МагъчIваялъе рес

Щай дагъистанияз Страсбургалъул диваналде гIарзал ритIуларел?


Страсбургалда бугеб Инсанасул ихтиярал цIунулеб халкъаздагьоркьосеб диваналъ хIукму гьабун буго ахирисеб 10 соналда жанир араб бакI лъачIого камурал чачаназул гIагаразе гIоло кIиго бащадгун миллион доллар компенсация хIисабалда Россиялъул хIукуматалъухъа бахъизе.

Гьеб темаялда тIаса нижер программаялъе баян гьабуна Хельсинкиялъул комитеталъул вакил ГIисаев АхIмадица.

Жиндирго хитIабалда Страсбургалъул диваналъ абулеб буго Россиялъул тIалъиялда квечIин жиб ритIухъ гьабизе ва гьанже Диваналъ Россиялъул хIукуматалде гIунтIизабуна 2006 соналдаса байбихьун 2009 сон щвезегIан 36 чачанав викъиялъул гIайиб.

Гьелъухъ Россиялъухъа гIаммаб къадаралда кIиго бащадгун миллион доллар бахъизе буго. Гьеб гIарац кьезе ккола камурал гIадамазул гIагаразе.

Гьеб буго иргадулаб хIукму Чачанлъиялда букIараб зулмуялда хурхараб.

Аммаила, абулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулезги, экспертазги, ахирисел соназ зулму цIикIунеб Дагъистаналдаса цониги гIарз битIун гьечIин Страсбургалъул диваналде, гьенир чIвадариги, гIадамал рикъиги гIемерлъулеб букIаниги.

Аслияб гIиллалъун гьел рехсолеб буго къурбаназул гIагаразул хIинкъи. Мисалалъе гьадин абулеб буго Хельсинкиялъул комитеталъул вакил ГIисаев АхIмадица. Жиндир заманалда гьесги Страсбургалъул диваналде гIарз битIун букIана ва иш бергьана.
АхIмад ГIисаев
АхIмад ГIисаев
АхIмад ГIисаев: «ТIоцебесеб иргаялда абизе ккараб буго Дагъистаналда гIаммаб хIинкъиялъул атмосфера бугин. Дида бихьухъе.

Гьеб гуребги, дида ккола мадугьаллихъ бугеб Чачан республикаялдаго гIадин гьенир жеги щулаго гIуцIун гьечIо инсанасул ихтиярал цIунулел къукъаби.

Дица гьеб абулеб буго рекIелъ кIудиябю гIагалигун. Гьале, дир хIисабалда аслияб кIиго гIилла».

ЭР: - Кинха бегьулеб хIинкъиялъукьа рорчIизе? Ва рорчIун Инс анасул ихтиярал цIунулеб Халкъаздагьоркьосеб Диваналде гIарз битIизе?

АхIмад ГIисаев: «Кин хIинкъиялъукьа ворчIизе бегьулебали? Гьединаб суалалъе жаваб хIисабалда дие бокьилаан дирго мисал бачине. Дие цIакъ хIажатаб букIана Европаялъул диваналде гIарз битIизе пачалихъалъ диде чIобогоял ва кьучI гьечIел гIайибал гIунтIизарун рукIиналъухъ.

Россиялъул хIукуматалъухъа гIарац бахъизегIан жеги кIудияб кIвар дица кьолеб букIана Лъидаго бачIеб Халкъаздагьоркьосеб диваналъ щибаб жоялде данде кколеб цIарги рехсон ритIухъаб хIукму гьабиялде.

Щив ккола къурбанлъун ва щив хIакъикъаталда - такъсирчилъун абураб суалалъе якъинаб жаваб кьун. Ахир-къад гьадин ккана. Гьелдаса нахъе лъилниги шаклъи хутIичIо жибго пачалихъалъ такъсир гьабун букIиналда».
XS
SM
MD
LG