МагъчIваялъе рес

Алжиралда авиакатастрофалда хун вуго 100 чи


Алжиралда рагъулаб аэропланалъе катастрофа ккеялъул хIасилалда хун вуго 100-ялдаса цIикIкIун чи.
БакIалъул информалатазда мугъчIвайги гьабулаго «Би-би-сиялъ» лъазабулеб буго, авиакатастрофа Ум-эль-Буахи абулеб провинциялъул мугIрузда ккун бугин. Аэроплангун бухьен билун буго Ум-эль-Буахи ва Константина шагьаразда гьоркьоб гьеб букIаго.
Цересел баяназда рекъон, гьелда тIад рукIун руго жалго рагъулал гуребги гьезул хъизабиги. Армиялъул нухмалъиялъ аэроплан бортиялъул хабар жеги уяблъун гьабун гьечIо.
XS
SM
MD
LG