, Пенсиязул Фондалъул нухмалъулев МуртазагIалиев Сайгидги. нугIзаз бицухъе, гьел вацалги чIван руго Виноградов цIунулел рукIарал чагIаз.

Гьезул анлъгоясда тIад гьанже унеб буго диван. Байбихьуда гьеб хъуй бахъараб мехалда, гьеб ишалъул цIех-рех тIаде босун букIана Шималияб Кавказалъул ЦIех-рехалъул комитеталъул аслияб идараялъ. Гьениб щуго моцIги бан гьеб иш Дагъистаналде тIадбуссинабуна. Гьеб киналъулъго бищунго гIажаибаб жо буго гьеб иш тIаде босулаго Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев хисулев Карнауховас бичIчIизабулеб букIана Шималияб Кавказалъул ЦIех-рехалъул комитеталъухъе гьеб иш резонанс кIудияб букIиналъ кьолеб бугин. Амма гьеб тIадбуссинабулаго гьевго Карнауховас хъвалеб буго гьеб ишазул жамгIияб резонанс гьечIин абун.

ГIадамаз нухал къалел гьечIони щуго чи чIваялъул иш жамгIияб резонанс гьечIелъун лъазабизе бегьулеб буго.
Гьеб такъсир гьабиялда щаклъи бугеб анлъго чиясда тIад диван унеб букIаниги кIудияб тIадецуй буго ХIамзатовазул гIагаразеги, гьеб ишалъул нугIзазеги, нижеде адвокатаздеги гьабулеб. Нижее рукIана хIинкъаби кьолел».

ЭР: Дур вац жанив тIами гьеб ишалда хурхараб бугищ?

МухIамадова Сапият: «Дица цIунулел руго батIи-батIиял ишазда сверун гIемерал батIи-батIиял гIдамазул мурадал. Гьезул цо-цоял хурхарал руго низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабаз къанунал хвезариялдаги. Дир имгIаласул дармил центр бухIиги, дир вацгIал чIвайги, вац жанив тIамиги (гьаб программа эфиралде хIадур гьабулаго бачIана Сапиятил вац МухIамадрасул рокъове виччан вугин абураб хабар, ред)-гьеб кинабго дица рикIкIуна диде гьабулеб тIадецуйлъун.

Хас гьабун киаб ишалъухъ щиб гьабурабали абизе захIмат буго. ГIицIго лъалеб буго телефоналде смс-ал ХIамзатовазул ишазда хурхарал рукIин. Вацасда гIунтIизабулеб букIана цо чIужугIаданалда хурхун киналалиго гIайибал. Гьенибги гIажаибаб жо, гьей гIадан гьединал ишазулъ гIемер халлъулей йикIин. Лъида тIасан бугониги гьереси-гIарза хъвазе къваригIун бугони, гьеб хъвазабулеб гIадан йиго гьей. Дида лъалеб букIахъе, гьей йиго полициялъул балъгояй агент».

ЭР: Дуца ва мун хIалтIулей адвокатазул контораялъ тIаде росула бищунго резонанс кIудиял ишал. Гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула Дагъистаналъул жанисел ишазул министрлъун вукIарав МухIамадтIагьиров ГIадильгерей чIваялъул ишги. Нужеца иш тIаде босулеб букIиналъ нужер дандиязе кинаб букIаниги ишара гьабулищ?

МухIамадова Сапият: «РукIуна нижехъ гьединал ишал. МухIамадтIагьир чIваялъул ишги рагьараблъун рикIкIунаро дица. Гьеб ишалда хурхун жанив тIамуна доб мехалда Дагъистаналда рагъулаб хъулухъ гьабулев вукIарав Андрей Ризанов. Гьесие кьуна I5 сон. Россиялъул цIе-рехалъул комитеталъул вакил Владимир Маркиница "такъсираллъун" лъазаруразул цогиял эркен гьаризе бажарана нижеда. Гьезул цояв ккола Борзиев Шамсулагьги. Гьесда гIайиб гьечIолъи лъагIалица чIезабизе ккола.

ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Александр Бастрыкиница Дагъистаналъул жанисел ишазул министр чIваялъул такъсир рагьун бугин лъазабураб мехалда гьабулеб хIалтIиги гьесул рагIабазда рекъезабизе кколеб букIана цIех-рехчагIаз. Кин бугониги, Манаповги Борзиевги эркен гьаризе кIвана.
Дица жакъаги рикIкIуна Ризановасги гьеб такъсир гьабичIин. Гьеб такъсир гьабулеб мехалда гьев чи Дагъистаналдацин вукIинчIо, гьеб чIезабураб далил буго. Дида гьеб мухIкан лъала. Гьеде тIадеги, ГIадильгерейил вацас абулеб букIана Ризанов жанив тIамиялда жив разияв гьечIин. Гьесда тIад диванги гьабуна хасаб низамалда-нугIзазул суравги босичIого, такъсиралъул далилалги чIезаричIого. ГIадильгерейил вацас тIалаб гьабулеб букIана гьеб диван киназдаго бихьиледухъ рагьун гьебейин, гьенир нугIзаз бицунебги рагIизе биччайин. Амма гьеб гьедин гьабичIо.

Россиялъул къануназда рекъон, хасаб низамалда диван гьабиялда жиндие зарал ккарав разияв гьечIони, гьеб диван гьедин гьабизе бегьуларо. Амма Ризановасда хурхун гьеб къанунги хвезабун буго. Гьесги цин абулеб букIана жинца такъсир гьабунин, цинги абулеб букIана гьабичIин. Гьеб къоялъ рагъулаб бутIаялдаса туманкI босизеги гьеб цигиязухъе кьезеги Ризановасул рес букIинчIо. Гьев Дагъистаналда вукIинчIо, вукIинчIолъи чIезабунги букIана. Гьеб бицен гьабулеб такъсирги лъица гьабурабали лъалеб буго, амма гьел чагIазул цIарал рехсезе лъиего бокьунги гьечIо.

тIаса ккезелъун къараб буго Каспийскалда 2002 соналъул 9 маялда гьабураб терактги, ГIадильгерей чIваялъул ишги
Гьединго, тIаса ккезелъун къараб буго Каспийскалда 2002 соналъул 9 маялда гьабураб терактги, ГIадильгерей чIваялъул ишгийги. Цин лъазабула гьел ишал рагьун ругин, хадуб, гIадамада кIочараб мехалда, лъиде тIаде букIаниги рехула гьелъул гIайиб».

ЭР: Дагъистан рикIкIуна мадугьалихъ ругел республикабазде ва Централияб Россиялде дандеккун рагIул эркенлъи бугеб ва эркенаб пресса бугеб республикалъун. Адвокатазе жидерго хIалтIи гьабизе бугищ гьениб эркенлъи?

МухIамадова Сапият: «Дица рикIкIуна дие бугин гьениб эркенлъийин, щайгурелъул хIалтIуда хурхун дица гьабулеб дие гьукъизе гьениб лъиданиги кIоларо. Амма гьенир чIварал адвокатал ракIалде щвезарун абизе ккола, гьел гIадада чIварал чагIи гурин. Гьел руго гьезул хIалтIуда бан чIварал чагIи.
Гьенир цин адвокатал хIакъир гьарулел рукIана, хадуб байбихьана гьел рухизе, гьанибго абизе ккола, дун юхун хадуб республикаялъул жанисел ишазул министрасе генерал-майор абураб цIар кьунин. Гьелъ бихьизабуна адвокатал рухизе бегьулеблъи. Гьедин рухун рукIана Гульнара Бамматова, Земфира Мирзаева, Джамиля Тагирова, Сергей Квасов. Гьел рухиялъухъ жавабчилъиялдеги щивниго цIачIо.

Рухарал гIечIого гьанже байбихьун буго адвоката чIвазе. Гьедин чIван вукIана СагIидмухIамадов ГIумар, МахIач ГучучIалиев, 2007 соналда Константин Мудунов чIвазе къасд гьабун букIана. Адвокатал рухиги хIакъир гьариги гIадатияб ишлъун лъугьунеб буго».

http://www.radioerkenli.com/media/video/25293326.html

XS
SM
MD
LG