МагъчIваялъе рес

Жириновскияс - Украин миллаталъе кьолеб къиматалъул


Хъыргъизстаналъул ва Казахстаналъул къватIисел ишазул министерлъабаз Россиялде протесталъул нота битIана ЛДПР партиялъул цевехъан ва Пачалихъияб Думаялъул вице-спикер Владимир Жириновскиясул каламалда бан.

23 февралялда Москваялъул Пушкинил майданалда букIараб митингалда цеве вахъарав Жириновскияс ахIи бана «Гьоркьохъеб Азиялъул федералияб икълим» гIуцIизе кколин абун. Гьесул бербалагьиялда Узбекистан, Тажикистан, Хъыргъизстан, Туркменистан ва Казахстан Россиялде гъорлъе тIад руссинаризе кколин. Доб митингалда Жириновскияс хъубал рагIаби рицана Украин миллаталъул рехсарал республикабазул халкъазул хIакъалъулъги.

Кинал хIасилал гьаризе колел Россиялъ Украинаялда ккараб таралдасан?
РукIине рес бугищ Украинаялда гIадал лъугьа-бахъинал Россиялда?

ГьабсагIаталда Россиялда рикIкIунеб буго Украинаялдасан Россиялде гIемераб халкъ тIурун бачIине бегьулин. Аслияб къагIидаялъ гьениб миллатазде рокьукълъи загьир гьабиялъул хIужаби рукIиналдалъун.

Гьеб пикруялда бан Россиялъул либералиябгун демократияб партиялъул депутатаз пачалихъияб Думаялде битIун буго къануналъул проект.

Либералиябгун демократияб партиялъул депутат Илья Дроздовас россиялъул Пачалихъияб Думаялде битIараб къануналъул проекталда абулеб буго Украинаялда ругел гIурус миллаталъул гражданазе Россиялъул гражданлъи кьеялъул хIалтIаби бигьалъизарулеб къагIида гьабеян.

Къануналъул байбихьуда абулеб буго Украинаялда миллатазде рокьукълъи загьир гьабулеб букIиналда бан гьенисан Россиялде тIурулезул къадар цIикIкIине бегьулин абун.

Депутат Илья Дроздовас кIвар буссинабулеб буго Украинаялъул тIадтаразда оппозициялъул ва тIадтаразул дандечIеял ракълида лъугIизаризе кIвечIолъиялда бан ракълилаб халкъалда гьоркьор кьурбанал рукIиналдеги, Украинаялда гIурус мацI пачалихъияб мацIлъун рикIкIунгутIизе къанунун бахъун букIиналдеги.

Амма политикияб партиялъул ЛДПР лидер Владимир Жириновскияс украинаялъул миллаталда бан гьарурал лъазабиял цо-цо экспертазул пикруялда рекъон кола хехал ва цидакье абурал ургъичIел рагIаби.

Украинаялда ккараб таралда бан загьир гьабулеб пикруялда цадахъ украинаялъул миллат хIакъир гьабурал рагIаби абизе бегьуларо,гьединаб миллат гьечIин абун.

Россиялъул тIадтараз рикIкIунеб буго гьабсагIаталда Украинаялда лигитимиял тIадтарал гьечIин гьоркьоб суал лъун кIалъаралъаял тIоритIизе бегьулел.

Гьелда бан Украинаялдаса вакил нахъе ахIун вукIиналъул хIакъалъулъ лъазабуна россиялъул премьер министр Дмитрий Медведевас.

«Нижеда бичIулеб гьечIо щиб лъугьунеб бугеб Украинаялдаяли. хIакъикъаталдаги хIинкъи буго Россиялъул интересазе, Украинаялда ругел россиялъул гражданазул гIумруялъе, гьезул сахлъиялъе».


Кинаб ахIвал хIал букIаниги Украинаялъул жанисел ишазде гьоркьоре лъугьине бегьуларин рикIкIунеб буго россиялъул халкъалъ.

Къануниял тIадтарал Украинаялда тIаса рехиялдехун россиялъул халкъалъул бугеб бербалагьи лъазабизелъун тIолгороссиялъул жамгIияб пикру лъазабиялда тIасан централъ тIобитIун буго цIех-рех.

Гьелда гIахьаллъараздасан 4% рикIкIунеб буго украинаялъул оппозициялъе Россиялъ кумек гьабизе кколин абун.

15% рикIкIунеб буго къануналда данде кколаредухъ хIукумат бахъулел чIезаризе кумек гьабизе кколин Россиялъин. 73% рикIкIунеб буго Россия лъугьине бегьуларин украинаялъул жанисел ишазде гьоркьобе абун.
9% захIмалъун буго жаваб кьезе.

ВЦИОМалъул нухмалъулев Валерий Федоровасул рагIабазда рекъон Россиялъул халкъалда кIочон тун гьечIо улкаялъул жанисел ишазде гьоркьобе лъугьани кколеб хIасил. Мисалалъе Афганистаналда бихьизабулеб буго халкъалъ.

Украинаялда гIадаб майдан Россиялда лъугьинеги бокьизехъин гьечIо халкъалъе. Гьединаб пикру загьир гьабун буго 90% халкъалъ.

75% рикIкIунеб буго Россиялда Украинаялда гIадаб данде чIей букIунарин.
15% халкъалъ гьеб нахъ чIвалеб гьечIо. 10% жаваб кьезе захIмалъун буго.
XS
SM
MD
LG