МагъчIваялъе рес

Москваялда ккуна Гъизилюрталъул полициялъул нухмалъулев


АсхIабгIали Заирбегов
АсхIабгIали Заирбегов

24 февралалда Москваялдаса МахIачхъалаялде вачун вачIана цебесеб къоялъ хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъул хIалтIухъабаз Москваялда туснахъ гьавурав Гъизилюрталъул полициялъул нухмалъиялда вукIарав АсхIабгIали Заирбегов.

Цо-цо баяназда рекъон, гьесда цадахъ туснахъ гьавун рагIула Гъизилюрталъул полициялъул хIалтIухъан Пираев МухIамадги.

Низам цIунулезул щаклъи буго жиндирго хъулухъалдаса пайдаги босун АсхIабгIали Заирбеговас Дагъистаналда гIадамал рикъулеб къокъа гIуцIун букIиналда, гьединго туснахъ гьаруразе гIакъуба кьолеб букIиналда, къануналда данде кколаредухъ ярагъ бича-хисулеб ва цIунулеб букIиналда.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министрас Гъизилюрт мухъалъул полициялъул нухмалъулев АсхIабгIали Заирбегов хъулухъалдаса махIрум гьавун вукIана гъоркьисала хаслихъе. Амма исана 14 февралда диваналъ хIукмуги къотIун, цIидасан хIалтIизе лъугьун вукIун вуго.

Гьев хъулухъалдаса махIрум гьавиялъе гIилла гьадин баян гьабун букIана доб мехалда ЭР-ялъе ЦIех-рехалъул комитеталъул пресс-секретарь Расул Темирбеговас.

Гъизилюрталъул полициялъул хIалтIухъабазда хурхун байбихьун бугила цIех-рех. Жиндирго хъулухъалдаса пайдаги босун, цIех-рех битIараб нухдасан бачине квалквал гьабилин хIинкъи букIиналъ хъулухъалдаса гIодов чIезавун вугила АсхIабгIали Заирбегов.

Низам цIунулезул щаклъи бугоан Гъизилюрталъул полициялъулаз гIадамазухъа, бизнесменазухъа, гIарац бахъулеб букIиналда.

Амма цIех-рех ахиралде щвечIого гьезул цIарал рицинарин лъазабун букIана ЦIех-рехалъул комитеталъ.

Гьедин цо-цояз Гъизилюрталъул полициялда рекIинабун букIана Робин Гудал абураб цIарги.

Рохьилазул магIишат щущахъ базе бугин жидеца, жалги ругин гьел рохьилазул гIагарлъи чIварал чагIийин лъазабулеб букIана гьез интернеталдасан.

Гьелда бан цо-цоязул щаклъи ккана гьаб цебехун рехсараб полициялда. Амма АсхIабгIали Заирбеговас абулеб букIана гьел Робин Гудал жал гурилан.

Амма гьеб полициялда хурхараб жо гьанжеги къватIибе загьирлъулароанин полициялдаги хIинкъи гьечIолъи чIезабулеб федералияб хъулухъалдаги гьоркьоб тунка-гIуси ккун букIинчIебаниян абулеб буго Гъизилюрталда цо-цо чагIаз.

Гъазимирзаев АхIмадулагь, Гъизилюрталдаса чи: «Гьаз киданиги кIвар кьезе букIинчIо гьеб ишалде. Кинабго байбихьана полициялъ цо инкассациялъул автомобиль талавур гьабиялдаса.

Цинги гьеб тIатинабизе лъугьарал хIинкъи гьечIолъи чIезабулеб федералияб идараялъул кIиго хIалтIухъан чIван вуго гьаз. Гьеб мехалда Москваялда бугеб хъулухъалъ гьедин парахат течIо гьел, жидер хIалтIухъабиги чIван.

Маскабиги ххун, Робин Гудал абун гьазул анкьго-микьго чи вукIанин бицуна гIадамазул рукъзабахъе кIанцIулев. Гъизилюрт мухъалъул нухмалъулев ХIажиев МухIамад чIвана дагьалъ цеве.

Гьенибги гьезул лъалкI бугин рагIана. ПалхIасил, гьадаб автомобиль талавур гьабулеб бакIалда полициялъул цояв лъукъун вуго. Гьедин тIатун руго гьел. Гьелдаса хадув Москваялда ккун вуго гьениса лъутаразул цояв.

Цинги цогидалги ккуна. Гьедин бачIана гьеб хабар къватIибе. Гьавги (полициялъул нухмалъулев) къватIиб улкаялде ун вугин букIана бицунеб.

Гьезие паспортал гьарурав хъулухъчиги ккун вугин абулеб буго гьал къоязда».

АсхIабгIали Заирбеговас зама-заманалдасан интернеталдасан хитIабал гьарулаан изну гьечIого яргъид гIуцIаразде.

Масала, гIезегIан ахIи-хIур бахъинабун букIана ТIалхIатов ХIажимурадидеги Гъизилюрт мухъалъул мухъалъул амирлъун рикIкIунев вукIарав Темирбегидеги гьабун букIана.

БукIана Заирбеговасул хитIаб флешкаби ритIулел чагIазде, хас гьабун Гъизилюрт мухъалъул амирлъун вукIарав Абу МугIазиде гьабурабги.

Дагъистаналда флешка батIияб магIнаялда хIалтIизабулеб гIадат баккун буго. Бечедал чагIазда тIад магъало лъун букIин тIад хъвараб лъазаби букIуна флешкаялда.

Гьеб щварав чи магъало кьечIого къанагIатги ворчIуларин абурал баянал руго. Гьедин гьел флешкаби ритIулел чагIазде Заирбеговас видео-хитIабалдаса хадуб гIезегIан чияс баркала кьунин жиндиеян бицун букIана АсхIабгIали Заирбеговас ЭР-ялъе чанго моцIалъ цебе.
XS
SM
MD
LG