МагъчIваялъе рес

Культураялъул соналде-музеялги къалаго


Лаваша мухъалъул Чуни росдал мактабалъул музей
Лаваша мухъалъул Чуни росдал мактабалъул музей

Дагъистан республикаялъул президент Рамазан ГIабдулатIиповасул бихьизабиялда рекъон, МугIрузулаб улкаялда 2014 сон лъазабун буго культураялъул сонлъун. Гьелъул хIакъалъулъ бицун, республикаялъул хIукуматалда тIобитIараб данделъиялда кIалъалаго, культураялъул министр Буттаева Заремаца рехсана тIадеялъул гьаризе ругел хIалтIабазул сияхI ва бицана культурияб рахъ цебетIезабиялде кьезесеб кIваралъул жавабчилъи цIикIкIараб букIиналъул.

ХIакъикъаталдаги, тIоцебесеб иргаялда, культуриялин абулел идарабазда хIалтIулел разияб хабарлъун ккана гьеб ва 2014 соналъгIаги жидеца гьабулеб хIалтIи бихьизе батилин абураб хьул бижана щивасул рекIелъ.

2014 соналъ, ай культураялъул сонлъун лъазабураб лъагIелалъ культурияллъун рикIкIунел идараби къазе рес букIинарин ракIалде ккараб хIисабха хIакимзабазда, цIияб сон тIаде щвелалде цо-цо бакIазда байбихьана гьанжего гьезда кьаби щвезабизе. Масала, Лаваша мухъалда бугеб Чуни росдал мактабалъул музеялда. Гьелъул нухмалъулев, ай музей гIуцIарав мугIалим Мусаев МухIамадица бицухъе, гьеб «хьихьизе» мухъалъул бюджеталъул гIарац гьечIин абураб багьанаги бачун, гьеб къалеб рагIула.

Мусаев МухIамад: «Музей рагьана 2004 соналъ, амма гьениб лъун буго 20-25 соналъ данде бакIарараб къайи-къоно. АнкьнусгогIанасеб экспонатги буго. Дихъе жакъа къоялъги гIемерав чи вачIуна гьениб бугеб къайи бихьизе гуребги, гьеб бичейилангицин. Амма дица инкар гьабула, гьеб бичизе данде гьабураб гурин, гьеб бугин нилъер гIолеб гIелалда нилъ щал ва нилъер умумуз кин гIумру гьабулеб букIарабали бихьизабулеб нахърателиланги абун».

Лаваша мухъалда бугеб Чуни росдал мактабалъул музеялда
Лаваша мухъалда бугеб Чуни росдал мактабалъул музеялда

Мусаев МухIамадица бицухъе, Лаваша мухъалъул маданияталъул рукъалъул нухмалъулес абулеб бугила гьеб къайи-къонги босун Лавашаве вахъайин, жинца харжги кьелин. Амма гьелдаги жив разилъичIила.

Мусаев МухIамад: «Росуцояз гьарулеб буго гьеб кибего босугейилан. КъватIибе босани гьеб тIокIалъ нахъги буссунарин. Мактабалде вачIарав чиясда музей гурони бихьизе тIокIаб жоги гьечIин. Гьеб битIарабги буго. Диегоги бокьун гьечIо гьебгощинаб хазина росулъа къватIибе ине».

ХIакъикъаталдаги, Лаваша мухъалда бугеб магIарулазул гьитIинабго Чуни росулъ бугеб гьеб музей росдалго чIухIи бугин абуни, мекъи ккеларо. Масала, гьеб музеялде щварай журналист МухIамадова Асиятица бицана гьениб бугила росдал тарихалъул ва маданияталъул тIубараб архив.

МухIамадова Асият: «Музеялда буго умумузул рукIа-рахъиналъул бицунел хIалтIул алатал, рукъалъул къайи. Данде ракIарун руго щагIил цIарагI, квас чIвалел гьаркьал, хур-хералъе хIажалъулел алатал. Чанахъабазда ретIулел рукIарал хьитазда чIвалел рукIарал тIикъвабазде гIунтIун къайи бакIарун буго музеялде».

Гьанжейин абуни гьединаб музей хIажат гьечIин ва гьелъул хIалтIи гьабулезе кьезе шагьабиги гьечIин аби кинго бичIчIуларила.

XS
SM
MD
LG