МагъчIваялъе рес

Нахъеги жавабал гьечlел суалал


Волгоград, 02Янв2014
Волгоград, 02Янв2014

Волгоградалда ккарал террактазда бан халкъалъ загьир гьарулел пикраби цо ккурал гьечIо. Руго гьезда гьоркьор Кавказалъулал киналго Россиялдаса нахъе гъезе кколин абуралги цогидаги. Гьел пикраби жидер суалазе тIадтаразул рахъалдасан жавабал рагIунгутIиялъ рижулел ругин рикIкIунеб буго цо-цояз.

Волгоградалда гьарурал кьвагьиязул бицунареб бакI яги хъизам букIун батиларо Россиялда гьаб анкьалъ.

Аслияб къагIидаялъ суалал кьолел руго халкъалъ: Щай гьанжеги Волгоградалда? Кире ралагьун рукIарал хасал хъулухъалъул хIалтIухъаби?
Цере гьарурал къвагьиял щай дарслъун хутIулел гьечIел лъиениги?- ян абурал.

Амма суалазе кинабниги рахъалъ жавабал щолел гьечIолъиялъ халкъалъул рижизарулел руго жиде жидер пикрабиги.

Хасго интернеталда,социалиял гьиназда жиде-жидер пикраби загьир гьарулел руго халкъалъ.

Гьезда гьоркьор руго гIемерал радикалиял пикрабиги.
Мисалалъе, Кавказ Россиялдаса тIезабизе ккола. Киналго къватIисан рачIаразда ракь тезабизе ккола- ва гьел гурел цогидалги.
Ахирал кьвагьиязда бан социалиял гьиназда загьир гьарулел пикрабазул Волгоградалдаса блогер

Сергей Стукаловас Би Би Си телерадиокампаниялъе кьураб интервьюялда бицунеб буго гьадин.

Сергей Стукалов: «31 декабралдаса бахъараб,тIоцебесеб январалдаги, жакъасеб къоялде щвезегIанги халкъалъ гьоркьоб лъураб тема буго Волгоградалда гьарурал кьвагьиязул. Халкъалъ бицунеб буго кьвагьиязул, амма тIоцересел къояз букIараб гIадаб чарахвей дагьабго лъугIун буго.
Халкъалъ хIаракат бахъулеб буго бичIизе щиб лъугьунеб бугебали.
Ва жавабазухъ халккун чIун руго.
Амма халкъалъухъ цIакъ дагьаб гурони информация гьечIо.
ВачIана президент Волгоградалде.
Жавабал кинал рукIаниги щвечIо.
Ана лъукъаразухъе азарханаялде, баркала буго,тIобитIана данделъи хIинкъигьечIолъи чIезабиялъул суалазда тIасан. Жавабал гьечIо.
Полициялъ гьабсагIаталда тIобитIулеб буго операция «Вихрь антитеррор».
Документазул халшал гьабулеб буго, изну гьечIого кодоб бугеб ярагъ тIатинабулеб буго.

Гьел руго нилъее гьечIого гIоларел хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул тадбирал. Амма халкъалъе лъугьараб таралда бан кинал рукIаниги жавабал щолел гьечIо.
Гьедин лъидал халкъалъ лъолел руго суалал –

Щай хас гьабун ниж? Щиб лъугьунеб бугеб?
Кир ралагьун рукIарал хасаб хъулухъалъул хIалтIухъаби?-ян абурал.

Сергей Стукаловасул рагIабазда рекъон социалиял гьиназда ругел пикраби рикьизе бегьула радикалиял -цо лъица букIаниги нахъасан тункун загьир гьабулездеги жалго халкъалъул радикалиял пикрабаздеги.

Сергей Стукалов: «Пикраби руго бачIинахъего радикалиялги. Цо-цо радикалиял пикраби руго нахъасан тункулезул тIадецуялдалъун загьир гьарулел гIадал. Мисалалъе «Кавказ Россиялдаса тIезабизе ккола»- абурал пикраби руго щакал аккаунтаздасан рачIунел.
Гьебго заманалда руго гIадатияр гIадамазул радикалиял пикрабиги
-Кииналго къватIиса рачIарал нахъе гъезе ккола абурал
Амма аслияб къагIидаялъ социалиял гьиназда гIадамаз суалал лъолел руго.

- Кире ралагьун рукIарал хасаб хъулухъалъул хIалтIухъаби?

- Гъоб цояб теракт гьабун хадуб кIиго моцI гурони инчIеб мехалъ хIинкъи гьечIолъиялъул рахъ щай щулагьабун цIуничIеб?-абурал суалал руго халкъалъул.

Волгоградала карал кьвагьиязда гIадамазул пикрабазухъ гIеккулаго нижеца грачIвари гьабуна Москваялда гIумру гьабун ругел дагъистаниял Калиматилгун ва Сулейманилгун. Гьезулги гIуцIго суалал руго ахирал кьвагьиязда бан хутIун.

-Щай тIубан терроризм лъугIизабун бажарулареб? -Лъие къваригIун ругел гьел кьвагьиял? Гьел гурел цогидалги.

Калиматил рос Сулейманица жиндирго бербалагьиялда рекъо хIалбихьана лъугьунеб бахъунелъе жаваб кьезе. Гьес рикIкIунеб буго россиялъул президентлъун Владимир Путин вугогIан мехалъ терроризмалъулал актал Россиялда лъугIизе ратиларин абун.

Жапаров Сулейман: «Россиялда гьарулел кьвагьиял Владимир Путиница рикIкIуна халкъалда гьоркьосеб терроризмалъул бутIалъун. Халкъалда гьоркьосеб терроризмалде данде къеркьей гьесул къватIисеб политикаялъул аслияб рахъги буго. Гьелдалъун гьес жиндиего рейтинги гьабулеб буго. Гьединлъидал кьвагьиял лъугIизе ратиларо».

Гьеб буго Москваялда гIумру гьабун вугев дагъистанияв Жапаров Сулейманил терроризмалъул актазда бан загьир гьабураб жиндирго пикру.
Бищунго рахIат хвезабун буго дагъистаниязул Волгоградалда гьарурал кьвагьиязул гIайиб гьанжеги Дагъистаналде гIунтIизабизе бегьиялъ.

«Жеги кьвагьи гьабуразул я цIарал абун гьечIо, яги гьел кисаяли бицунеб гьечIоамма дир гьалмагъзабаз ЦIияб сон дида зигара бараб гIадин баркана»- ян бицунеб буго дагъистанияй Калиматица.

-Щай Дагъистан?

- Щай Дагъистаналъе цере тIалабалго лъечIого кьвагьиял гьаризе?

Ругониги гьечIониги яргъид гIуцIарал ругин лъазеги гьарун цересен чIван васал тIагIинаруниги буцIун чIун бугеб Дагъистан щай толареб?»-абурал суалал цоялда хадур цоял кьолел рукIана Калиматица.

Жаваб кьезе хIаракат бахъулеб букIана гьелъул рос Сулейманица.

Жапаров Сулейман:«Гьанже ирга Дагъистаналде щун гьечIищха. Цебе Чачаназул респубгика букIана,хадуб Гъалгъалъ букIана. Ислам колел республикабазда гурони терроризм киб бугин ха ТIадтараз абилеб?»

Гьадинал руго гьабсагIаталда Волгоградалда карал кьвагьиязда сверухъ гIадамазул пикрабиги жаваб гьечIел суалалги.

РакIалде щвезабуни Волгорадалда гьабураб кIиябго кьвагьиялдасан къварилъи карал гIадамазул къадар: хваразул 34 чи 70 гIанасев чи лъукъун вукIана гьездасан 62 чи вуго москваялъул ва Волгоградалъул азарханаязда. 3 январ ккола чIегIербаялъул ахираб къолъун
XS
SM
MD
LG