МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул полиция ва масъалаби


Экстремизмги ва полициялъул хIалтIухъаби чIвайги Дагъистаналда цIикIкIунел руго республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялда ругел ришватчилъи ва къануналхвезари сабаблъунилан рикIкIунеб буго Полициялъул ва прокуратураялъул хIалтIухъабазул профцолъиялда. Гьеб профцолъиялъул вакилзабаз гьал къоязда Москваялда тIобитIараб «гургинаб столалда» бицана низам цIуниялъул системаялда кинал масъалаби ругелали.

Полициялъул профцолъабазул ассоциациялъул нухмулъулев Алексей Лобаревас абуна данделъиялда, низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабазе аслияб масъалалъун кколин хIинкъигьечIолъи. Гьесул рагIабазда рекъон, исана Россиялда хIалтIуда чIван вуго 160 полициялъулав.

Данделъиялда гIахьаллъана Москваялда бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялъул нухмалъулев Александр Ермошкинги. Гьес абуна полициялъул системаялда гъорлъ чанги гъалмагъир кканилан ришватчилъи сабаблъун.

«ГIемерисел гIадамазул полицияздехун батIаго лъикIаб бербалагьи гьечIилан абизе бегьула. Полициялъулазда гъорлъ ратула чанги такъсир гьабуралги. Гьединазе гIадлу гьабизе ккола тIоцебе», - ян абуна Ермошкининица.

Вакилас абуралда рекъон, полициялъулал жидерго хIалтIи гьабизе ругьун гьаризе ккола. Мисалалъе, сварщикасда хIалтIи малъулеб буго цо соналда жаниб, полициялъуласда – ункъо моцIида жаниб илан абуна Ермошкиница.

Дагъистаналъул полициялъул ва прокуратураялъул хIалтIухъабазул профцолъиялъул нухмалъулев хисулев СалихI ХIажиевас абуна, марталда Москваялда кьун букIараб пресс-конференциялда гьесги цогидазги бицун букIанилан республикаялъул МВДялда ругел масъалабазул ва гьелдалъун гьенибе хассаб комиссия щванилан.

«Комиссиялъ хал-шал гьабулеб букIана МВДялъул хIалтIудал. Гьеб бачIине бугилан рагIидал, Жанисел ишазул министерлъиялда документал ритIизарие журана, цогидал идарабаздаги документазул гIадлу гьабизе байбихьана.

Гьезие бокьун букIана жидерго гъалатIал рахчине. Амма комиссиялде гъорлъе унезда гIемерал масъалаби ратана», - ян абуна ХIажиевас.

Гьесул рагIабазда рекъон, Дагъистаналъул МВДялда чанги суалалъе жаваб кьезе кIвечIо. Мисалалъе хъулухъазда щай мухIканал чагIи тIамулел ругел, гьел чагIазул ишазул халгьабугеян гриф щай лъун бугеб хасал хъулухъаз.

СалихIовас абухъе, хъулухъазда тIамуразда гъорлъ ратана гъекъолдухъаби, наркоманал. Гьесул пикруялда рекъон, Россиялъул Пачалихъалъул Думаялъул депутатал рачIине кколаан Дагъистаналде ругел масъалабазул бицине ва гьел тIураялъе нухал ратизе.

СалихI ХIажиев: «Жанисел ишазул министерлъиялъул нухмалъулесухъе дун чанги нухалъ щун вукIана. Чанги суалги гьоркьоб лъун букIана. Мисалалъе, ришватчилъиялъул такъсиразул чанги нухалъ бицун букIана.

Министрас абулеб букIана жив рази вугин гьединал масъалаби ругилан абулелгун ва гьел тIуразеги бокьун бугин. Гьес цIех-рехги байбихьана министерлъиялда. Амма гьеб цIех-рех тIаса-масанго гьабуна, ва батIаго щибго хисичIо, букIараб гIадин хутIана кинабго»

Полициялда ругел масъалабазул цояблъун ккола кадровияб кризисилан абуна профоциялъиялъул нухмалъулев МухIамад Шамиловас. Гьесул рагIабазда рекъон, полициялъул реформаялъ бугеб ахIвал-хIал жеги хIалуцинабуна: лъикIал хIалтIухъаби МВДялдаса нахъе гъуна.

«ТакъсирчагIазул цолъиялда сверун буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъи. Мисалалъе, МВДялъул системаялда киллеразул къокъа батана», - илан абуна Шамиловас.
XS
SM
MD
LG